Гьал къоязда кӏодо гьабуна Шамил район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай

Байрамалде цудунго хӏадурун букӏана щибаб росдал жамагӏат. Тӏоритӏана субботникал, данделъаби ва бищунго цӏикӏкӏун къачӏана Хӏебда росулъ бугеб хӏухьбахъиялъул парк. Байрамалъул къоялъин абуни гьениб мухъккун тӏиритӏун рукӏана щибаб росдал майданал. Щибаб майданалда букӏана пихъалгун овощалги, гьанал ва рахьдал батӏи-батӏиял нигӏматалги, жакъа къанагӏалъун ругел гьохъил, цӏоросаролъул, гӏатӏал гьабураб квенги, урбагун бахъухъги, мохмохги, пихъил соказде, хурдузул чаялде гӏунтӏун батӏи-батӏиял нигӏматалги. Аскӏорго рахъун чӏун рукӏана росабазул бутӏрулги, культураялъул хӏалтӏухъабиги, жамагӏатчагӏиги. Гьел нигӏматазул хӏалги бихьулаго, унел гӏадамазул къадарги дагьлъулебго букӏинчӏо. Аваргӏурул чвахиялъул гьаракь къинабулеб букӏана ахӏулел кучӏдуз, бухулеб къолоца, пулеб зурмица. Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас, жамагӏатазе ва тӏаде рачӏарал гьалбадерие саламги кьун, бицана районалъул гӏумруялъул ва гьелъ нахъа тараб тарихалъул хӏакъалъулъ. Рехсана район гӏуцӏаралдаса батӏи-батӏиял соназ районалъе нухмалъи гьабуразулги ва район машгьур гьабурал ракьцоязулги цӏарал. Абуна Хӏажимурад Хашаев гьавуралдаса 110 сон, Мухӏамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон, Мухӏамад Гӏабдуразакъов гьавуралдаса 80 сон тӏубай кӏодо гьабизе бугиланги. Гьединго цӏарал рехсана район машгьур гьабурал Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи Сайпула Абакаровасул, 25 соналъ Дагъмединституталъул ректорлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Макъсудовасул, сахлъи цӏуниялъул министрлъун хӏалтӏарав Ибрагьим Ибрагьимовасул, 19 соналъ республикаялъул парламенталда вукӏарав, профессор, Дагъистаналдаса тӏоцеве вахъарав самбоялъул рахъалъ СССРалъул чемпион Суракъат Асиятиловасул цӏарал. Район машгьур гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул ичӏго докторас, тӏадегӏанаб лъаялъул ункъо докторас, техникиял гӏелмабазул цо докторас, экономикиял гӏелмабазул ункъо докторас, РФялъул мустахӏикъав лъабго тохтурас, РФялъул мустахӏикъав лъабго учителас, цо РФялъул промышленносталъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанас, РФялъул мустахӏикъав бакӏал ралев кӏиго чияс, цо РФялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанас, лъабго ДРялъул халкъияв шагӏирас ва хъвадарухъанас, щуго ДРялъул халкъияв артистас, рикӏкӏен гӏемерал гӏелмабазул кандидатаз, дунялалъул, Европаялъул чемпионаз.

Райадминистрациялъ кидагосеб кӏвар кьола районалда лъайкьеялъул, сахлъи цӏуниялъул, росдал магӏишат ва гьенире инвестициял тӏалаб гьариялъул, социалиб рахъалъ нахъе ккаразул, культураялъул, спорталъул, туризмалъул ва цогидалги суалал гӏумруялде рахъинариялде. Ахираб щуго соналда жаниб райбюджеталъул кумекалдалъун ремонт гьабун буго 22 социалияб объекталъе (44 млн гъурущ). Социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ мугӏрузул районазда гьоркьоб Шамил районалъ 2013 соналда ккуна тӏоцебесеб бакӏ, 2016 соналда – кӏиабилеб бакӏ ва 2017 соналда – тӏоцебесеб бакӏ. Районалъул аграрияб секторалда хӏалтӏулеб буго 18 СПК, 38 гьитӏинаб СПК ва 45 фермерасулаб магӏишат. Ахираб 10 соналда жаниб росдал магӏишаталъул валовияб продукциялъул къадар цӏикӏкӏун буго лъабго нухалъ ва гьеб бахун буго 1 млрдгун 232 млн гъурщиде. 2019 соналъул 1 январалде ругел баяназда рекъон, районалда буго чӏегӏерхӏайваназул 30790 бетӏер (гьездаса 1478 гӏака), 137311 бетӏер гӏи-цӏцӏаназул. Кӏвар кьолеб буго чуял гӏезариялде (1800 чу), наял хьихьиялде (ункъазарго тӏала), ахал гӏезариялде, пиринчӏ бекьиялде (240 гектаралда бекьана гьеб).

Гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго нухал-кьоял раялъе, росабалъе лъим бачиналъе. ДРялъул хӏукуматалъ гьабураб хӏукмуялда рекъон, Хӏебда росу лъедалъун хьезабиялъе бихьизабун буго 5 млн 286 азарго гъурущ. Районалъул байрамалда гӏахьаллъи гьабизе вачӏун вукӏана хӏукуматалъул председателасул заместитель Абулмуслим Абулмуслимов. Гьесги баркана районалъ 90 сон тӏубай ва цӏалана республикаялъул бетӏер В. Васильевас битӏараб баркиялъулаб кагъатги. Районцоязда байрам баркизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул, Хунзахъ, Гъуниб, Унсоколо, Чӏарада, Цӏунтӏа, Гӏахьвахъ, Цӏумада районазул нухмалъулелги. Гьезул рахъалдасан баркиялъулаб кӏалъай гьабуна республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб зонаялда вугев вакил Мухӏамад Камиловас. Кӏалъазе вахъарав КЭМЗалъул генералияв директор Мухӏамад Ахӏматӏовас абуна: «Дица ва нижер заводалъул тӏолабго коллективалъ баркула районцоязда гьаб рохалилаб байрам. Жакъа нижер заводалъ къватӏибе биччала авиациялъулаб промышленносталъе къайи. Гьенир хӏалтӏулел руго нилъер районалдаса бажариги гьунарги бугел гӏолохъабиги. Дица гьездаги абула, районалъул гӏолохъабаздаги абулеб буго, щивас кӏвараб куцалда бутӏа лъезе ккола район цебетӏеялъе. Цӏале, цӏале, щула гьабе нужерго лъай», — ан.

ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовгун цадахъ церерахъана Мухӏамад Хӏамзаев, Мухӏамадрасул Гӏумаров, Залму Мухӏамадова, Къурбанмухӏамад Мухӏамадов, Манарша Гӏисаева. Гьезги цӏалана жиде-жидерго кучӏдул.

Баркиялъулаб кӏалъай гьабуна медицинаялъул гӏелмабазул докторзаби Расул Мажидовас ва Мухӏамад Ахӏмадовас, «Магӏарулай» журналалъул бетӏерай редактор Баху Мухӏидиновалъ, Мухӏамад Танкаевасул цӏаралда бугеб патриотикияб лъайкьеялъул фондалъул нухмалъулев Хӏасанхӏусен Гӏабдулзагьировас. Гьес 14 лъимер гӏезабурай Мухӏамадова Патӏиматие кьуна «Бахӏарчияй эбел» орден, шагӏир Залму Мухӏамадовалъе – «Честь и гордость Дагестана» абураб каранда балеб гӏаламат. ДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул рахъалдасан лъабго учителасе кьуна «ДРялъул лъайкьеялъул отличник» абураб цӏар, кӏигоясе — Хӏурматалъул грамота.

Къалъудаса хадуб «Аваргӏор — гьудуллъиялъул гӏор» абураб цӏаралда гъоркь районалда микьабилеб нухалда тӏобитӏана республикаялъул фольклоралъул культурияб фестиваль. Гьениб жиде-жидер гьунар бихьизабуна Гъуниб, Гӏахьвахъ, Чӏарада, Бежтӏа, Хунзахъ, Лъаратӏа, Унсоколо, Гумбет, Цӏунтӏа районазул фольклоразул ансамбляз. Балагьаразе кӏудияб асар гьабуна Ростов областалъул «Православный Дон» муниципалияб ансамблялъ. Нахъе ккезе чӏечӏо бакӏалъулаб «Дагъбаш» ансамбльги.