Гӏажаибаб къисматалъул Испаниялъул офицерас щиб гьабулеб букӏараб Кавказалда?
«Кавказалъул гӏемерисел халкъалго гӏадин, лезгинал, гьитӏинаб къоялдасаго нахъе, ккола гьунар тӏокӏал кьвагьдохъаби». Гьедин абуна Кавказалъул халкъазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ лъай бугев Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосица (1788-1864). (Нилъеда лъала, гӏурусазги къватӏисел улкабазул вакилзабазги «лезгиналин» абулаан Дагъистаналъул тӏолалго мугӏрузул халкъазда. – Ред.).
Хуан Ван Галенил умумул ккола Бельгиялдаса. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана Испаниялъул армиялда. Рехсараб улкаялъул къирал Фердинанд VII-лесде данде гӏуцӏараб ишалда гъорлъ гӏахьаллъиялде щаклъиги ккун, Ван Гален тӏамун вуго туснахъалде. Гьениса 1818 соналда гьев лъутула Россиялде. Эмиграциялъе Россия тӏасабищиялъе гӏиллалъун ккун батизе буго «испаниязул пикруялда рекъон, Россия букӏана Испаниялъулгун киданиги дандеккунгутӏиял ккечӏеб ва гьалбадерил хӏурмат гьабиялъул рахъалъ лъикӏаб пачалихъ». Хадусеб соналда, жиндир ракьцояв Нухазул бухьеналъул управлениялъул нухмалъулевлъун вукӏарав генерал А. Бетанкурил квербакъиялдалъун, Ван Гален лъугьуна Нижний Новгородалъул 44-абилеб драгуназул полкалда майорасул чиналда хъулухъ гьабизе. Полкалъ хъулухъ гьабулеб букӏана Кавказалда. Гьелдаса нахъе Кавказалда хъулухъалда вукӏуна гьев ва гьениб араб жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ гьес бицуна 1830 соналда Лондоналда къватӏибе бахъараб «Хъвай-хъвагӏаял» абураб тӏехьалда.
Гьес тӏехьалда загьир гьабула ХӀX гӏасруялъул авалалда Кавказалда букӏараб рагъулабгун политикияб ахӏвал-хӏалалъулги Россиялъул стратегиял мурадазулги хӏакъалъулъ хасаб пикру. Кавказалъул рагъулъ Россиялъул самодержавие ритӏухъаб букӏиналде кинабгӏаги щаклъиги гьечӏо гьесул.
Гьесул пикруялда рекъон, империялъ бачӏуна мугӏрузул халкъазе цебетӏейгун цивилизация. Гьес тӏехьалда бицунеб гьечӏо гьеб цивилизациялъул мурадалда хӏалтӏизарулел рукӏарал вахӏшиял къагӏидабазул хӏакъалъулъ, щайгурелъул Европаялъул цӏалдолес Россиялъул нухмалъиялде гӏайиб-гъвел гьабунгутӏизе. Гӏемераб жо бихьизеги лъугьа-бахъунеб бичӏчӏизеги гьунар бугев испаниялъуласда бихьулеб букӏана гӏицӏго «рагъул минаялъул» къватӏисеб рахъ ва гьесда лъалеб букӏун гьечӏо Кавказалъул рагъул тӏолабго жанисеб рахъ, ай балъгоял мурадалгун гӏиллаби.
Нилъеда гӏемер дандчӏвала гӏурус солдатасе рецц-бакъ гьабурал мухъал. Амма тӏубанго батӏияб асар гьабула, жиндир ишцояздаги магӏарулаздаги хадуб кӏваркьун халкколев Испаниялъул офицерас жиндирго пикраби загьир гьарун хъварал мухъал цӏалулеб мехалда.
