Халкъал цолъиялъул къоялде
Рузман къоялъ Дагъистаналъул миллиял газетазул журналистазул кӏудияб къокъаялъ сапар бухьине буго Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъе.
Гьел щвезе руго росдал школалде, тарихиял бакӏазде, Хицӏиб магъилъе, Надир-шагь щущахъ виххизавураб бакӏалде. Гьениб бицине буго росдал ва росулъа рахъарал машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ, Надир-шагь щущахъ виххизавиялъулъ дагъистанияз бихьизабураб бахӏарчилъиялъул, къоккедал букъараб зар гӏадин цадахъ рахъине хӏадураб нилъер халкъалъул ва гӏемераб цогидалъулги. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицина газеталъул хадусеб номералда.