ХӀX гӏасруялда гьев вукӏана бищун машгьурав кавказияв. Гьединавлъун хутӏила гьев хадусел гӏасрабаздаги

160 сон ана имам Шамилил бетӏерлъиялда дагъистаниязги, чачаназги, цогидал кавказалъулазги эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло Россиялъул империялде данде гьабулеб букӏараб къеркьей лъугӏизе таралдаса. Дунялалъул тарихалда къанагӏатги гьечӏо Кавказалъул магӏарулаз гӏадин анцӏ-анцӏ соназ къуватаб империялде данде гьабураб рагъул тарихги хӏужаги. Гьеб къеркьеялъул хӏакъалъулъ тӏахьал, хӏалтӏаби хъвалел руго тарихчагӏаз, унел руго бахӏсал, гьоркьоб къотӏулеб гьечӏо цӏех-рех. Хасго кӏвар кьолеб буго имам Шамилиде – рагъул цевехъанасде, гӏалимчиясде, полководецасде, бахӏарчияв инсанасде. Гьеб бичӏчӏулеб жоги буго. ХӀX гӏасруялда гьев вукӏана дунялалда бищун машгьурав кавказияв. Гьединавлъун хутӏила гьев хадусел гӏелазеги гӏасрабазеги.

Лъабабилеб октябралда республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана имам Шамилида ва Кавказалъул рагъул тарихалда хурхун кӏигониги тадбир: «Имам Шамил ва Кавказалъул рагъ: тарих мекъи сверизабулеб бугеб куц» абураб темаялда тӏасан «гургинаб стол», «Дагъистаналъул ва Россиялъул тарихалда имам Шамилил кӏвар» абураб темаялда гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьел тадбиразул хӏаракатчагӏилъун рукӏана халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаев ва имам Шамилил хӏакъалъулъ тӏехь хъварай Мариам Ибрагьимовалъул цӏаралда бугеб рахӏмуялъулаб фондалъул председатель, Мариам Ибрагьимовалъул вас, социологиял гӏелмабазул доктор, профессор, Россиялъул гумманитариял гӏелмабазул академиялъул хӏакъикъияв член Рустам Ибрагьимов. Гьел тадбиразда гӏахьаллъи гьабуна тарихалъул гӏалимзабаз гуребги, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз, диниял ва жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, гӏагараб ракьалъул тарих бокьулел гӏадатиял гӏадамаз.

Имам Шамил асир гьавунищ?

Аслияб суал букӏана 1859 соналъул 25 августалда Гъунибмагӏарда рагъ къотӏизе тарав имам Шамил асир гьавунищин абураб. Гьев асир гьавичӏин, Барятинскиясулгун гара-чӏвариги гьабун, рагъ къотӏизе танин имам Шамилицаян абуна тарихчи Тимур Айтберовас. Дагъистаналъул специалистазе хӏажат руго кодор ругел документал, хъвай-хъвагӏаял печаталда рахъизе. «Бакӏалъулал документал къватӏире рахъизе ккола, нижер умумул къад рагъулел рукӏана, къаси лъугьараб-тараб къалмидеги босулаан. Нилъехъ нахъе хутӏун руго гӏемерал гӏарабалъ ва гӏажамалъ хъварал хъвай-хъвагӏаял. Гьел данде гьарун, таржамаги гьабун печаталда рахъизе ккола», — ян абуна Т. Айтберовас.

Республикаялъул бетӏерасул гӏакълучи Камил Ландаца абуна: «Кавказалъул рагъ лъугӏаралдаса дагъистаниязул ва кавказалъулазул чанго гӏелалъ жакъа къоялде щвезегӏанги гьеб рагъда жалго къураллъун рикӏкӏунаро. Дагъистаниял Россиялда гьоркьоре рачӏана жидерго къадругун», — ан. Аслияб докладгун кӏалъазе вахъарав профессор Рустам Ибрагьимовас бицана: «Батӏи-батӏиял феодалиял гӏуцӏабазде рикьун рукӏарал дагъистаниялги тейпабазде рикьун рукӏарал чачаналги цолъизарун, имам Шамилида кӏвана Кавказалъул, Европаялъул ва дунялалъулго тарихалда тӏоцебе демократияб, инсан ващадавлъун, эркенавлъун гьабураб пачалихъ-имамат гӏуцӏизе. Гӏагараб ракьалда жидее бокьухъе гӏумру гьабизе, дин гьабизе тей, лъилниги кверщаликье ккезе бокьичӏолъи – гьеб букӏана Кавказалъул магӏарулазул къеркьеялъул аслияб байрахъ, идеология. Кавказалъул рагъул тарихги, имам Шамилилги гьесул рагъулал церехъабазулги цӏаралги, ишалги мекъи сверизаризе хӏаракат бахъулел камулел гьечӏо», — ян. Р. Ибрагьимовас ракӏалдещвезабуна Кавказалъул рагъги, имам Шамилил полководецасул, рухӏияв цевехъанасул цӏех-рех гьабулезда гьоркьор кӏиго батӏияб къокъа бугилан Расул Хӏамзатовас абурал рагӏабиги: «цоял шамилоедал ругила, цогидал шамиловедал ругила».

