Бер тӏеркӏани – миокимия, гьекӏдани – ургьимесалъул унтаби

Бер тӏеркӏани, рикӏкӏада гӏумру гьабун вугев гӏагарлъиялъул чи вихьулин абулаан умумуз, гьекӏдизе лъугьиндал — дур рахъалъ цогияз квешаб хабар бицунеб батулин хӏинкъизарулаан. Гьакӏкӏадулев чи вихьани, гьебги берккеялъул гӏаламатлъун рикӏкӏуна. Медицинаялъин абуни, гьел рехсарал жал рикӏкӏуна цо-цо унтабазул гӏаламаталлъун. Беразда сверухъ ругел ччорбал чанго секундгӏанасеб заманалъ тӏеркӏезе бегьула. Цо-цо мехалда тӏубараб моцӏалъгицин тӏеркӏелел рукӏуна. Нагагь гьеб хӏал халатбахъунеб бугони яги гьелдаго цадахъ гьурмал цогидал бакӏалги тӏуркӏизе лъугьани, невропатологасухъе ине гӏедегӏил гьабизе кколин абула специалистаз. Хӏисаб гьабидал, бер тӏеркӏеялъ нилъеда бицуна пуланав гьобол вачӏиналъул гуреб, сахлъиялъул гӏунгутӏи букӏиналъул. Масала, гӏемерисеб мехалда ракӏбакъвайдал, ургъалилъе ккедал яги ццидахиндал тӏеркӏезе лъугьуна бер. Нервопатологазги гьеб гӏаламат нервабазул батӏи-батӏиял унтабазда бараблъун рикӏкӏуна, миокимия бугин абула. Миокимия лъугьиналъе батӏи-батӏиял гӏиллабиги рукӏине бегьула:

— батӏи-батӏиял неврологиял (блефороспазм яги Лу Геригил, Паркинсонил) унтабаздаса хадуб централияб нервабазул система (ЦНС) хвей;

— инфекциялъулал унтаби (грипп, ОРВИ, конъюктивит, блефарит);

— чорхолъ микроэлементал, хасго магний ва В витаминал гӏунгутӏи;

— берал свакай, хӏалщвей (гӏемераб мехалда компьютералда нахъа гӏодорчӏей, цӏалдей);

— берал ракъваялъул синдром;

— хӏалуцин (стресс);

— цо-цо дарабаз гьабулеб асар (депрессиялде данде, антигистаминниял (аллергиялде данде) дараби);

— аллергия.

Беразда сверухъ бакӏ гуреб цохӏо тӏасияб тӏелех тӏуркӏулеб бугони, гьеб гӏаламат беразул унтуда бухьинабула тохтурзабаз. Беразул жанисеб унти бугищали халгьабула офтальмологас.

Миокимиялъул кинабгӏаги гӏаламат дандчӏвани, тохтурасухъе ине ккола, щайгурелъул гьел гӏаламатазулъ бахчун батизе бегьула нервабазул яги беразул унти.

Гьекӏдари

Гӏемерисеб мехалда гьекӏдизарула гьитӏинал лъимал. Гьеб нилъеца кӏвар гьабичӏого толеб гӏаламат халатбахъунеб бугони, сахлъиялъул гӏунгутӏаби ратизе бегьула. Инсанасул ургьимес яги цогидал лугбал цӏуниялъе квербакъула гьекӏдиялъ. Инсанасул черх цӏуниялъул гӏаламатлъун рикӏкӏуна цӏакъго гӏемер кванан кванирукъ цӏедал, хехго кваналелъул яги черх цӏорораб мехалда лъугьараб гьекӏди. Цо-цо мехалда ццим бахъиндал яги хӏалуциндал лъугьунеб, хадуб гӏодоре риччайдал чӏолеб нервабазулаб гьекӏдиги зарал гьечӏеблъун рикӏкӏуна. Гӏемераб мехалда халатбахъунеб, чехьги керенги унтизабулеб гьекӏди батӏи-батӏиял унтабазул гӏаламатлъун батизеги бегьула. Масала, чехь-бакьалъул лугбал яги гьуърул гьорон ругони, гьелъ турутрукъ (диафрагма) хӏалуцуна ва гьекӏдизарула. Гьуърузда яги тӏулада сахлъулареб гьорой (опухоль) лъугьун букӏиналъул гӏаламатлъун батизеги бегьула. Бетӏер ва гӏадалнахул цо-цо унтаби, рахунел унтаби, миокардалъул инфаркт, психикияб хӏалуцин бугелги халатбахъун гьекӏдизаризе рес буго.

Кӏиго къоялдаса цӏикӏкӏун яги моцӏица гьекӏдизавулев чи чара гьечӏого тохтурасухъе ине ккола. Гьеб букӏине бегьула кванирукъалда ругъун лъугьиналъул гӏаламатлъун яги тӏул, ццидал къвачӏа яги цӏекӏгьан унтиялъул гӏаламатлъун.

Халатбахъунареб гӏадатияб гьекӏдиялъул инсанасул сахлъиялъе къварилъи гьечӏо. Гьединаб гьекӏди хехго лъугӏизабизе бокьани, хӏалтӏизаризе бегьула батӏи-батӏиял, къагӏидаби. Масала, Гиппократица абулаан гьекӏди чинхъиялъ къотӏизабулин.

