106 ополченцасе — Бихьинчилъиялъул орден
Болъихъ росулъ рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаги, Афгъанистаналдаги, 1999 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназдаги хварал ракьцоязул хӏурматалда бараб памятник.
Гьеб рагьиялъул байрамалда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги. Гьес ракӏалдещвезаруна 20 соналъ цере ккарал лъугьа-бахъиналги магӏарулаз бихьизабураб бахӏарчилъиги ва гьадин бицана: «106 ополченцасе кьуна Бихьинчилъиялъул орден, 42-ясе – «Ватӏаналъе гӏоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденалъул II-абилеб даражаялъул медаль, 16 чиясе – «Къвакӏиялъухъ» абураб медаль, нус-нус дагъистаниясе кьуна республикаялъул шапакъатал, микьго дагъистанияв мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏаралъе. Гьел лъугьа-бахъиназул заманалда Цӏумада, Болъихъ ва Цӏияб Лак районазул гӏадамазе ккана кӏудияб зарал. Россиялъул президентас кьуна дагъистаниязул бахӏарчилъиялъе кӏудияб къимат. Дун чӏухӏарав вуго жакъа доб заманалъул бахӏарчиял лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазе шапакъатал кьезе рес щвеялдаса. Дир ракӏчӏола, цадахърекъон хӏалтӏани, нилъехъа бажаризе буго Дагъистан цебетӏезабиялъул мурадалда гӏемерал ишал гьаризе», — ян.
Ополченцазе
шапакъатал кьуна
Байрамалъул данделъиялда Болъихъ районалъул бетӏер Мухӏамад Патхӏулаевас баркала кьуна В. Васильевасе – районалъе гьабулеб бугеб квербакъиялъухъги кумекалъухъги. Цинги Владимир Васильевас абуна: «Нилъеца кӏодо гьабулеб буго кӏудияб кӏваралъул лъугьа-бахъин. Расул Хӏамзатовас доб мехалда абун букӏана нилъехъе рачӏунел хъачагъазе бокьун букӏанин Дагъистан дагъистанияздаса эркен гьабизеян абун. Халкъалдаги лъикӏ бичӏчӏулеб букӏана лъугьа-бахъунелъул магӏна. Нужеца гӏуцӏана лъикӏлъиялдаса квешлъи батӏабахъулеб фронт. Баркала нужее», — ян.
Республикаялъул бетӏерас бицана дагъистаниязул гӏумруялъе шартӏал гӏуцӏиялъул мурадалда тӏоритӏулел тадбиразулги, гӏумруялде рахъинарулел проектазулги ва гьел гӏумруялде рахъинариялъе меценатазул гӏахьаллъиялъулги хӏакъалъулъ. «Гьединаб цадахъаб хӏаракаталдалъун къачӏана ва рана цӏиял школал. Гьеле гьеб хӏалтӏиялъги нужер бахӏарчияб гьунаралъги цолъизарула нилъ ва гьедин лъугьуна гъункараб халкъ. Президентасги кӏвар кьола нилъеде. Нилъеца гьабулеб ишалъе кумекги гьабула гьес», — ан бицана Владимир Васильевас ва медалал кьуна Цӏумадагун Болъихъ районаздаса ополченцазе.
Муса Азаев