Гьитӏинав Драгомирица рагьулеб буго дунял

Нилъеда гьоркьор къанагӏатги ратиларо мегӏергун гӏалахги, ралъадгун гӏорги бокьуларел чагӏи. Щибабкъойилаб хӏалтӏуда свакараб мехалда хӏаракатги бахъула тӏабигӏаталде хӏухьбахъи гьабизе ине. Цебе росу тун къватӏире бихьинал унел рукӏун ратани, гьанже руччабиги уна ва гьел щоларел бакӏалги дунялалда къанагӏатги ратиларо. Цебе даран-базаралъ къватӏисел улкабазде унел рукӏун ратани, жакъа гӏемерисел уна берцинаб тӏабигӏат бихьизеги, тарихиял бакӏазде щвезеги. Палхӏасил, дунялалда тӏадго къойидаса къойиде цебетӏолеб буго туризм. Гьелдаго цадахъ гӏемерлъулел руго нилъер республикаялде рачӏунел туристазул къадарги. Гьезие бищун рокьулел бакӏаллъунги лъугьун руго Сулахъалъул къварилъиги, Сары-кум салул гохӏги, бищун некӏсияблъун рикӏкӏунеб Дербент шагьарги, Самуралъул лиановияб рохьги ва гӏемерал цогидал бакӏалги.

Гьал къояздайин абуни Дагъистаналде рачӏарал туристал къабул гьаруна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазги. Гьел ккола Кировалдаса рос-лъади ва гьезул вас, гьединго цо москваялъулавги. Кировалдаса хъизам щибаб соналъ щола батӏи-батӏиял бакӏазде ва Инстаграмалда гьезул буго жидерго васасул «Драгомир открывает мир» абураб цӏаралда гьумерги.

Гьалбал хириял дагъистанияз гьоболасул мурад кидаго тӏубала, ва гьедин нижги къватӏире рахъана Ахӏулгохӏдеги, Чӏиркъатӏеги, Сары-кумалдеги щвезе. Мугӏруздасан унеб нух киданиги бихьичӏел гьалбал Буйнакскалде щвелалдего рукӏана гӏажаиблъи гьабун. Унго, цо берцинлъийилан абулеб букӏана гьез гьоркьоса къотӏичӏого. Чанцӏулго гьеб нухдасан хьваданиги нижеда бихьичӏебги бихьизабуна гьез. Ахӏулгохӏде щолелъуб бараб музей-хъала рахан батидал, пашманлъана. Гьечӏоан гьениб музеялъул хӏалтӏухъабазул телефоналъул номер хъвараб бакӏцин. Бокьун букӏана гьезухъе ахӏизе, музей рагьулищ яги рагьуларищан гьикъизе. Амма заманалдасан тӏаде щвана музеялъул хӏалтӏухъаби ва Жамиляца рехсарал тарихиял лъугьа-бахъиназ кӏочонго тана гьел кватӏиги, гӏадада чӏезе ккейги.

Гьенисан ана Чӏиркъатӏа росдал музеялде. Цӏакъ лъикӏаб гьоболлъи гьабуна музеялъул директор Ибрагьим Ибрагьимовасги хӏалтӏухъабазги. Ибрагьимица бицана музеялда бугеб щибаб экспонаталъул хӏакъалъулъ ва абуна гьалбадерие бокьани гьел «Этнодомалдеги» ине бегьулин. Гьенире ниж рачана Хӏабизатица. Гьалбал къабул гьаризе хӏадурго ятана Хӏаби, ва, заман иналдего, нижеда цере лъуна панкъалги, хӏанги, гьанги.

Павелиеги Наташаеги бокьана чанго сордо базе гьенирго чӏезе. Гьезие бокьана Хӏабица гӏака бечӏчӏизе тӏамиги, тӏох хардаса бацӏцӏад гьабиги, пайдаял хурдул ракӏаризе ине рукӏинги.

«Этнодомалъул» хважаиналъ бицана гӏемераб гӏарац хванин гьаниб букӏараб басриябго рукъ рукӏалиде ккезабулаго. Исана гӏезегӏан туристалги рачӏанила росулъе, гьел разигоги хутӏанила гьаниб бихьа-таралдаса.

Радиоялъул журналист Наташа Белкиналъ бицана анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сон бугин жидер, гьитӏинав васгун цадахъ тира-сверулел ругелдаса.

— Ниж щвана 25 улкаялде. Щвана Мексикаялде, Исландиялде, Кубаялде, Турциялде ва цогидалги улкабазде. Социалиял гьиназда бачуна «Драгомир открывает мир» абураб гьумерги. Тӏоцере щвана Белоруссиялде, гьеб мехалда Драгомирица лъагӏелцин бан букӏинчӏо. Гьелдаса хадур щвана Дагъистаналде, Азербайжаналде, Грузиялде, Испаниялде, Крымалде, Казахстаналде. Кӏиабилеб нухалдаги бокьана Дагъистаналде щвезе. Унго, гьаниб бугебщинаб берцинлъи: сухъмахъалги, мугӏрулги, рохьалги, гӏалахалги, ралъадги… Цо моцӏниги гьаниб бачӏого гӏеларин ккола. Дагъистаналде унелъул, цо-цояз абулеб букӏана гьениб рагъ рагӏулин абун. Гьеб гьедин гьечӏолъи бихьана къаси сордоялъ Махӏачхъалаялда тирулагоги. Шагьаралда гӏемер руго ресторанал, кафеял, квенги буго гьуинаб, гӏемерго хира гьечӏеб. Ниж гьанир ругьунлъана магӏарулазул, тумазул, лъарагӏазул хинкӏал кваназеги. Чӏиркъатӏаса Хӏабицаги абуна цӏурачадалги хинкӏалги гьаризе малъилин, — ан бицана Наташаца.

Гьеб киналдасаго хадуб Павелица абуна жинда рагӏун букӏанин Дагъистаналъул росабалъ гӏадамаз хӏелкалцин речӏчӏулин абун. Амма цониги хӏелеко бечӏчӏулев чи жидеда вихьичӏила.

— Хӏелказул иш лъаларо, амма дагъистаниял ратана кутакалда разиял, гьалбадерил къимат гьабулел, къварилъи ккаразе кумекалъе рахъине кидаго хӏадурал, — ан абун лъугӏизабуна Наташаца хабар.

Хӏелкал речӏчӏулареблъи бичӏчӏарал гьалбалги Чӏиркъатӏаго тун, нижги Махӏачхъалаялде тӏадруссана.

Патӏимат Расулова