— Чанго секундалъ хӏухьел ккун чӏела.

— Гьитӏинал лъимал гьекӏдула квачалел ругони яги цӏакъго гӏорцӏун ругони. Гьединлъидал гӏорцӏараб лъимадул мугъ лъухьани, гьекӏди къотӏула.

— Хехго кваналелъул щокъроб квенги речӏчӏун гьекӏдизаруни, гьеб хехго инабизе кӏола кӏиябго кверги цоцаца ккун, столалда тӏад лъураб лъел кружкаялде тӏадеги къулун, кверазул кумекги гьечӏого лъим гьекъани.

Халатбахъараб гьекӏди кидаго гуро кинабалиго унтул гӏаламатлъун букӏине бегьулеб. Гиннессил чӏелазул тӏехьалъул баяназда рекъон, Америкаялдаса Чарльз Осборн гьоркьоса къотӏичӏого гьекӏдун вуго 1922 соналдаса 1990 соналде щвезегӏан. Гьес кӏигониги лъадиги ячана ва гьезие микьго лъимерги гьабуна.

Гьакӏкӏади

Гӏалимзабаз чӏезабун буго инсан гьакӏкӏадулин эбелалъул ургьив вугеб мехалдаса нахъего ва тӏоцебесеб нухалда – ургьиб 12 анкь барабго. Гьуърузулъе цӏикӏкӏун кислород щвезе ва гьениб цӏияб гьава хьвадизабизе (вентиляция) кумек гьабула гьакӏкӏадиялъ. Гьакӏкӏадулебгӏан заманалъ цӏикӏкӏун гьава цӏалелъул, бидулъги кислород цӏикӏкӏуна, гьелдалъун лъикӏлъула гӏадалнахул ва гьурмал тӏомол би хьвади. Гӏемерисеб мехалда гӏадамал гьакӏкӏадула радал ва къаси кватӏараб гӏужалда. Гьелъги кумек гьабула гӏадалнахалъе гӏураб къадаралда кислород щвезабизе. Гӏемер цӏалдолел яги гӏакълияб рахъалде хӏал кколеб хӏалтӏуца нервабазул клеткаби жалго цӏунизе тӏамула ва гьел загӏипго хӏалтӏула. Гьакӏкӏадиялъ инсанасда ракӏалдещвезабула гӏадалнахуе хӏалхьи хӏажат букӏин. Цо-цо мехалда гӏадамал гьакӏкӏадула цогидав чи гьакӏкӏадулев вихьаниги. Гьелъие гӏилла лъалеб гьечӏо гӏалимзабазда.

Пайдаял гурелги заралиял рахъалги руго гьакӏкӏадиялъул. Цо-цо мехалда гӏилла гьечӏого гӏемер гьакӏкӏадулев чиясул гормоналияб низам хун батизе бегьула яги чакрил диабет, склероз унтаби ратизе бегьула.

Макьицаги гӏорцӏун вугони, хӏал кколеб хӏалтӏиги гьабулеб гьечӏони, инсан гьакӏкӏадиялъул цогидал батӏиял гӏиллаби рукӏине бегьула. Масала, чакрил диабет бугев чиясул чорхол клеткабазулъе гӏураб къадаралда глюкоза щоларо ва энергия кьоларо. Гьеб мехалда унтарав цӏакъ свакарав гӏадин ва кидаго макьихун вукӏуна.

Инсан гьакӏкӏадизавула артериалияб давление гӏодобе ккараб мехалдаги. Гӏемер гьакӏкӏади унтилъун рикӏкӏине кколарин абулеб буго тохтурзабаз.

Чинхъи

Инсан чинхъула, чорхое гьабураб кинабгӏаги асаралъе жаваб гьабулеб хӏисабалда. Масала, бецӏаб бакӏалдаса къватӏахъе щведал, бадиб речӏчӏараб бакъул чӏоралъцин чинхъизарула. Гьединго чинхъиялъе гӏиллалъул букӏине бегьула аллергия яги квачалъул унти. Гьелъул магӏнаги ккола аллергияги рахунел унтабиги чорхолъ цӏуничӏого чинхъун къватӏире рачӏин.

Чияда рагӏуларедухъ, гьаракь биччачӏого мегӏерги кӏалги бахчун чинхъула гӏемерисел. Тохтурзабаз абулеб буго мегӏерги кӏалги бацизабун «ургьирго чинхъиялъ» гӏундузе зарал гьабизе бегьулин. Чинхъулелъул, цо секундалда жаниб 120 метралъул хехлъиялда къватӏибе бачӏуна гьава. Кӏалги мегӏерги бацинабуни, гьеб къватӏибе бачӏунеб букӏараб чорокаб хӏацӏу цӏикӏкӏараб тӏадецуялъ мегӏер мукъулукъгун цолъулеб бакӏалда рукӏунел гӏундузул трубабазухъе ккезе рес буго. Гьелъул хӏасилалда жанисел гӏундул (слуховая труба) гьорозе (воспаление) рес буго, гьединго лъугьине бегьула синусит (жаниса мегӏер гьорой), гайморит, фронтит унтабиги.

Мегӏер ва кӏалги бацун чинхъиялъул хӏасилалда, чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул внутричерепное давление лъугьинеги рес бугин абула отолорингологаз.

Хӏадур гьабуна

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВАЛЪ.