12 октябралда кӏодо гьабуна Гъуниб район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай
Жакъасеб Гъуниб районалъул ракьалда, 1741 соналда бекана бащдаб дунял квегъарав Надир-шагьасул бодул хӏуби. Гьаниб бана имам Шамилица жиндирго ахирисеб сангар, 1859 соналда ахир лъуна 25 соналъ халатбахъараб Кавказалъулаб рагъуе. Гьанив гӏуна Дагъистаналъул ункъабилев имам Мухӏамадхӏажи, гьанив гьавуна Северияб Кавказалъул амир Узунхӏажи.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ана 3480 гӏолохъанчи, гьезда гьоркьоса ункъояв (Мухӏамад Хӏажиев, Мухӏамад Хӏамзатов, Сагӏаду Мусаев, Сагӏаду Гӏалиев) мустахӏикълъана «Совет Союзалъул Бахӏарчи» абураб цӏаралъе. Ракълилаб заманалда ункъоязе (Гӏабдурашид Мухӏамадов, Булат Гӏалиев, Камил Мухӏамадов, Аминат Гӏисалова) щвана «Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи» абураб цӏар. Ункъояв (Мухӏамад ва Тӏайгиб Тӏолбоевал, Загьид Загьидов, Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров) мустахӏикълъана «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏаралъе. Гьаниса рахъана Дагъистаналъе нухмалъи гьабурал Гӏабдурахӏман Даниялов ва Мухӏамад Юсупов. Гьенисан рагьана Халилбег Мусаясуласе дунял. Гьаниб щулалъана Мухӏамад Хуршиловасул, Хӏажи Заловасул, Гӏабдулмажид Хачаловасул, Ахӏмад Цӏурмиловасул, Шамхал Шамхаловасул гьунар. Гьанив лъадарана къуркьи лъаларев гугарухъан Гӏали Гӏалиев. Гьаб мухъалъул тӏабигӏаталъул гьайбатлъи къалмикье босана дунялалдаго машгьурал шагӏирзабаз, поэтаз, художниказ.
Гьеб кинабгоги ва гӏемераб цогидабги гьоркьобе бачуна Гъуниб районалъ. Гьеб гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай кӏодо гьабизелъун тӏобитӏараб тадбиралъ, 12 октябралда, Гъунире ахӏана гьаниб гӏумру гьабулел ва цоги регионазда ругел районцоял, республикаялъул идарабазул нухмалъулел, гӏемерал гьалбал. Гьеб къоялда райцентралъул гӏатӏидаб майданалда гӏахьалчагӏазул гӏемерлъиялъ эркенаб бакӏ букӏинчӏин абуни, мекъиги ккеларо. Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана районалъе нухмалъи гьабурал Гӏабдулагь Шапиев, Пахрудин Мухӏамадов, Ахӏмад Мухӏамадов ва цогидалги.
Майдан бакьулъ хӏадур гьабун букӏана сцена, гор гьабун гьелда сверухъ гӏуцӏун рукӏана щибаб росдал рукӏа-рахъиналъул бицунел, миллияб квен-тӏехалдалъун хьезарурал майданал-павильонал. Байрам байбихьана рагъул гӏахьалчагӏазе бараб «Хъахӏал къункъраби» памятникалда цере тӏугьдул лъеялдасан. Хадуб, миллияб ретӏел-хьитги ретӏун, кодор игӏланалги ккун, майданалда свери гьабуна щибаб росдал вакилзабаз, чотӏахъабазул къокъаялъ, церегосел машинабазда рекӏарал хӏалтӏул ветераназ – церехъабаз, рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏаз.
Гьебго заманалда майданалда рукӏана палугьабазул церерахъиналги. Цинги байбихьана юбилеялъул официалияб бутӏа.
Кӏалъайгун цеве вахъарав районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировас къокъго бицана районалъул тарихалъулги гьелъул жакъасеб гӏумруялъулги хӏакъалъулъ, рехсана гьелъул чӏухӏилъун ругел гӏадамалги. Гьес киназдаго баркана жакъасеб юбилей ва баркала кьуна гӏахьалчагӏазе, районцоязе, гьалбадерие.
Цинги рагӏи босарав республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб зонаялда вугев вакил Мухӏамад Камиловас баркана гъунисезда юбилей ва цӏалана республикаялъул бетӏерасул баркиялъулаб адрес. Хадуб гьес ва республикаялъул цогидалги идарабазул вакилзабаз хӏалтӏул церехъабазе кьуна сайгъатал, хӏурматиял цӏарал.
Гьелдаса хадуб байбихьана юбилеялъул творчествоялъулаб бутӏа. Гьелъие ва цоги гьанир тӏоритӏулел рукӏарал тадбиразе бицине гӏураб къварилъи гьабичӏо къойилго цин бан, цин чӏун букӏараб, ахиралде тӏубанго биччантараб цӏадалъцин.
Цо-цо гьалбадерилгун хабар-кӏал гьабичӏого дунгоги ворчӏичӏо. Масала, Цӏунтӏа районалъул бетӏер Шамил Мухӏамадовас гьадин бицана:
«Гьаб районалда дир руго гӏемерал гьудул-гьалмагъзаби, цевеги дун чанго нухалда щунги вукӏана гьаниве, жакъаги вачӏана кӏудияб гъирагун. Юбилей гӏуцӏун буго берцинаб хӏалалда, гӏемерал гьалбалги ахӏун, дие цӏакъго рекӏее гӏуна кинабго. Дица гьарула цӏакъго дие гӏагараб гьаб районалъе социалиябгун экономикияб цебетӏей, икъбал, ракълилаб гӏумру. Тӏегьайги нилъер Дагъистан ва кӏудияб Россия. «Хӏакъикъат» буго лъикӏаб, Цӏунтӏа районалдаги цӏалулеб газета. Нижецаги яхӏ бахъила хадубккунги гьеб жеги цӏикӏкӏинабиялда тӏад хӏалтӏизе».
Мухӏамад Хӏасанов, Шамил районалъул бетӏер: «Шамил ва Гъуниб руго кидаго лъикӏаб гьоркьоблъи, гӏагарлъи-жубай рукӏарал ва ругел районал. Гъуниб буго гӏемерал гӏалимзабиги бахӏарзалги рахъараб, Дагъистаналда ва тӏолабго Россиялда цӏар рагӏараб район. Гьаб ккана лъикӏаб тадбир, дун разилъана. Азарабго баркала районалъул жамагӏаталъе, щулияб жамагӏат гьечӏони, лъугьунаро гьадинаб иш».
Мануэль Казарян, Калуга шагьар, Россиялъул халкъияв артист, профессионалияв фокусник: «Дун гьанив вукӏана 2005 ва 2009 соназда, хъизангун цадахъ щвана гьанжеги. Гӏадада гуро гьалда «Тӏабигӏияб музейин» абулеб, рагӏабаздалъун загьир гьабизе кӏоларо гьалъул гьайбатлъи. Гӏадада гуро кӏудияв Шамилица гьаниб бараб жиндирго ахирисеб хъала. Дун Калугаялдаса вугелъул, дида гӏезегӏан лъикӏ лъала гьесул гӏумруги бахӏарчилъиги, доба гьесул букӏараб ва гьабсагӏаталдаги бугеб къадруги. Гьаниве вачӏиналдасаги, жакъа гьаб байрамалда гӏахьаллъизе щвеялдасаги кутакалда разилъана».
Гӏабаш Гӏабашилов