«Гьабсагӏаталда «тӏегьалел руго» шамилоедал. Кьучӏал баяналги кодор гьечӏого гьез гӏакса сверизабулеб буго халкъалъул багьадурасул рагъги тарихги. Имам Шамил Гъунибмагӏарда асирлъун восанилан бихьизабураб, гьеб тасдикъ гьабулеб цониги хъвай-хъвагӏай, хӏужа гьечӏониги, хъвалеб буго Шамил асир гьавунин. Гьеб пикру ритӏухъ гьабизе цо-цо тарихчагӏаз тӏадчӏей гьабулеб буго имам Шамилица Черкесиялда вукӏарав жиндирго наиб Мухӏамад-Аминихъе хъварабилан рикӏкӏунеб кагътида. Гьелда хъвалеб буго: «Дун рази вуго, баркала кӏудияв падишагьасе. Гьес дие бихьизабун буго анкьазарго тумен, рорхатал рукъзабазул лъикӏаб минаялъуб гӏумру гьабулев вуго дун. Дир руго хириял халичаби ва цӏарагӏ»… Шамилица киса гурин, цогидав бокьарав бихьинчияс кагътида гьеб жо хъвалищ? Гьеб кагъат бахъун буго цо нилъерго тарихчӏужуялъ жиндирго тӏехьалдаги. Гьеб Шамилица хъвараб кагъат гуро. Гьеб кагъат цӏализе дица кьуна Россиялъул бусурбабазул динияб управлениялъул председатель Равил Гайнудинил кумекчи, нилъер ракьцояв, гӏарабист Ахӏмад Гӏазимовасухъе. Ахӏмадица абуна гьадинаб кагъат Шамилица хъвазе ресго гьечӏин. Тӏехьалда гьеб лъелелде дой тарихчӏужуялъ Шамилил квералъ хъварал цогидал кагътаздегӏаги данде кквезе ккеларищ. Гьеб кагъат буго батӏияб хатӏалъ хъвараб. Шамилица хъварал, гъоркь гъулбасарал цогидал кагътал дида рихьана.

Гьединабго буго цо-цо тарихчагӏаз рехсолеб Гъунибмагӏарда рагъ къотӏизе тун хадуб Барятинскияс пача Александр Кӏиабилесухъе «Война окончена. Шамиль пленен, его отправили в Петербург» абун телеграммаги битӏанин хъвайги. Дица гьединаб телеграмма цӏехечӏеб архив хутӏичӏо. Гьеб батичӏо. Батилищха букӏинего букӏинчӏеб телеграмма. Букӏарабани гьединаб геополитикияб кӏваралъул телеграмма Москваялъул, Санкт-Петербургалъул архивазда цӏунун хутӏилаан ялъуни кибниги хъвай-хъвагӏай букӏинаан.

Жакъа цо-цо тарихчагӏаз далиллъун рачунел Кавказалъул рагъул ва имам Шамил асир гьавунин абурал кагътазул, документазул экспертиза гьабизе ккола, щайгурелъул гьел руго гьересиял. Шамил асир гьавунин абурал рагӏабиго руго ургъун рахъарал, гӏелмияб мацӏалъ абуни, фальсификация. Асирлъуде уна хъахӏаб байрахъги борхун, рорхун эхеде квералгун. Шамил Барятинскиясулгун гара-чӏвариязде ана рекӏун чодагун, бан ярагъгун. Киназго тӏадчӏей гьабулеб «Барятинский принимает пленного Шамиля» абураб немцав Теодор Горшельтица бахъараб сурат буго ритӏухълъи гьечӏеб. Гьеб сурат Т. Горшельтица бахъун буго 1865 соналда, ай Кавказалъул рагъ лъугӏун хадуб анлъго соналдасан Александр Барятинскиясул гьитӏинав вац Владимир Барятинскияс гьарун. Гьелдасан бичӏчӏулеб буго Барятинский кӏодо гьавун сурат бахъи художникасул мурад букӏараблъи. Барятинский гӏодов чӏун, Шамил цеве вахъун чӏун бахъун буго сурат. Бичӏчӏулеб жо, А. Барятинскияс живго гӏадав рагъул бетӏер гӏодов чӏун къабул гьавизе вукӏинчӏо, гьеб букӏинаан гьес живго гӏодовегӏан гьавилъун. Кьучӏаб документ буго Россиялъул пача Александр Кӏиабилес Барятинскиясухъе битӏараб. Гьелда абулеб буго бокьарал шартӏазда Шамилилгун рекъел гьабеян ва хехго рагъ лъугӏизе жигар бахъеян абураб», — ан бицана Р. Ибрагьимовас.

