Эпидемия тӏибитӏиялде данде хӏалтӏи гьабулеб буго
14 октябралда больницаялда регизаруна сибиралъул язва унтиялда щаклъи бугел лъабгоял. Гьезда гьоркьоса кӏигоязул гьеб унти букӏин чӏезабуна, лъабабилесул хӏакъалъулъ жеги мухӏканлъи лъалеб гьечӏо. Унтарал ккола Цӏияб Лак районалъул Цӏияб Кули росулъа. Гьезде унти бахун буго жидецаго хьихьун букӏараб хъураб хӏайваналдаса. Микьабилеб октябралда оц хъолелъул, гьелъул хважаинги, гьесие кумек гьабулел рукӏарал кӏигоялги республикаялъул ЦГБялъул рахунел унтабазул отделениялде ккана. Республикаялда тохлъукьего баккараб унти тӏибитӏиларедухъ хӏажатал тадбирал тӏоритӏулел ругин бицана специалистаз ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда.
ДРялъул бетӏерасул
бербалагьиялда гъоркь
Гьеб унтуде данде гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралей Раиса Шахсиновалъ ва ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тӏуралей Лариса Пантиналъ.
Роспотребнадзоралъул бихьизабиялда рекъон, Сибиралъул язва унтиялдаса цӏуниялъе санитариял хӏалтӏаби гьарулел руго щивав чиясул азбаралда, хлоркагун билъараб гач речӏчӏизабулеб буго хӏайван хъураб ва гьелъул гьан букӏарал бакӏазде.
Унтараб хӏайваналъул гьан гӏицӏго хважаинзабаз гуребги цогидал гӏадамазги хӏалтӏизабун бугин бицана данделъиялда. Хважаинас гьан бикьун буго мадугьалзабазда гьоркьобги, Каспийскалда гӏумру гьабун бугеб цо хъизамалъеги, гьединго Хасавюрталде бичизеги битӏун букӏун буго. Каспийскалда гьеб гьан хӏалтӏизабурал рос-лъадул кверазде тӏадерахъин бан бугин абулеб буго. Сибиралъул язва бахун букӏин лъазе ккани, микьгогӏаги къо хӏажалъулин, гьеб мехалда гурони гьеб мухӏканго лъазабун бажаруларин бицана Сахлъицӏуниялъул министерствоялда.
ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, сибиралъул язва унти бахаразе гьабулеб буго хӏажатаб дару, гьезул гӏумруялъеги гьечӏо кинабгӏаги хӏинкъи.
Кин лъугьунеб сибиралъул язва?
Гьеб унти бахине бегьула хӏайваналдаса, гьелъул гьанада гӏадамас хъарсараб яги лъукъараб квер хъвани. Аслияб къагӏидаялда инсанасде гьеб унти бахуна чӏегӏербоцӏудаса, чуяздаса, болъоназдаса. Унти бахуна сибиралъул язва бугеб боцӏи хъолелъул, гьан батӏа гьабулелъул, унтараб хӏайваналъул гьан квани, тӏомол гьабураб къайиялдасагицин.
Сибиралъул язваялъул бактериял хӏинкъуларо цӏикӏкӏараб температураялдасацин, гьел гӏемерал соназ цӏунун хутӏула мегӏер-гӏалахалдаги боцӏи кваналеб бакӏалдаги.
— Унти цӏунун хутӏизе рес буго ракьулъги, гьеб бахине рес буго лъедасанги гьаваялдасанги.
Хвезе рес бугищ?
Гӏадамаздаса цоцаде гьеб бахунаро. Сибиралъул язваялъ инсанасул чорхолъе ккун хадуб къватӏибе кьола гьеб баккараб бакӏ гьорозабулеб кутакаб загьру. Гӏадамасул тӏомода гьелъул гӏаламаталлъун ккола: гӏисинал ругънал (язва) лъугьин, лимфоузлаби гьорой, цӏа-кан бахин. Бакьазда гьеб унти лъугьунеб къагӏида релълъараб букӏуна кваница чехь-бакь биххизабиялда лагӏдеялда (отравление). Гьуърул унтулеб къагӏидаялъул сибиралъул язва — пневмониялде буссунеб квачалъул унтуда релълъараб букӏуна.
Сибиралъул язва унти сах гьабула антибиотиказдалъун. Гьелъ унтаразда гьоркьор 99 процент батула тӏомол унти, хутӏараб цо процент ккола гьуърузулаб ва бакьазулаб къагӏидаялъул унти. Сибиралъул язва унтудаса холезул къадар цо процент буго.
Роспотребнадзоралъул
малъа-хъваял
ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъ лъазабулеб буго, сибиралъул язва унти гӏадамазда гьоркьоб тӏибитӏиларедухъ кӏвар кьезе кколин инфекциялдаса цӏуниялъул гьал хадур рехсарал къагӏидабазде.
— Ветеринариял документал гьечӏеб боцӏи босизе бегьуларо. Боцӏи цогидаб бакӏалде баччизе яги бачине бегьуларо республикаялъул ветеринарияб хъулухъалъулгун дандбан гурони.
— Хьихьун бугеб кинабниги боцӏул хъвай-хъвагӏай гьабун букӏине ккола ветеринарияб пачалихъияб идараялда.
— Боцӏул хважаинзабаз жидерго хӏайванал унтабаздаса цӏуниялъе ветеринариял тадбирал тӏоритӏизе ккола.
— Ветеринараз халгьабун хадуб гурони боцӏи хъвезе бегьуларо.
— Унтараб, хвезехъин бугеб боцӏи хъвеялъулъ яги гьеб ракьулъ букъиялъулъ гӏахьаллъизе бегьуларо.
— Хӏайваналъул гьан яги цогидаб нигӏмат гьелъие рихьизарурал хасал бакӏаздаса гурони босизе бегьуларо. Бичун босулеб щибаб нигӏматалъул ветеринарияб документ букӏине ккола.
— Хӏайван унтани ветеринарияб хъулухъалда лъазабизе ккола.
— Сибиралъул язва унтиялъул гӏаламат тӏатарав чи тохтурасухъе гӏедегӏизе ккола.
— Сибиралъул язва бахине рес бугел бакӏазда хӏалтӏулел гӏадамазе, ай зооветеринариял хӏалтӏухъабазе, ветеринариял тохтурзабазе, боцӏи хъвеялъулъ, гьелъул гьангун яги тӏомгун хӏалтӏи гьабулел гӏадамазе, унтараб хӏайваналъул материалалъул халгьабулел лабораториязул хӏалтӏухъабазе сибиралъул язваялдаса цӏуниялъе иммунизация гьабизе ккола.
— Сибиралъул язва унтиялъул хӏакъалъулъ суалал ругев чияс ахӏизе бегьула Дагъистаналъул Роспотребнадзоралъул телефоналъул гьаб номералде: (8722) 69-19-52.
Хӏадур гьабуна
Патӏимат Султӏанмухӏамадовалъ.