Гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго пластикалдаса инкар гьабизе кколин
Ахираб чанго соналда жаниб Германиялъул гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехаз бихьизабуна лъималазул чорхолъе пластикаялъул микрочастицаби кколел рукӏин. Германиялъул Сверухълъи цӏуниялъул федералияб министерствоялъул ва пачалихъияб институталъул специалистаз щуго соналда жаниб, гьоркьоса къотӏичӏого гьарулел рукӏана, 17 сонил ригьалде рахинегӏан лъималазул кӏващул анализал. Халгьабулеб букӏана кинаб къадаралда гьелда гъорлъ пластик батулебали. 97 проценталъул кӏващулъ ратана 11 батӏияб тайпаялъул пластмассаялъул лъалкӏал (микрочастицаби). Лъималазул чорхолъе гьеб химиялъул гӏаламатал расанкӏабаздасан яги шушбузухъа гьекъолеб лъедасан ккун бугин чӏезабуна немцазул гӏалимзабаз. Гьединго гьез абулеб буго анализазулъ рак унти лъугьинабулеб химикияб кислотаялъул (ПФОК) хутӏелал ратулел ругиланги. Гьез лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго пластикияб къайиялдаса тӏубанго инкар гьабизе кколин абун. Амма кинха гьелдаса цӏунилел, сверухълъиго гьелъ цӏун бугеб мехалда?
Щай Россиялъе чияр рищни?
Таможняялъул статистикиял баяназда рекъон, 2019 соналда Россиялъ къватӏиса пачалихъалдаса босулеб пластикалъул рищни-къулалъул къадар цӏикӏкӏана. Бищунго цӏикӏкӏун рищни-къул Россиялде бачӏуна Турциялдаса ва Белоруссиялдаса. Нилъер улкаялъе кинабниги 18 улкаялъ жидерго рищни-къул бичулеб буго – гьезда гьоркьоб буго СШАги Украинаги. Щайха Россиялъе чияр рищни, хасго гӏасрабаз турулареб пластик?
Россиялъ къватӏисел пачалихъаздаса босула рищни гуреб, хӏалтӏизабун гӏодобе рехараб пластик яги цогидаб къайи гьабизе бегьулеб магъакь. Россиялъул заводазде къватӏисел пачалихъаздаса пластикаялъул шушби рачӏуна дандеги къазарун ва гьелъул цӏидасан цогидаб алатги гьабула.
Таможенниялъул статискиял баяназда рекъон, 2018 соналда къватӏисел пачалихъаздаса босун буго 20,3 миллион долларалде пластикиял хутӏелал. 2017 соналда дандеккун 32 проценталъ цӏикӏкӏун буго гьеб.
2019 соналде щвезегӏан Россиялдаго букӏана ихтияр гьечӏого гьабураб 11000 рощнол гохӏ. Щибаб соналда Россиялда хӏалтӏизабула ва гӏодобе рехула пластикалъул шушбузул ва цогидабги полимералъулаб рощнол лъабго миллион тонна, амма гьеб къанагӏат гурони батӏа гьабуларо. Батӏа ва цогидаб магъкьидаса бацӏцӏад гьабула гӏицӏго 10-15 процент рощнол. Хутӏараб загьруяб полимералъул цӏураб рищни цебе ккаралъубе бан тола. Щайха нилъерго улкаги рощнолъ тӏерхьизе тун, заводазда хӏалтӏизабизе къватӏисел пачалихъаздаса рищни-къул босулеб? Россиялъул рищни цогидаб къайиялде буссинабулел заводаздаян абуни, рощнол сурсат гӏолеб гьечӏо, гьединлъидал къватӏисел пачалихъаздаса рощноде буссараб пластикаги босулеб буго. Нилъерго рищни-къул батӏа гьабун бакӏаризе кӏвахӏаллъиялъ яги кӏвар гьечӏолъиялъ къватӏисел пачалихъаздаса гӏарцухъ бичун босулеб буго рищни. Швейцариялда, Япониялда ва Канадаялда жидерго заводазда биун цогидаб къайи гьабизе пластикияб рощнол 90 процент хӏалтӏизабула. Россиялда гьединаб даражаялде рахине цо нусго соналдасаниги кӏвезе батила.
Реформаялъул хӏасил
2019 соналда Россиялда рищни бакӏариялъул ва гьелъухъ гӏарац кьеялъул къагӏидаби хисаралдаса байбихьана ихтияр гьечӏого гьарурал рощнол гохӏал дагьлъизариялде кӏвар кьезе. «Рощнол реформаялда» рекъон, гӏадамаз рищни батӏа гьабун базе кколаан къалазухъе. Улкаялъул цогидал регионазда кинаб къагӏидаялъ гьеб батӏа гьабулебали лъаларо, Дагъистаналда щибаб къолода тӏад игӏланал чӏваниги рищни батӏа гьабун бажаричӏо. Лъидаха гӏайиб бугеб? Гӏадамазул кӏвахӏаллъийищ гьеб? Гуро, гӏадатиял гӏадамазда бихьулеб буго гьез батӏа гьабуниги, гьабичӏого таниги, киналго къалазухъ бугеб рищни цого машинаялде тӏадеги бан баччун унеблъи.
ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ «Лидер» УК регионалияб операторгун цадахъ Махӏачхъалаялда рагьана кӏиго «Экопункт». Гьел пунктазде бичун босула кӏиабилеб нухалда жиндаса цогидаб къайи гьабизе бегьулеб, гӏадамаз гӏодобе балеб пластик, цӏер, кагъат. Кагътил килограммалъухъ кьолеб буго кӏиго гъурущ, пластикалъул килоялъухъ – микьго гъурущ, цӏорохъ – кӏиго гъурущ. Гьединаб рищни-къул бичизе бегьула Махӏачхъалаялъул Шамилил къватӏалъул, № 34 минаялда ва Абубакаровасул къватӏалъул № 98 минаялда рагьарал «Экопунктазда». Махӏачхъалаялда гьединаб чанго пункт рагьизе бугин абулеб буго ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ.
Рищни-къул бичун босулел бакӏал
Тӏоцебесеб октябралда Махӏачхъалаялда, редукторазул поселокалда тӏобитӏана нилъеда сверухъ бугеб тӏабигӏат цӏуниялъул мурадалда, кӏиабизе хӏалтӏизабизе бегьулеб сурсат бичун босулеб, «Букӏинесеб цадахъ рекъон цӏунизин» абураб акция. Гӏурус учительницаялъе бараб памятникалда аскӏоб ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ ва «Лидер» УКялъ гӏуцӏараб акциялда гӏахьаллъана Махӏачхъалаялъул медицинаялъул колледжалдаса волонтерал, гьенир аскӏор ругел школазул цӏалдохъаби ва журналистал. Цӏалдохъабаз ричизе цадахъ росун рачӏана басриял тӏахьал, журналал, кагъат. Акциялъул аслияб мурадлъун букӏана нилъеда сверухъ бугеб тӏабигӏат, шагьаралда рацӏцӏалъи цӏуни.
«Экопункт» проекталъул координатор Мухӏамад Мухӏамадовас бицана акция тӏобитӏулеб бугин тахшагьаралъул гӏадамазда кӏиабизе хӏалтӏизабизе бегьулеб басрияб къайи къабул гьабулел бакӏал Махӏачхъалаялдаги рукӏин лъазабизелъун.
«Республикаялда «Экопунктал» рагьулел руго рацӏцӏалъи цӏуниялъул мурадалда. Гӏагараб заманалда Махӏачхъалаялда жеги гьединабго анлъго бакӏ рагьизе ракӏалда буго. Нижеца бичун босула кагъат, пластик ва цӏер. ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Карачаевас нижеда тӏадкъан буго Каспийск, Буйнакск ва Гъизилюрт шагьараздаги экопунктал рагьизе. Хадубккун цогидал шагьараздагун районаздаги хӏалтӏизабизе рес буго гьеб къагӏида. Нижеца бичун босараб ва данде бакӏарараб пластик щвезабула Дербенталъул предпринимателазухъе, цӏер битӏула Дагъистаналъул Огни шагьаралде — цӏер гьабулеб заводалде. Нижеца битӏараб цӏер гьениб биинабула ва гьелъул цогидаб къайи гьабула. Кагъатги чурун бацӏцӏад гьабула, хадуб бакъвазеги гьабун гьеб хӏалтӏизабулел бакӏазде бичула», — ян бицана Мухӏамад Мухӏамадовас.
«Букӏинесеб цадахъ рекъон цӏунизин» абураб акциялда бицунеб букӏана нилъеца хӏалтӏизабун хадуса гӏодобе рехулеб рищни-къул нус-нус соназдасан гурони туризе гьечӏолъи.
Ччугӏбуздасаги гӏемерал шушби
Дунялалъулго океаналде яги цогидал лъим бугел бакӏазде лъагӏалида жаниб балеб буго пластикаялъул рощнол микьго миллион тонна. ООНалъул хӏисабалда рекъон, 2050 соналда океаназулъ ва ралъдалъ ччугӏидаса гӏемер пластикаялъул рищни букӏине буго.
Бищунго гӏемер пластикияб рищни ралъдалъе балеллъун ккола Азиялъул югалъулгун бакъбаккул рахъалда ругел улкаби. Дунялалъулго океаналъул тӏинда ва дунялалдаго бищунго гъваридаб Мариинская гвендккелалъул тӏинугицин цӏун буго пластикалъул рищни-къулалъ. Чӏахӏияб пластик турун яги синтетикияб ретӏел чурулаго лъугьунеб, цо-цо ретӏел чурулел порошоказулъ ва цаби чурулеб жоялъулъ букӏунеб микропластик батун буго бищунго рорхатал мугӏрузул тӏогьибцин. Гьеб гьенибе альпинистаз гуро баччараб, гьороца хъамун бачӏун буго. Микропластик батула нилъеца гьекъолеб лъелъ, хӏатта шушбузухъе тӏун бичулеб лъелъцин.
Пластик чанго гӏасруялдасан гурони туруларин чӏезабун буго гӏалимзабаз. Жакъа къоялда нилъеца къватӏибе рехулеб пластикалъул рищни-къул нилъер лъималазул лъимал херлъараб къоялъгицин кибегӏаги тӏагӏине гьечӏо ракьалдаса, гьеб нилъецаго дагь гьабуни гурони.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова