Мугӏрузулаб Дагъистаналъул бакьулълъиялда, ралъдал гьумералдаса 1200-1400 метралъул борхалъуда буго Гъуниб район.
Гьелъул гӏатӏилъи буго 609,5 кв.км. Районалда буго 67 росу (кулабигун цадахъ), 18 росдал администрация. Гӏумру гьабулеб буго 25800 чияс.
Бищунго борхалъуда бугеб бакӏлъун рикӏкӏуна «Маяк» (2387 метр).
Тӏоцебе Гъуниб район гӏуцӏана, кантон хӏисабалда, 1928 соналда, ВЦИКалъул къотӏиялда рекъон, районлъун гьабуна 1929 соналъул лъабабилеб июналда.
Гъуниб районалъул гӏорхъода руго Хьаргаби, Лаваша, Лак, Чӏарада, Шамил ва Хунзахъ районал.
Районалъул центр ккола Гъуниб росу. Гьениса Махӏачхъалаялде буго 150 км. Районалъул нухазул халалъи бащалъула 447 километралда. Руго гьенир вертолетал чӏолел майданалги.
Районалъе кьучӏ лъуралдаса 90 сон тӏубаялда бан, 12 октябралда тӏобитӏизе бугеб байрамалъулаб программа:
1) 09:00 — 09:30. Гьалбадерида дандчӏвай.
2) 09:30 – 10:30. Районалъул машгьурал ва тарихиял бакӏазде экскурсия гьаби.
3) 10:30 – 11:00. Тадбиралъул байбихьи. «Къункъраби» мемориалалда цере тӏугьдул лъей.
4) 11:00 – 11:30. «Тарихияб ракӏалдещвей» парад тӏобитӏи.
5) 11:30 – 12:00. Росабазул миллиял майданазде щвей.
6) 12:00 – 13:00. Баркиялъулаб митинг.
7) 13:00 – 13:30. Цӏалдохъабазул флешмоб ва палугьабазул церерахъин.
8) 13:30 – 17:00. Концерт.
9) 14:00 – 16:00. Гьалбал къабул гьари.
10) 17:00 – 17:30. Гьалбал нухарегӏи. Байрамалъулаб фейерверк.