Дарсал кьеялъе аслиял алатал — доска, мел ва указка

Шамил районалъул Гьолокь росу буго лъабго районалде унеб шагьранухда аскӏоб. Росу буго гӏезегӏан кӏудияб, ва, гьениве щведал, пикру букӏана росдал школаги батилин гьаб заманалъул алатаздалъун хьезабураб ва гьелда рекъон цӏалдохъабазе лъайги кьолеб. Амма хӏакъикъат батана батӏияб.

Машгьурав профессор Мухӏамад Макъсудовасул цӏаралда бугеб школалъул тарихалъул, гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул, цӏияб цӏалул соналде гьабун бугеб хӏадурлъиялъул, гӏолел-гӏоларел рахъазул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна школалъул директор Гъазимухӏамадов Гӏалиханилгун.

— Росабазул школазул директорзабазул гӏарз букӏуна лъимал дагьлъун ва учительзаби гӏоларого ругин. Гьеб рахъалъ нужер школалда иш кин бугеб?

— Жакъа школалда вуго 152 цӏалдохъан ва 33 учитель. Лъабгониги специалист вуго ингилис мацӏалъул. Учительзаби гӏемерлъун, гьезие гӏураб нагрузка кьезе рес гьечӏолъи буго квеш ккараб жо. Байбихьул классазул учительзабазул гурони, тӏубараб нагрузка бугев учитель къанагӏатги гьечӏо.

— Районалъул цогидал школазда дандеккун цӏалдохъабазе лъикӏаб лъай кьеялъе школалда кинал ресал ругел?

— 1960 соналда бараб мина буго гьаб. Гьелдаса нахъе (59 сон) школалъе гьабун букӏинчӏо капиталияб ремонт. Тӏох басралъун букӏиналъ, цӏад балеб мехалда, классазда лъим чваххулел бакӏазда гъоркь тӏарсал лъезе кколаан. Къадал жагъаллъун, чердак турун, гордал басралъун, школалда жанире лъугьинего хӏинкъараб хӏал букӏана. Хасало, классазда букӏараб квачаялъ, цӏалдохъабиги учительзабиги пальтобиги ретӏун рукӏунаан. Гьеб ахӏвал-хӏал бихьидал, районалъул бетӏер Хӏасанов Мухӏамадица абуна: «Нуж кингӏаги гьанир хӏалтӏулел рукӏарал?» — ан. Гъоркьиса гьес, «100 школа» абураб программаялде гьоркьобеги бачун, школалъе ремонт гьабиялъе хӏукуматалъул грант щвезабуна. Гьеб гуребги, ремонт гьабизе гӏарцулаб кумек гьабуна ресалда ругел росуцоязги. Жакъа нижер гӏадин чӏухӏун къачӏараб школа дида шагьараздацин бихьичӏо. Кинабго буго берккеялда хӏинкъараб хӏалалда.

— Материалиябгун техникияб рахъалъ школа кин хьезабун бугеб?

— Гьеб рахъалъ иш квеш буго. Гӏемерисел алатал руго 30-40 соналъ цере росарал. Ахирал соназ школалъе батӏияб-цӏияб жо щибго щвечӏин абизе бегьула. Цоги предметазулни киб гурин, физика, химия гӏадал кӏвар бугел предметазулги гьечӏо кабинетал гӏуцӏиялъе чара гьечӏого хӏажатал алатал. Гӏелмияб хӏалбихьиги (эксперимент) гьабичӏони, хӏажатал берзул алаталги гьечӏого, кинаб хӏасил букӏинеб гьел предметал кьеялъул?! Жакъа школалда хутӏун руго басралъарал, нусго нухалъ къачӏарал, лъайкьеялъе цӏакъ мукъсанаб гурони пайда гьечӏел алатал. Къокъго абуни, школалда дарсал кьеялъе ругел аслиял алатал ккола доска, мел ва указка. Гьечӏо цониги интерактивияб доска.

— Дагъистаналдаго лъала гьакьадерил волейболисталги лъетӏахъабиги…. Цӏалдохъабиги росдал гӏолилалги спорталде машгъуллъизариялъе кинал ресал гӏуцӏун ругел?

— Нижер росдал волейболистазул цӏарал Россиялдаго лъала. Дагъистаналъул волейболалъул командаялда гъорлъ кидаго хӏала ункъо-щугониги гьолокьисев. Россиялъул росабазул командабазул волейболалъул къецазда росдал командаялъ тӏоцебесеб бакӏ босана. Нижеда бищунго захӏмалъараб ва унтараб жо ккола я росулъ яги школалда спортзал гьечӏолъи. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвачӏеб бакӏ течӏо, амма щибго хӏасил кколарого буго.

— Лъималазе захӏматалъулаб тарбия кьеялъе ва гьезие кинаб бугониги махщел щвеялъе кинал ресал ругел школалда?

— Мастерская хвана, алатал рекана-тӏагӏана. Кверзул махщалиде лъимал ругьун гьариялъе кинабгӏаги рес гьечӏо, гьединлъидал захӏматалъулаб тарбия кьей цӏалул тӏехьалдаса теория малъиялдалъун тӏубазабула. Ахикь ва бахчаялда цӏалдохъаби хӏалтӏизе ругьун гьариялъулги пайда камилищха.

— Лъималазул цӏала-къалиялъул рахъ босани…

— Хӏасилал квешал гьечӏин абила дица. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Араб цӏалул соналъул хӏасил гьабулаго, школалъул цӏалдохъабаз ЕГЭ, районалдаго бищунго лъикӏ (гьоркьохъеб хӏисабалда 75-80 балл) кьуна. Школа лъугӏун арал киналго лъимал лъугьана цӏалул заведениязде. ОГЭялъулги ккана гьединалго хӏасилал. Гьел хӏасилаздаса ниж рази руго.

Нижеца хӏаракат бахъула районалда тӏоритӏулел олимпиадабазда ва конкурсазда гӏахьаллъизеги. Амма араб цӏалул соналъул хӏасилаздаса ниж рази гьечӏо. Гьелъие бугеб аслияб гӏилла ккола, харж мукъсанаб букӏиналъ, гъеж гурун хӏалтӏизе учителасул гъира балеб гьечӏолъи. (Тӏубараб ставкаялда (18 сагӏат) учителасе моцӏрое щолеб буго ичӏазарго, уборщицаялъе 12 азарго гъуруш). Гьеб кколарищ учитель хӏакъир гьави? Тӏадежоялъе къотӏизабуна гъира базабиялъеян кьолеб букӏараб гӏарацги. Оклад цӏикӏкӏинабуна лъикӏ хӏалтӏулесеги, квеш хӏалтӏулесеги цого хӏисабалда. Харж кьеялъул гьеб къагӏида мекъи бугин рикӏкӏуна дица.

— Щибха букӏине бугеб школалда исана батӏияб-цӏияб жо?

— «Точка роста» абураб проекталда рекъон, школалда цӏияб къагӏидаялда гӏуцӏизе ккола захӏматалъул ва ОБЖялъул дарсал кьеялъул хӏалтӏи. Гьезие хасал кабинетал къваригӏунин абун, тӏоцебесеб сменаялда хӏалтӏулел рукӏарал цо-цо классал кӏиабилеб сменаялде рачине ккана. Гьеб мурадалда кӏиго класс-рукъ эркен гьабуна, амма гьезда жаниб лъезе гьечӏо гьел предметазе къваригӏунеб цониги алат.

— Щибха бугеб школалъул коллективалда цебечӏараб аслияб масъала?

— Коллективалъул аслияб масъала ккола цӏалдохъабазе лъай ва тарбия кьеялъул даража борхизаби, ЕГЭялде ва ОГЭялде лъикӏ хӏадурлъи ва, гьеб мурадалда, Тӏолгороссиялъул хӏалбихьиялъулал экзаменазул хӏасилал лъикӏлъизари.

— Цӏалдохъаби ватӏан бокьиялде ругьун гьариялъул хӏалтӏи школазда рехун тун бугин абизе бегьула. Гьеб хӏалтӏи нужеца кин гӏуцӏун бугеб?

— Битӏараб буго, ахирал соназ гьеб хӏалтӏи тӏаса-масаго тун буго. Цебе рагъул гӏахьалчагӏи ахӏулаан школалде, НВПялъул дарсазги гьелъие квербакъулаан. Ветеранал хвана, НВПги тарихалде ана…. Школалда буго рагъул гӏахьалчагӏазул хӏакъалъулъ бицунеб стенд. Хӏасил-калам, нижер школалдаги гьеб хӏалтӏи кколеб даражаялда гӏуцӏун гьечӏо.

Гьелдаго цадахъ материалиябгун техникияб база мукъсанаб букӏиналъ буго школалъул хӏалтӏи нахъе ккезабун. Лъикӏаб лъай кьеялъе школалда чарагьечӏого къваригӏуна кабинеталъулаб система. Цӏигьабун къачӏараб школаги бугелъул, цӏакъ бокьилаан Лъайкьеялъул министерствоялъ ва районалъул тӏалъиялъ гьеб рахъалъ нижее кумек гьабуни.

— Кин гӏуцӏун бугеб авар мацӏ малъиялъул хӏалтӏи? Авар мацӏалъул дарсазда учительзабаз пайдаго босулищ «Хӏакъикъаталда» рахъарал методикиял ва тарбия кьеялъул темабазул макъалабаздаса?

— Школалда руго авар мацӏалъул дарсал рачунел специалистал: хӏалбихьи бугей учительница Мухӏамадова Жавгьарат ва гӏолохъанай учительница Гӏумарова Хажа. Буго авар мацӏалъул кабинет, тӏоритӏула батӏи-батӏиял конкурсал, авар мацӏалъул анкьал, машгьурал шагӏирзабазул къоял. Гьолокьа вукӏана Расул Хӏамзатовасул гьудул, машгьурав кочӏохъан Мухӏамад Гӏумаров. Гьев ракӏалдещвезавиялъул мурадалда тӏоритӏула дандеруссинал.

Учительзабаз хъвала «Хӏакъикъат», гьеб нижее бокьула ва гъираялда цӏалула. Гьенир рахъулел макъалабаздаса учительзабаз жидеего пайда босулин дица абиларо. Амма кӏвар кьечӏогоги толаро.

Нури Нуриев