XХӀ гӏасру – цӏиял ресал, цӏиял захӏмалъаби

Гӏалимзабаз, цебегоялдаса нахъе, гьоркьохъеб ригьалъул гӏадамал микьго сагӏаталъ кьижи лъикӏаблъун рикӏкӏуна. Инсанасул сахлъиялъе кӏвар бугеб жолъун ккола гӏураб къадаралда кьижи. Макьу тӏури сах гьабулев тохтур ккола сомнолог. Макьу щунгутӏи гьеб унти гурин, батӏи-батӏиял унтаби сабаблъун лъугьунеб гӏаламат бугин рикӏкӏуна специалистаз. Ахираб нусго соналда искусственнияб канлъи, гьединго компьютерал ва гаджетал раккаралдаса нахъе гӏадамал кьижулеб гьоркьохъеб заман гӏемерисезул микьго сагӏаталдаса анлъго сагӏаталде щвезегӏан къокълъана. Гьеб ккола соматикиял ва психикиял унтаби цӏикӏкӏиналъе гӏилла, гьелъ хвезабула макьил гормонлъун рикӏкӏунеб мелатонин лъугьиналъул къагӏида.

Тохтурасухъе ине кколеб заман

Макьу щунгутӏи букӏине бегьула чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазул гуребги, лъималазулги гӏолилазулги. Макьу щунгутӏиялъ батӏи-батӏиял унтабиги рагъаризаризе бегьула. Макьу тӏури буго кӏиго батӏияб хасияталъул: лъабго моцӏидаса рукӏалиде кколеб (острая инсомния) ва чанго соназгицин халатбахъунеб. Острая инсомния тӏагӏуна ракӏ хӏалуцин ва ракӏбакъваялъе гӏилла лъугӏараб мехалда.

Гӏемерисеб мехалда инсанасул макьу хвезабула гьесул ботӏролъ рикӏардулел батӏи-батӏиял суалаз, гӏумруялъул захӏмалъабаз.

Гӏемер дандчӏвала макьил дараби гьекъанигицин кьижизе кӏолареб психофизиологияб инсомния (макьу тӏури). Тохтурзабазул баяназда рекъон, 6-7 процент гӏадамал рукӏуна макьу щоларого.

Лъабго моцӏалдаса цӏикӏкӏун заманалъ макьу тӏурулеб бугони (бессоница), тохтурасухъе ине кколин рикӏкӏуна сомнологаз. Гьеб лъабго моцӏ букӏине бегьула инсанасул черх стрессгун къеркьолеб заман. Лъабго моцӏ ун хадубги макьил иш рукӏалиде ккечӏони, гьелъул магӏна ккола гьев чиясда дандчӏвараб захӏмалъигун къеркьон бажарулеб гьечӏин абураб, макьу гӏечӏолъиялъ нервабазул системаялда рухьарал батӏи-батӏиял унтаби лъугьине рес буго, масала, лъугьине бегьула гастрит, язва, гипертония, бронхиальная астма.

Сомнологазул малъа-хъваял

Макьил дараби гьекъезе бегьула гӏицӏго стрессалдалъун макьу тӏурараб заманалда. Халатбахъараб макьу тӏуриялъе гьединал дарабаз кинабгӏаги асар гьабуларо. Сомнологаз лъикӏаблъун бихьизабула халатбахъун макьу щоларев чи макьу щвезегӏан бусалъ вегун чӏечӏого тӏадеги вахъун бокьараб хӏалтӏи гьабизе. Гьелъ кумек гьабила макьу рекӏине. Цо-цо мехалда тохтурзабаз антидепрессантал гьекъезарула макьу щоларезда, макьил дарабазде гӏадин гьезде ругьунлъуларо. Амма бичӏчӏизе ккола нервабазул иш лъикӏ гьечӏони, макьу тӏуриги рукӏалиде ккезабун бажарулареблъи. Макьу рукӏалиде бачӏинабизе ккани, лъабго моцӏгӏаги хӏажалъула.

Гӏемерисезул бищунго кӏудияб гъалатӏлъун рикӏкӏуна, макьу щоларого рукӏаниги, кьижизе хӏаракат бахъи. Тохтурзаби-сомнологаз жиб кквезеян лъугьани боржун унеб, хъатиниб чӏараб хӏинкъараб хӏинчӏалда релълъинабула макьу. Лъикӏал пикрабигун регани, бигьаго кьижунги ккола.

Гӏелмиял хӏалтӏабаз бихьизабула щибаб къоялъ 9-10 сагӏаталъ кьижулезулги 5-6 сагӏаталъ гурони кьижуларезулги гӏемерисеб мехалда цого унтаби лъугьунел рукӏин. Амма щибаб къоялда, гӏураб къадаралда ва цого заманалда кьижулев чиясул гьединал унтаби лъугьунарин рикӏкӏунеб буго гӏалимзабаз. Цӏикӏкӏун кьижула унтуца сваказабураб чорхоца макьу тӏалаб гьабулев чи, гьединал унтабазул хӏасиллъун ккезе бегьула инфаркт, инсульт ва тохлъукьего хвел. Анлъго сагӏаталдаса дагьаб заманалъ кьижулел гӏадамазул лъабго проценталъул гурони лъикӏаб сахлъи букӏунаро.

