Дагъистаналъул районазул лъел гӏуцӏиялъул баян кьолеб буго гӏалимзабаз
Гьекъолеб лъим бацӏцӏадаб букӏине кколеблъиялде цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго ахираб заманалда. Гьелъие гӏиллалъун ккана Хасавюрт районалда ва цогидал бакӏазда бакьазул унтаби цӏикӏкӏин ва цадахъго гӏемерал гӏадамал унти. Гьелде тӏадеги, тохтурзабаз абулеб буго тӏулал, зобалъул, онкологиялъул унтаби ккеялъеги гӏиллалъун кколин лъел чороклъи. Гьеб рахъалъ лъикӏаб хӏал гьечӏо тӏолабго Россиялдаги.
2013 соналда хӏалтӏизе байбихьана «О водоснабжении и водоотведении» абураб №416 федералияб закон, гьелда рекъон, бакӏалъул нухмалъиялда тӏадаб гьабун буго лъел мухъазулги канализациялъулги инвентаризация гьаби. Гьединго муниципалитетаз бацӏцӏадаб лъедалъун халкъ хьезабиялъул мурадалда, Роспотребнадзоралъ хӏадурараб планалда рекъон, цадахъ хӏалтӏизе жавабиял идараби тӏасарищизе ккола ва лъел даражаялда хадуб халкквей чӏезабизе ккола. Гьебго законалъ тӏалаб гьабулеб буго районалда ва росабалъ бугеб лъел даражаялъул баянал муниципалитеталъул сайтаздасаги СМИяздасаги кьеян.
Гьеб законалъул тӏалабал тӏуразариялъул мурадалда гӏатӏидаб цӏех-рех гьабун буго ДФИЦалъул гӏалимзабаз. Мугӏрузул районазда ругелщинал иццазулги, лъаразулги, гӏоразулги химикияб анализги гьабун, щибаб росулъе бачӏунеб лъелъ ругел заралиялгун пайдаял микроэлементазул мухӏканал баянал хӏадурун руго гьез. Иццулъ ратарал заралиял микроэлементаздаса лъим бацӏцӏад гьабизе фильтралги хӏадур гьарун руго. Фильтразулъ хӏалтӏизарун руго бакӏалъулго материалал, масала, куракул гъотӏол тӏурччи ва гь.ц.
Щивасул ихтияр буго кинаб лъим жинца гьекъолеб бугебали лъазе. Гьединлъидал цӏех-рех гьабурал гӏалимзабазе – Арсен Магьдиевасеги, Мустангер Гӏабдуллаевасеги, Малик Гъапуровасеги, Ахӏмад Гӏамировасеги, Заур Кубатаевасеги – баркалаги кьолаго, «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ хӏукму гьабуна магӏарул районазул иццазул хӏакъалъулъ ругел баянал газеталда рахъизе.