Гъира букӏун гӏолеб гьечӏо, сурсатги къваригӏунеб буго
«Наркотикал гьечӏеб Россия» проекталъул автораз гьабураб цӏех-рехалда рекъон, Hydra абураб даркнеталда щибаб къойил наркотикал ричула 13 600 чиясе. Даркнетин абула, хъвай-хъвагӏай гьабулаго, хӏакъикъияб цӏарги цогидал баяналги цӏехечӏого, балъгояб дарам гьабизе кумек гьабулеб сайталда. Наркотикал ричулезул даркнеталда жанире раккулезул къадар бахуна 800 азарго чиясде. Гьеб ахӏвал-хӏалалъ рахӏатхвезабураб РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул комитеталъ 15 октябралда тӏобитӏана хасаб данделъи. Рехсараб комитеталъул председателасул заместитель Борис Чернышевасул пикруялда рекъон, наркотикал хӏалтӏизари ккола «жакъасеб Россия-лъул бищунго кӏудияб балагь».
Щиб хӏал бугеб Дагъистаналда?
Республикаялъул наркотиказде данде къеркьолеб комиссиялъги тӏоритӏула данделъаби. Гьениб бицуна чан чиясул хъвай-хъвагӏай гьабун бугебали, кинал тадбирал къуваталъул идарабаз гӏуцӏулелали. Гъоркьиса риидал Сепараторазул поселокалда бахъун букӏана ахӏи-хӏур. Полициялъул хӏалтӏухъабаз гьенир ккуна, гӏемераб заманалъ хадуб халги ккун, гӏолилайгун гӏолилав. Гьел рачӏун рукӏана пуланав чияс интернеталдасан бичун босараб наркотик гьесда батулеб бакӏалда бахчизе. Тӏадго ккурал гьел хӏалица нахъе рачана полициялъул хӏалтӏухъабаз – гьенир гӏумру гьабун ругез чӏвазехъин рукӏана гьел, жидер лъималазе наркотиказдаса букӏине бугеб хӏинкъиги хӏисабалде босун.
Республикаялда гьеб хӏал лъикӏаб рахъалдехун хисулеб гьечӏеблъи загьир гьабуна Дербент шагьаралъул бетӏерай нарколог Пасихӏат Гӏабдусаламовалъ. Дагьалъ цебе гьелъ гьениб рагьана наркотикал ва инсанасул гӏакълу биххизабулел цогидал жал хӏалтӏизарулел рукӏарал гӏадамал сахлъизарулеб отделение. «Нижер гьаниб буго анкьго чиясе бакӏ. Гьел рачӏуна радал, гьезие гьарула дараби ва къаденахъе гьел рокъоре тӏадруссуна. Жиндир цӏар загьир гьабизе бокьуларелги рачӏуна нижехъе, кумек гьарун. Гьединал хӏисабалде росуларо. Наркотикал хӏалтӏизарулел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏунеб буго. 2018 соналда наркотикал хӏалтӏизарулел рукӏана 3688 чияс, вукӏана 7340 гьекъолду-хъан ва 420 токсикоман. Дербенталда вуго хӏисабалде восарав 885 чи (2018 соналда вукӏана 875 чи). Гьезда гьоркьоса 276 ккола наркоман, 191 – гьекъолдухъан ва хутӏарал – токсикоманал (клей, лажбар ва цогидал жалазул махӏ сунтӏулел ва гьелдаса кеп щолел гӏадамал – ред.)», — ан бицана гьелъ.
Гьеб буго гӏицӏго официалияб статистика, ай наркодиспансеразда сияхӏалде росарал унтаразул къадар. Официалияб гуреб статистика, лъалеб букӏахъе, кидаго букӏуна батӏияб. Гьелде тӏадеги, руго жиндир цӏар рехсечӏого сахгьаризе хьвадулел гӏадамалги. Гьелги унаро официалияб статистикаялде гьоркьоре.