Макьилъ хӏухьел къотӏи

Киналниги гӏадамазда гьоркьоб лъабго проценталъул апноэ синдром дандчӏвала, гьеб ккола макьилъ хӏухьел къотӏи. Гьелъ макьуги хвезабула, гӏорцӏизегӏан кьижизеги щоларо. Макьилъ хӏухьел къотӏи (апноэ) захӏматаб буго макьу щунгутӏиялдаса. Апноэ бугев чиясул макьилъ давление бахуна, ракӏ хехго кьабула. Кьижун хӏухьбахъизе кколеб бакӏалда гьединазул рекӏеде цӏикӏкӏараб хӏал щолеб буго. Хӏухьел къотӏунщинахъе рорчӏула ва хӏухьбахъиялъул бакӏалда свакала. Гьединазул гипертония, ракӏалда жо чӏунгутӏи ва цогидалги унтаби раккула.

Апноэ бугев чи макьилъ хъванкӏола. Аслияб къагӏидаялъ макьилъ хӏухьел къотӏула ва хъванкӏола кьариял гӏадамал. Щокърода лъугьараб кьаралъиялъ хӏухьел жанисан хьвадулел нухал къварилъиялъ кколеб жолъун рикӏкӏуна апноэ. Гьединлъидал апноэ сах гьабиялъул бищунго лъикӏаб ва хӏасил кьолеб къагӏида ккола хӏалакълъи. 10 проценталъ хӏалакълъиялъ, хӏухьел цӏай кӏицӏул лъикӏлъула.

Макьил тартиб цӏуни

Батӏи-батӏиял унтабиги лъугьинаредухъ, тохтурзабазул кумекалде черхги ккеларедухъ макьил тартиб цӏуниялъе чанго лъикӏаб къагӏида бихьизабун буго специалистаз:

1. Микьго сагӏаталдаса дагьго яги цӏикӏкӏун кьижунгутӏи. Гьедигӏанасеб заман хӏажалъула чорхол берцинлъиги, гӏолохъанлъиги, физиологияб ва психологияб сахлъиги цӏунизе ккани. Гӏодоркъояз гӏорцӏизегӏан кьижилин абун хӏалтӏул къоялъ макьу къокъгьабизеги бегьуларо.

2. Хӏажатаб заманалда рорчӏи.

Гӏалимзабаз батӏабахъула хӏинцаб ва хехаб макьу. Сордо рогьинегӏан цин хӏинцаб, хадуб хехаб къагӏидаялъул макьу бихьула инсанасда. Гӏалимзабазул пикруялда рекъон, макьил цо-цо бутӏа кьижун ккаралдаса нахъе сагӏатгун бащдалъ халатбахъуна, гьеб байбихьула хӏинцаб макьидаса, ва хехаб макьидалъун лъугӏула. Гӏалимзабаз чӏезабун буго хӏинцаб макьил заманаялда макьидаса рорчӏани, тӏубараб къоялъго свакан ва макьу щварал кинигин хутӏулин. Хехаб макьил заманалда, ай макьил цо бутӏа (1,5 сагӏат) лъугӏулеб заманаялъ рорчӏани, захӏмалъи букӏунаро, дагьго кьижанигицин. Гьединлъидал радал макьидаса рорчӏизеян цӏумур лъолаго, хӏисаб гьабизе ккола хехаб макьил заманаялъ рорчӏиледухъ. Масала, къаси сагӏат 12 тӏубалелдехун кьижун ккани, макьил тӏоцебесеб бутӏа лъугӏула сагӏат 1:30, кӏиабилеб сагӏат лъабгоялда, хадусеб сагӏат 4:30, гьедин рогьинегӏан. Гьелда рекъон, къаси сагӏат 12 кьижулев чияс радал вахъинелъун цӏумур лъезе кколеб буго сагӏат 7:30 яги 9:00 тӏубараб мехалда.

3. Кьижилелде анлъго сагӏат цебеккун лъугӏизе ккола спортивиял тренировкаби. Черхалде хӏал щвеялъ нервабазул система багъаризабула ва кьижун хӏухьбахъизе захӏмалъула.

4. Къаси мехалъ битӏун кванай. Къаси мехалъ кваназе лъикӏаблъун бихьизабула углеводал гъорлъ ругеб квен. Кигӏан нилъ хӏикмалъаниги, гьеб ккола гьуинал булкаби, тортикал, карщал. Гьеб рикӏкӏуна макьу щвеялъе бищун лъикӏаб квенлъун, амма къаси мех бугелъул, дагьго кваназе ккола.

5. Телевизоралдаса инкар гьабун, кьижилалде цере тӏахьал цӏали.

6. Хурдул гьарураб хӏамам. Къаси квандаса хадуб сагӏат арабго 37-38 градусалъул хинаб ва гӏодориччазарулел хурдузул ваннаялъур регизе лъикӏаб буго. Календулаялъул, сагӏаналъул (мелисса), душицаялъул 50 граммалъул гьабураб тӏокӏкӏел гъорлъ жубараб ванная-лъур 20 минуталъ регила.

7. Хурдул жанир лъураб къандалъо. Махӏквеш, багӏачал, накӏкӏигъотӏол гьитӏинаб гӏаркьел, рохьил цӏулакьо жаниб лъураб гьитӏинаб къандалъо бусада аскӏоб лъуни, макьу гӏодобе биччараб букӏина.

8. Гъараналъул чай. Цо кӏудияб гъуд цӏураб гӏисин гьабураб гъараналде тӏаде тӏела стакан цӏураб бухӏараб лъим, кӏиго сагӏаталдасан гьекъезе бегьула.

9. Валерианалъул тӏокӏкӏел гьекъей.

10. Бусен битӏун лъей.

11. Хӏалуцунгутӏи.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова