Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тӏоцебесеб парад

Исана 76 сон тӏубана 1941 соналъул 7 ноябралда Москваялда Багӏараб майданалда СССРалъул яргъилал къуватазул парад тӏобитӏаралдаса. Гьеб букӏана тушман нилъер улкаялъул тахшагьаралде гӏагарлъулев вукӏараб заман. Чара гьечӏого хӏажат букӏана унеб бугеб рагъулъ бергьенлъи босизе.

Советиял гӏадамазул къей гьечӏолъиги Ватӏан цӏунизе гьезул бугеб гъираги бихьизабизе парад гӏуцӏиялъул букӏана кӏудияб рагъулаб операция гьабиялъул гӏадаб кӏвар ва гъваридаб магӏна. Гьеб букӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тӏоцебесеб парад.

1941 соналъул хаслихъе Москваялда аскӏоб загьирлъулеб букӏана ватӏаналъул къисмат кин ккезе бугебали. Гьеб заманалда Советияб Армия захӏматал шартӏазда багъулеб букӏана фашистазде данде. Цо-цо бакӏазда биял гӏодоре тӏолеб фронталдаги Москваялъул къадаздаги гьоркьоб бугеб манзил къокълъулеб букӏана 30 километралде щвезегӏан. Гьеб заманалда парад гӏуцӏизе лъиданиги ракӏалдегицин кколеб букӏинчӏо, амма И. Сталиница 28 октябралда лъазабуна парад тӏобитӏизе кколин.

Къокъаб заманалда жаниб гьелде хӏадурлъи гьабуна цӏакъ балъгояб къагӏидаялда. 6 ноябрялда метроялъул «Маяковская» станциялда тӏобитӏараб данделъиялдаса хадуб Тӏадегӏанав Главнокомандующияс партиялъул нухмалъулездаги рагъул командираздаги лъазабуна метер кида парад байбихьизе бугебали. Рагъул аскаразде гьеб буюрухъ щвана къаси сагӏат 11-ялда. Парадалде ахӏулел захӏматчагӏазухъе гьеб хабар щвезабуна 7 ноябралъул радал сагӏат 5-ялдаса байбихьун.

Тушманасда балъголъи загьирлъиларедухъ, щибаб соналъ Кӏудияб Октябралъул Социалистияб революциялъул хӏурматалда сагӏат 10-ялда гьабулеб букӏараб парад тӏобитӏана радал сагӏат 8-ялда.

Парадалъул заманалда Багӏараб майданалде самолетаз бомбаби рехиларедухъ, 5 ноябралдаса байбихьун нилъераз кьаби щвезабулеб букӏана фашистазул сверухъ ругел аэродромазде. Гьединлъидал гьеб байрамалъул къоялъ Москваялде щвечӏо цониги гитлерилазул самолет.

7 ноябралда 7 сагӏатгун 50 минуталда Ленинил мавзолеялъул трибунаялде рахана Иосиф Сталинги Москваялда хутӏарал советияб хӏукуматалъул членалги. Кӏудияб Октябралъул социалистияб революциялъ 24 сон тӏубаялда бан гьабулеб парад байбихьана сагӏат 8-ялда.

Парадалъе нухмалъи гьабулеб букӏана тахшагьаралъул гарнизоналъул нухмалъулев генерал-лейтенант Павел Артемьевас ва парад къабул гьабулеб букӏана Совет Союзалъул маршал Семен Буденныяс. Рагъулаб гӏуцӏиялъул гӏахьалчагӏазде хитӏабгун кӏалъазе вахъана оборонаялъул пачалихъияб комитеталъул (ГКО) председатель, СССРалъул яргъилал къуватазул Тӏадегӏанав нухмалъулев, Оборонаялъул нарком Иосиф Сталин. Гьес бицана Москваялда сверухъ унел ругел кьварарал рагъазулъ нилъер яргъилал къуватазул бергьенлъабазул ва, тушманасул «Тайфун» операцияги хвезабун, гьесул гьужум чӏезабун букӏиналъул хӏакъалъулъ. Парадалда солдаталгун, офицералгун цадахъ гӏахьаллъана Советияб Армиялъул бугеб къуватаб техника, артиллериялъул, танказул, рекӏаразул боял ва ветераназул гӏуцӏаби. Гьелъ халкъалъул рекӏелъ щула гьабулеб букӏана бергьенлъиялде бугеб божилъи. Гьединлъидал батила, аскаразул гьеб парадалдаги халкъалъ «божилъиялъулабилан» цӏарчӏвараб.

Гӏурусазда цадахъ Москваялда гӏагарлъухъ ккарал рагъазулъ гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул лебалал васазги. Гьел ккола: Агъул районалъул Тпиг росулъа Мухӏамад Гъандаев, Гъарабудагъкент районалъул Доргели росулъа Абусагӏид Гӏисаев, Догъузпара районалъул Усух-чай росулъа Хаирбек Заманов, Хасавюрталдаса маршал Михаил Воробьев ва Мамат Аджимуратов, Дербенталдаса Совет Союзалъул Бахӏарчи Владимир Громаковский, Казбек районалъул Гертма ва Инчха росабалъа Мухӏамад Гӏабдуллаев ва Ата Мирзабегов, Гумбет районалъул Аргъваниса Мухӏамад Сайпудинов, Болъихъ районалъул Гъагъалъа Гӏусман Аслуев ва гьел гурел гӏемерал цогидалги.

1941 соналъул 7 ноябралда букӏараб гьеб рагъул парадалда, нижехъ ругел баяназда рекъон, гӏахьаллъи гьабуна Лак районалъул Ханар росулъа Хӏажи Бугъановасги Буйнакск шагьаралдаса танкист Гӏалибег Жамалудиновасги. Гьел гьенисанго рагъдеги ана. Гьелдаго цадахъ, абизе ккола, Хӏажи Бугъанов вахъана Совет Союзалъул Бахӏарчилъун, ва гьев гӏахьаллъана 1945 соналъул 24 июналда гьебго майданалда тӏобитӏараб Бергьенлъиялъул парадалдаги.

Кинабниги гьеб хӏурматияб гӏуцӏиялда гӏахьаллъи гьабуна 28 500-ялде гӏагарун чияс, 16 тачанкаялъ, 296 пулеметалъ, 18 минометалъ, 12 зениталъул пулеметалъ, 140 гӏарадаялъ ва 160 танкалъ.

Гучаб гьуригун гӏазу пулеб букӏиналъ парадалда гӏахьаллъи гьабичӏо авиациялъ.

Парадалъул цӏилъиги политикияб кӏварги букӏана нилъер яргъилал къуватал гьенисанго рагъде унел рукӏиналъ.

Парад халатбахъана гӏицӏго 25 минуталъ, амма гьелъ бихьизабуна нилъер гӏадамазул рекӏелъ къвакӏи букӏин ва тушманасда тӏад бергьенлъи босизе бугеб таваккалалъул щулалъиги. Гьенир гӏахьаллъана къватӏисел пачалихъазул гӏемерал журналисталги.

Хадусан Гитлерил армиялъул командиразул хъвай-хъвагӏаязулъ батулеб букӏана фашистазе кинаб кӏудияб квалквал гьабураб гьеб лъугьа-бахъиналъали.

1941 соналъул 7 ноябралда гьединалго рагъулал парадал тӏоритӏана Куйбышевалдаги (гьанже Самара) Воронежалдаги.

Зикрула Илясов