Пасихӏатица рагьараб отделениялда гьабсагӏаталда гьечӏо киналгӏаги шартӏал. Буго гьениб цо палатаги, чвердолеб рукъги. Жеги хӏажат буго богорукъ гӏадинаб бакӏ: унтарал тӏубараб къоялъ рукӏунелъул гьенир, дагьа-макъабниги жо кваназе ккеларищха гьез. «Дербент шагьаралъул районазда гьоркьосеб больницая-лъул нухмалъулес нижее ихтияр кьуна цебеккун лъимал гьарулеб отделение букӏараб бакӏалда наркоманал сахгьарулеб отделение рагьизе. Амма больницаялъул рес гьечӏо отделение хӏажатаб къайиялдалъун хьезабиялъе. Нижехъа бажарараб куцалда къачӏана гьеб. Жеги хисизе ккола чӏабар, росизе ккола шкафал, кроватал ва цогидаб къайи. Унтарал радал рачӏуна нижехъе, дару-сабаб гьабун хадуб хӏухьбахъула ва рокъо-ре уна. Официалияб къагӏидаялда цӏарги хъван гьабулеб бугони, гьезие дару гьабула чӏобого, ай дараби кьола больницаялъ. Цӏар рехсечӏого дару гьабизе бокьаразухъа босула 2500 гъурущ – сахгьавиялъул цо курсалъухъ цадахъго», — ян бицана Пасихӏатица.
Дербент буго пачалихъияб гӏорхъоде гӏагарлъухъ бугеб шагьар. Гьединлъидал наркоманалги гьенир гӏезегӏан руго. Махӏачхъалаялъул наркодиспансералда ругел унтаразда гьоркьорги бищун гӏемер руго дербенталъулал.
Хӏажат руго пачалихъиял централ
Дагьалъ цебе ДРялъул хӏукуматалъ тӏобитӏараб данделъиялда бицунеб букӏана республикаялда рагьун ругин наркоманиялдасаги, токсикоманиялдасаги, гьекъолдиялдасаги сахгьарулел централин абун. Амма гьел руго жалго бетӏергьанаб предприятие хӏисабалда рагьарал. Гьединал центразде унтарал ритӏеян ва гьединал централ рагьиялъул хӏакъалъулъ гӏадамазда лъазабизе хӏажат бугинги бицана данделъиялда. Амма бугищ гьелъие рес наркоманал хьихьулел хъизамазул? Гьеб буго захӏматаб масъала. Гьединаб централда сахгьариялъул цо курсалъухъ кьезе ккола 15000-17000 гъурущ. Нагагь цӏар рехсечӏого сахлъизаризе бокьани, тӏадеги кьезе ккола жеги 5000-6000 гъурущ. Экспертазул баяназда рекъон, наркоманиялдаса сахлъизе ккани, унтарасе щвезе ккола бищунго дагьаб лъабго курс. Гьединлъидал унтарасе хӏажалъула 40 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гъурущ.
Россиялъул аслиял шагьаразда рагьарал наркоманиялдаса сахлъизарулел центразда хӏалтӏизабула динги. Руго килисабазда рагьарал хасал централги. Гьенир ругел унтаразе бицуна диналъул бербалагьиялъул хӏакъалъулъ, унтарасулгун накъитал гьариялдалъун гьев куцала наркотиказдаса эркенаб гӏумру гьабизе. Гьединаб центр рагьизе ракӏалде ккун буго Дагъистаналъул Динияб идараялдаги. Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана П. Гӏабдусаламовалъ: «Динияб идараялъул гьеб лъикӏаб пикру буго, амма гьеб буго гӏицӏго анищлъун хутӏизесеб мурад. Рачӏун рукӏана гьел дихъе. Гьезда цадахъ дун ана Гъазданущиеги – гьениб пуланаб мина балагьун буго центр рагьизе. Лъица хьихьизе бугеб центрилан гьикъана дица ДУМДалъул
вакилзабазда. Гьез жаваб кьуна бусурбабазин абун. Амма гьелъул
жо кколаро. Наркоманиялдаса сахгьариялъе къваригӏуна гӏемераб гӏарац. Сурсат гьечӏони, иш байбихьудасаго лъикӏ ине гьечӏо: жакъа букӏина гӏарац, метер букӏин щакаб буго. Даруйин абуни, щибаб къоялъ гьабизе ккола ва гьелги учузал гьечӏо. Дица гьезда абуна, сахлъизе рачӏарал хӏалтӏулеб производство рагьани, мурад тӏубазе бегьулин абун. Амма гье-лъиеги квекӏенал гӏемер рукӏунеблъи бичӏчӏизабуна гьез дида», — ян.
Мадихӏат Хӏажиева