«Лезгинасе цӏакъ бокьула жиндирго чу, – ян хъвалеб буго Ван Галеница Дагъистаналъул магӏаруласул хӏакъалъулъ, – ва гьев божула Аллагьас чу чиясе кьун букӏиналде – гьесул реццги битӏккунгутӏиги бащад бикьиялъул мурадалда. Лъимерлъудасаго куцала гьев чотӏахъанлъиялъеги, ярагъ хӏалтӏизабизеги ва, бищун цӏакъал Европаялъул кьвагьдохъабиго гӏадин, гьесул ракӏчӏараб букӏуна, жинца кьвагьараб таманчаялдаса гулла яги чӏорбутӏалъусан речӏчӏараб чӏор гӏужде щвеялде. Гьезул тункӏил калибр нилъералдаса дагьаб буго, амма гьелъул хӏарацогун бащдалъ цӏикӏкӏараб буго Европаялъул армиялда ругел тункӏазулалдаса, гьединлъидал гулла рикӏкӏаде щола. Рахча-хьварал бакӏаздасан гьоркьоса къотӏичӏого кьвагьдолел гьезул гуллби гӏажаибго гӏужде щола кидаго. Гьеб кьвагьдеялъ гьарула, Европаялда киданиги лъаларел гӏадинал камиялги; гьез кӏвар гьабуларо рагъулаб гӏадлу-низамалъулги гӏарадабазулги. Гьелде тӏадеги, гьезухъа бажарула жидеде данде битӏараб гӏарадаялъе хъулухъ гьабулел солдатал гӏужилго чӏвазеги. Гьужумалде рачӏунел ругониги, нахъе къалел ругониги, гьел кидаго ахӏдола-чӏичӏидула, гьелъие гӏиллалъунги ккола гьезул къуркьи гьечӏеб фанатизм. Пуланаб бакӏалда рагъ гьабулеб мехалдаги, мугъзада нахъа жидерго халатал тункӏалги ран, гьел цоцалъ гъункула ва тӏад буртина жемараб квегӏаб квералъ нахъчӏвала хвалчадул кьаби ва гьелдаго цадахъ кваранаб квералъ данде рагъулезде речӏчӏула ханжар. Къо-къаб манзилалда рагъулаго гьезул гӏужиллъиги тирилъиги хӏисабалде босани, ханжар речӏчӏарав чи къанагӏат гурони чӏагоги хутӏуларо. Гьезул начальниказда букӏуна гвангъараб къолденги, шлемгун шишакги, гӏарцуцагун меседалъ къачӏараб багьа хирияб ярагъги, гьединабго бечедаб ретӏелги. Жидехъе щвараб бакӏ цӏунулеб рагъулъ гьезухъ кодор рукӏуна аварагасул хӏадисал тӏад угьарал байрахъалги».
Ван Галение хӏалхьи щвечӏо Кавказалдаса ун хадубги. 1830 соналъул сентябралда гьев гӏахьаллъана Бельгиялъул революциялда, голландиялъулазде данде рахъаразул бетӏерлъуда. 1836 соналда, Испаниялда вукӏаго, дивизиялъул командирлъун вугев гьес бергьенлъи босана къираласул политикияб партиялъул вакилзабазда тӏад. Конституция тӏадбуссинабиялъул мурадалда гӏуцӏараб балъгояб ишалда гӏахьаллъунилан абун, гьев жанив тӏамула, амма кватӏичӏого эркен гьавула ва тола Каталониялъул генерал-капитанлъун. Гьес къинабула 1842 соналда ккараб Барселонаялъул мятеж ва гочуна Англиялде. 1845 соналда тӏадвуссуна ватӏаналде.
«Европаялда политикиябгун ра-гъулаб карьера гьабизе рес букӏарав Ван Галеница жиндир тӏехь хъвана, кӏиго соналъ Россиялдаги вукӏун, северияб империялда лъугьа-ба-хъаралъул ва жинда бихьаралъул хӏакъалъулъ хӏалбихьи загьир гьаби хӏисабалда. Хъвана гьеб бихьанщинаб жо жеги рекӏелъ чӏаго букӏаго.
Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ бицунеб гьесул тӏехь ккола Европаялъул гуревги цӏалдолесе мухӏканаб асарлъун. Гьеб буссинабуна Европаялъул гӏемерал мацӏазде – гьездаго гьоркьоб паранг мацӏалдеги – ва гьеб цӏалулеб букӏана Россиялдаги».
Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосил «Хъвай-хъвагӏаял» абураб тӏехьалъ мустахӏикъаб бакӏ ккола Кавказа-лъул историографиялда.
Хӏажимурад Доногъо