Гьудуллъиялъул кьалбал
Дагъистанияз гуребги, къабул гьабула лезгинка
Санкт-Петербургалдаги буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдул ансамбль «Гьудуллъи». Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Ашраффудин Мехтиевас. 13 соналъ пана гьарулел руго «Гьудуллъиялъ» Россиялъул шагьаразул ва къватӏисел пачалихъазул гӏадамал. Ансамбль гӏахьаллъула санайил тӏобитӏулеб шагьаралъул фестивалалда. Исана ансамбль мустахӏикълъана тӏоцебесеб бакӏалъе.
«Гьудуллъиялда» кьурдулел руго цохӏо дагъистаниял гурелги. Гьеб берцин гьабун буго Россиялъул батӏи-батӏиял миллатазул гӏисинал вакилзабаз. Гьенир кьурдулезда гьоркьор руго Санкт-Петербург, Компино, Пушкин шагьараздаса 60 лъимер. Ансамбль щвана Китаялде, Алжиралде. Гьелъ гьединго цересел бакӏал ккуна батӏи-батӏиял фестивалазда. Масала, «Цӏвабзазул кунчӏи», «Цохӏо зодикь», «Цоцазул кверал кквелин, гьудулзаби», «Кавказалъул халкъазул фестиваль» ва цогидалги.
Санкт-Петербургалда вугев Дагъистаналъул вакил Хӏасан Хӏасановас абуна:
— Ансамблялъ гӏагар гьарулел руго Россиялъул миллатал. Балагьаразе лъикӏаб асар гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул кьурдабаз. Гьадинал церерахъиназ бицуна цогидазе Дагъистаналъул гӏадатазулги, культураялъулги, гӏадамазулги хӏакъалъулъ. Ашраффудин вуго жиндирго хӏалтӏуе ракӏги кьун хӏалтӏулев чи. Гьединаз бицуна дунялалъе гӏагараб ракьалъул хӏакъалъулъ. Жеги гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ракӏалда буго гьесда,- ян.
Гьарула Ашраффудиниеги гьесул гӏисинал гьунарчагӏазеги дагьабги машгьурлъиги гьунаралъе цӏубайги. Жеги гӏемерал саназ рохизареги нилъ ансамблялъул церерахъиназ.