28 сентябралда кӏодо гьабуна Чӏарада район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай

Чӏарадисезда цадахъ рохел гӏахьал гьабизе районалде рачӏун рукӏана гӏемерал гьалбал: магӏарул районазул бутӏрул ва республикаялъул хӏукуматалъул хӏалтӏухъаби.

Тадбиралда лъикӏаб гӏахьаллъи гьабун букӏана щибаб росдацаги. Гьез гӏуцӏун рукӏана жиде-жидер майданал ва гьенир гьалбадерица хӏалбихьана миллияб кванилги. Гьелдаса хадуб киналго данделъана Маданияталъул кӏалгӏаялъур. Хӏакъикъаталдаги гӏеч бортизе бакӏ гьечӏеб хӏалалда цӏунги букӏана гьеб. Киналго данделъун рукӏана 90 соналда жаниб районалъ нахъа тараб нухлул бицинеги, бицаде тараб гьелъул тарихалъухъ гӏенеккизеги.

Районалъул администрациялъул лъайкьеялъулгун маданияталъул идараялъул нухмалъулев Шамил Мустӏапаевас ва Дагъистаналъул Захӏматалъул бахӏарчӏужу Рашидат Гӏалиасхӏабовалъ кьураб саламалъги, саламалъулаб кӏалъаялдаса хадуб щибаб росдае сайгъат гьарун рикӏкӏарал кочӏол куплетазда гъоркь кодор ккун жидерго росу-ракь бихьизабурал игӏланалгун къватӏире рахъарал росабазул вакилзабазул церерахъиналдаса байбихьи лъуна байрамалъул официалияб бутӏаялъе.

Районалъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовас бицана районалъ нахъа тараб нухлул, социалиялгун экономикиял хиса-басиязул, спортсменазулгун творческияб интеллигенциялъул бергьенлъабазул, церечӏарал масъалабазул. Гьес баркала загьир гьабуна республикаялъул тӏалъиялъе районалде бугеб бербалагьиялъухъ, сундулъго гьабулеб квербакъиялъухъ.

— Гӏемерал хиса-басиял ккана районалда. Амма хисичӏо халкъалъул жидерго гӏагараб росу-ракьалде бугеб бербалагьиги тӏалабчилъиги. Гӏагараб тӏалъи нилъее гӏаммаб рукълъунги ккола. Гьелъин халкъалъ ясбер гӏадин цӏунунги ругел жидерго гӏадаталги, гӏамалалги, бечедаб тарихги ва хӏаракатги бахъулеб буго лъикӏал ишаздалъун щивав чияс берцинал ва гъваридал лъалкӏал нахъе тезе, — ян бицана Мухӏидин Мухӏамадовас. — Жакъа нилъеца ракӏалдещвезаризе ккола инкъилаб бахъулагоги, кор боркьарал рагъул соназдаги халкъалъ бихьизабураб ва ирсалъе тараб гьунар, къохӏехьей, багьадурлъи. Нилъеца кӏудияб чӏухӏигун рехсола Совет Союзалъул Бахӏарчи Ахӏмад Гӏабдулмажидовасул, Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи Тӏинамухӏамад Къурбановасул, Россиялъул Бахӏарзал Ахӏмад Мухӏамадовасул ва Мухӏамад Багӏачиловасул цӏарал.

Нилъ чӏухӏула нилъер гьитӏинабго районалъул цӏар дунялалда рагӏизабурал машгьурал гугарухъаби, Олимпиязул хӏаязул чемпионал Гӏабдулрашид Сагӏадулаевасдаса ва Шарип Шариповасдаса. Баркала буго кидаго районалъе кумек гьабулел Пачалихъияб Думаялъул депутат Мухӏамад Хӏажиевасе ва Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏадулаевасе.

Районалъул жамагӏаталда байрам баркизе вачӏун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги. ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул баркиялъулаб кагъатги цӏалун, гьес бицана район гӏуцӏиялъул байбихьуда рукӏаразул, рагъда хадусел соназда улка цебетӏезабулаго хӏалтӏараб гӏелалъул, районалъул жакъасеб гӏумруялъул. Гьединго бергьенлъи баркана Гӏабдулрашид Сагӏадулаевасда ва Шарип Шариповасда.

Байрамалда кӏалъазе вахъарав Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏадулаевас гьеб къоялъги бихьизабуна жиндирго сахаватлъи. Гьес гӏарцулал сайгъатал кьун кӏодо гьаруна Олимпиязул хӏаязул чемпионал Гӏабдулрашид ва Шарип.

Чӏарадисезда байрам баркана ДРялъул росдал магӏишаталъул министр Абзагьир Хӏусеновас, спорталъул министр Мухӏамад Мухӏамадовас, транспорталъул министр Ширухан Хӏажимурадовас ва цогидазги. Районазул ва шагьаразул нухмалъулезул рахъалдасан баркиялъулаб кӏалъай гьабуна республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб зонаялда вугев вакил Мухӏамад Камиловас ва Гъуниб районалъул нухмалъулев Мудунхӏажи Къадировас.

Кинха букӏинеб байрам шапакъаталги кьечӏого?

Республикаялъул министерствабазул ва райадминистрациялъул грамотабазе мустахӏикълъана гӏемерал районцоял — гӏухьби, дояркаби, пачалихъиял идарабазул хӏалтӏухъаби. Жамгӏияв хӏаракатчи, шагӏир Хӏабиб Давудовас «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» абураб цӏаралги меседил медалалги кьун кӏодо гьаруна Мухӏамад Мустӏапаев, Рашидат Гӏалиасхӏабова, Гӏабдулрашид Сагӏадулаев.

Хасаб чӏаголъи ва берцинлъи тадбиралъе кьуна маданияталъул хӏаракатчагӏазул церерахъиназги. Лъугӏана байрам. Чӏарадисезда гьоболлъиги рагӏизабун, хаду-хадурги дандчӏвазе щулияб рагӏиги кьун, жиде-жидер росабалъе, шагьаразде ана гьалбалги.

Аминат Мухӏамадова,

«ЧӏАРАДА» газеталъул

редактор