Рахьдал мацӏал ва культура цӏуниялъулъ миллияб прессаялъул кӏвар

Тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцунеб буго Дагъистаналда рахьдал мацӏал школазда малъиялъулги, гьел цӏунизе ккеялъулги, щибаб миллаталъул вакиласда жиндирго мацӏ лъазе тӏадаб букӏиналъулги хӏакъалъулъ бицунеб масъала. Цо рахъалъ босани, гӏажаиблъи гьабизе ккараб хӏужа гьечӏищ миллаталги мацӏалги гӏемерлъиялъ берцин гьабураб Дагъистаналда гьединаб суал баккиго. Гьеб суал бижизего кколароан нилъер гьаниб. Амма гӏемерисез пикру гьабулеб гьечӏо мацӏалдаго цадахъ лъугӏизехъин бугеб миллиял гӏадатазулги, маданияталъулги, хьвада-чӏвадиялъулги. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъги, гьелде тӏадеги, миллиял газетазгун журналаз мацӏал цӏуниялъулъ лъолеб бугеб бутӏаялъулги бицине данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталде. Гьенир гӏахьаллъана республикаялъул миллиял газеталгун журналазул мухбирзабиги, гӏалимзабиги, студенталги, Лъайкьеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабиги, миллиял театразул вакилзабиги.

Дагъистаналъул Журналистазул союз гӏуцӏаралдаса 60 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб тадбир нухда бачана ДГУялъул ректор Муртазагӏали Рабадановас.

— Жакъа Дагъистаналда кӏудияб кӏвар буго миллиял газетазул ва журналазул. Гьезул гьурмаздасан нилъеца цӏалула миллаталъул тарихалъулги, бахӏарчиялгун гӏадатиял гӏадамазулги, гӏадатал-гӏамалазулги ва цогидалъулги хӏакъалъулъ. Миллияб мацӏалъул адаб гьабизе бачӏунеб гӏел ругьун гьабичӏони, талихӏаб букӏинеселде хьул лъезе рес гьечӏо Дагъистаналъулги, — илан абуна гьес баркиялъулаб кӏалъаялда.

Дандеруссиналда аслияб кӏалъай гьабуна Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас.

— Бицунебго бицунеб хутӏун руго нилъ мацӏал цӏунизе ккеялъул. Гьабулеб хӏалтӏул хӏасил ккезе ккани, гьелъие пачалихъалъул рахъалдасанги къваригӏуна кумек. Гьелде регӏун гьелги гьечӏони, кин лъалеб нилъеда нилъерго тарихги, адабиятгун маданиятги, бахӏарчилъиги ва цогидабги. Гьеб киналъего квербакъи гьабулеб буго жакъа миллияб прессаялъ. Хасго мацӏ цӏунун хутӏиялъе. Гьаб заманалда гьенисан рагӏула нилъеда бацӏцӏадаб рахьдал мацӏалъул гьаракь. Къваригӏун буго киназдаго бичӏчӏизе гьаб захӏматаб заманалда миллиял газетазул мацӏал цӏуниялъулъ бугеб кӏудияб кӏвар. Гӏумру цебетӏунагӏан, мацӏал тӏагӏиналъе бугеб хӏинкъиги цӏикӏкӏунеб буго. Гьелъул хӏасилалда гӏолохъанал дагъистаниял рикӏкӏалъулел руго, тӏоцебесеб иргаялда, мацӏалдаса, цинги – гӏамалал-гӏадатаздаса ва, ахиралда, миллаталдаса. Миллатго гьечӏеб гӏелалъ щиб кьезе бугеб Дагъистаналъе? Битӏараб буго, мацӏал гӏемер руго Дагъистаналда. Гьелъулъ буго нилъер хаслъиги. Гьелъ дагьалги ресал кьезе ккола чанго мацӏ лъазабиялъеги. Цояб мацӏалъ кинаб бугониги квалквал гьабуларо цогидаб мацӏ лъазабиялъе. Дагъистаналъул миллатазул руго релълъарал культураги гӏадаталгун гӏамалалги. Жакъасеб Дагъистаналда гьабсагӏаталда гьеб цӏунун хутӏунги буго. Амма мацӏ лъалеб гӏел лъугӏани, лъица гьеб цӏунизе бугеб? Гьеле гьелде кьезе ккола нилъеца киназго жакъа кӏудияб кӏвар. Гьеб мурадалда цӏикӏкӏинаризе ккола миллиял мацӏазда къватӏире риччалел тӏахьазул къадар. Гьединго цӏикӏкӏине ккола миллиял газеталгун журналал цӏалулезул къадарги. Гьел газетаздасан гьоркьоса къотӏичӏого бицунебги буго, бицинеги ккола миллаталъул гӏузрабазулги, бергьенлъабазулги, рорхизе ккола чара гьечӏого миллат цебетӏеялъе ва мацӏал цӏуниялъе къваригӏарал суалалги. Гьелъулъ цӏакъ цӏикӏкӏараб кӏвар буго районазул газетазулги. Гьезул букӏуна росабазул гӏадамазулгун щулияб бухьенги, гьениб жеги чӏаго букӏуна мацӏги, маданиятги, адабиятги. Районалъул газетазеги жакъа захӏмат буго, гьедин букӏинеги буго пачалихъалъул рахъалдасан кумек гьечӏони. Заманалдасан гьел тӏагӏинеги рес буго. Гьел тӏагӏиналдаго цадахъ лъугӏизе буго гӏадамазулгун бугеб бухьенги. Пикру гьабураб мехалда, гьеб иш тӏаде кколезе цо бицинегӏан кӏудияб ургъелги гьечӏо гьелъул. Мацӏал цӏунун хутӏиялъе кӏвар буго миллиял мацӏазда кьолел телепередачабазулги. Амма гьезие бихьизабураб заманги цӏакъго дагьаб буго. Гьенибги бачӏунеб буго добго гӏарцул суал. Дагъистаналъул киналго миллатазул вакилзабазда цебечӏараб масъала буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб – хадусел наслабазе мацӏги миллатги цӏуни, — ян абуна гьес жиндирго кӏалъаялда.

(Хадусеб 4-абилеб

гьумералда)