Кӏалъаялъул ахиралда Ибрагьимовас абуна батӏи-батӏиял архиваздаса жеги лъалел рукӏинчӏел документалги, хъвай-хъвагӏаялги, материалалги ралагьун имам Шамилил ва Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ жиндица хъвараб лъабго томалдаса данде гьабураб тӏехь-трилогия кватӏичӏого къватӏибе бачӏине бугилан.

Гӏелмиял конференциял

тӏоритӏизе руго

Конференциялда кӏалъалаго халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаевас абуна «гургинаб столги», гӏелмияб конференцияги тӏобитӏи бугила Шамилил фондалъ цебесеб соналдаго планалде босараб тадбир. Кавказалъул рагъда хурхарал гьединал гӏелмиялгун практикиял конференциял тӏоритӏизе руго доб къеркьеялда гьоркьоре цӏан рукӏарал Северияб Кавказалъул халкъазул ракьазда – Чачаналъ, Ингушетиялда, Кабардино-Балкариялда, Адыгеялда, Абхазиялда, Карачаево-Черкесиялда. Чачаназул бетӏер Рамзан Къадировас имам Шамилги, гьесул ишазулги бицун кӏалъай гьабиялда хурхараб гьечӏин конференция тӏобитӏийин абуна Гӏ.-А. Хархачаевас данделъиялда гӏахьаллъарас кьураб суалалъе жаваб гьабулаго. Рустам Ибрагьимовас абуна жинда хӏакъикъат лъачӏого Р. Къадировас кьурал суалазе гӏелмияб кьучӏалда мухӏканал жавабал кьезе кколила. Гьеб гӏилла кколарила Дагъистаналъул ва Чачаналъул гӏасрабазулаб вацлъиялъулал гьоркьорлъабазде гьогьен рехизабе.

Тарихиял гӏелмабазул кандидат Зураб Хӏажиевас абуна Р. Къадировас цебелъураб анкьабго суалалъе жинца чӏванкъотӏарал жавабал кьуниланги.

1859 соналъул августалда имаматалда лъугьун букӏараб захӏматаб хӏалалъул, чӏахӏ кванаялде халкъ ккун букӏиналъул, кӏудияб империялде данде лъебергогӏан соналъ рагъулаго халкъ тӏагӏиналде ккараб мехалъ, тӏаде кумек щвезе ресги гьечӏолъиялъ имамас рагъ къотӏизе теялъул бицана тарихиял гӏелмабазул докторал Хӏажи-Мурад Доногъоца ва Закарья Нахибашевас. Гьез борхана Махӏачхъалаялда имам Шамилие памятник лъезе ккеялъул суалги. Дагъистаналъул ва Россиялъул тарихалда кӏвар бугеб лъугьа-бахъинлъун букӏана гьеб рагъ. Рагъ къотӏизе тейги букӏана кӏиябго рахъалъул гӏакъилаб ишлъун. Эркенаб Кавказалъул мугӏрузул халкъаз эркенлъиялъе гӏоло гьабулеб рагъалъ, гьайгьай, асар гьабуна Россиялъул империялда халкъ лагълъиялдаса эркен гьабиялъе. Гьениб 1861 соналда хисизабуна крепостное право, ай лагълъиялдаса тархъан гьабуна империялъул халкъ.

Умумузул бахӏарчияб тарих лъалеб букӏиналъул, имам Шамилиде, Кавказалъул халкъияв Бахӏарчиясул гӏумруялде ва хӏаракаталде гӏалимзабазул, тарихчагӏазул гуребги, гӏадатияб халкъалъулги интерес букӏин якъинго бихьана данделъиялда жидерго пикраби-суалалгун кӏалъазе рахъарал Мухӏамадхан Хӏамзатхановасул (Волкхан), Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовасул, Ахӏмад Гӏабдурахӏмановасул, Хӏажи Хӏажиевасул ва цогидазулги церерахъиназдасан.

Конференциялда гӏахьаллъи ва магӏнаяб кӏалъай гьабуна республикаялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тӏоцевесев заместитель Сайгидахӏмад Ахӏмадовасги.

Пайзула Пайзулаев