Парашюталъ кигӏан гӏемер кӏанцӏаниги, ругьунлъизе заман щун бугониги, рекӏелъа хӏинкъи тӏагӏунеб гьечӏин абулаан Танкаевас
Меседил медалалда академия лъугӏизабидал, Мухӏамад Танкаевасе рес щвана хъулухъ гьабизелъун аскаралъул бокьараб тайпа тӏасабищизе. Гьесда абула гьаваялъулгун десанталъулал аскаразде айилан. Гьевин абуни киданиги самолеталдасан парашюталъ кӏанцӏун вукӏинчӏо, парашют бихьунцин букӏинчӏо…
— Хӏалтӏи байбихьизе ккана парашют лъазабиялдаса, — ян бицунаан Мухӏамад Танкаевичас, ва тӏадеги жубалаан зодор киналго ращадал рукӏунин абун. Самолеталдаса кӏанцӏулелъул, лъиданиги гьикъуларо мун командирищ яги мухъилавищ кколевилан. Тренировкабазул бицани — гьеб буго цӏакъго кӏудияб, кутакалда къобихьулеб захӏмат. Тренажералги, залги, кӏанцӏиялги. Гьеб киналъго нилъедаса тӏалаб гьабула къохӏехьейги бахӏарчилъиги. Гьелде тӏадеги нижеца, командирзабаз, солдатазда малъизе кколаан кӏанцӏизе гуребги, рагъизеги. Гьезда малъизе ккани, цин дидагоги лъазе ккеларищха. Жиндаго лъалареб жо кинха командирас солдатазда малъилеб.
Медкомиссия тӏобитӏулелъул, тохтурзабаз Танкаевасда абуна жидеца гъукъулила дуе гьеб пишайилан. Гьелъие гӏиллаги букӏана гуллица рас-расун рарал гьуърул. Гьеб лъугьа-бахъин ккана 1941 соналда Калининский фронталда. Мухӏамад Танкаевичас ротаялъул солдатал гьужумалъ рахъинаруна. Цо заманалдасан хьибил бухӏун ана. Гьесда бичӏчӏана лъукъаравлъи, амма чӏезе заман букӏинчӏо. Гьев цеве ана, хадур солдаталги рачун. Ва гӏаздада гӏодов ккана. Гьелдаса хадубги гьев чанго нухалда лъукъана. Масала, 1943 соналда Ворошиловградалда ккарал рагъазулъ. Гьеб киналъулго хӏисаб гьабуна тохтурзабаз. Амма гьез хӏисабалде босичӏо Мухӏамадил къохӏехьейги, бихьинчилъиги, таваккалги. Штабалъул офицерзабазул къокъаялда цадахъ гьев тӏоцебесеб нухалда кӏанцӏана парашюталдасан. Цинги — кӏиабилеб, лъабабилеб… ва 125-абилеб.
Дунялалдаго бищун цебе Багӏараб Армиялда гӏуцӏана десантниказул къокъа. Гьебги букӏана 1930 соналъул 2 август. Гьеб мехалда къокъаялда вукӏана 10 чи. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гьаваялъулгун десантазул аскарал машгьурлъана Сталинградалда, Дальний Востокалда, Кавказалда, Днепралда ккарал рагъазулъ. Смоленщинаялда ккараб киназдаго ракӏалда буго. 1942 соналъул январь-февралалда тушманасул тылалде рехун вукӏана анцӏазарго чи. Доб заманалда ре-къон, гьеб букӏана кӏудияб къадар ва тушманасде гьабулеб кӏудияб гьужум. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицунаго пикрабалъе ккана Танкаев.
— Рагъдаса хадуб чанго сон ана, халгьабе десантниказул аскаразулъ ккараб хиси, — ян абуна Танкаевас. — «Ил» ва «Антеи» самолетазул кумекалдалъун зодоре рахинарун бажарана танкалги, санитариял машинабиги, рагъухъабазул тӏубарал подразделениялги, артиллерияги.
Газеталдасанги гӏемер цӏалана десантник кколин ракетчикги, танкистги, саперги, артиллеристги абун, гьесда лъазеги кколин бокьараб яргъил хӏалги, гьаваялдасан рагъулаб техника киб бугебали лъазабизе бажаризеги кколин. Гьединго десантник вукӏине кколин лъикӏав самбистлъунги, лъазе кколин каратэялъул приемалги. Гьеб киналъего рагъухъан куцалев вуго кӏиго соналъ. Кӏвеладай кӏиго соналда жаниб рагъухъанасда гьеб лъазабун? Гьелъул хӏакъалъулъ гьикъана Мухӏамад Танкаевичасда.
— Гьеб гӏураб заман буго армиялде лъикӏаб хӏадурлъигун рачӏаразе. Амма загӏипал гӏолилазе жеги бащдаб лъагӏелги тӏаде жубалаан дица, — ян абуна Танкаевас. — Цо-цо нухалда дир ццимгицин бахъуна, армиялда хъулухъ гьабулел гӏолилазухъа бищунго бигьаялцин упражнениял гьарун бажарулеб гьечӏеблъи бихьидал. Кинго ричӏчӏизе кӏоларо спорталъулгун дагьабгӏаги хурхен гьечӏел гӏолилал. Загӏипазе армиялда захӏматго букӏуна. Гьединазда рагъалъги гурхӏел гьабичӏо. Сахаватлъиги къохӏехьейги гьечӏони, унго-унгояв десантниклъун вахъунаро. Инсанасе захӏмат букӏуна ругьунлъизе, хасго зодил «чӏобоголъиялде». Гьеб дидагоги бихьана. Солдат лъадаризе ккола киналъего. Кин? Офицерзабазулгун сержантазул мисалаздалъунги лъикӏаб рагӏудалъунги. Ахӏи-хӏуралъги, хӏалица гьабизе тӏамиялъги, буюрухъалъги хӏасил кьоларо. Лъикӏаб, ракӏбатулеб рагӏуца инсан сах гьавула.
Гӏумруялдехунги гьединабго бербалагьи букӏана гьесул. Гьединавлъун вукӏана гьев рагъдаги, гьелъие ритӏухъавлъун хутӏана ракълилаб заманалдаги.
— Тӏубарал къояз гьев вукӏунаан ротабазда, батальоназда, — ян бицунаан Вера Николаевналъ.- Гьедин букӏана гьес полкалъе нухмалъи гьабулеб лъабабго соналда жаниб. Цогидал офицерзабазул руччабаздасан лъалаан дида гьевги парашюталдаса къаси мехалда кӏанцӏулевлъи. Дунги кьижулароан, ясги йикӏунаан зурзудилей, рогьалилъ ваккун вачӏунаан.
Цо гьадинаб лъугьа-бахъинги ккун букӏана. Мухӏамад Танкаевичасда ракӏалда букӏинчӏо зодове вахине. Солдатал ругьун гьурулел рукӏана. Гьесда рагӏана кӏигояв парашютгун кӏанцӏизе хӏинкъун вугилан. Десантникасул форма ретӏана гьес ва сагӏаталдасан солдатазул цӏияб къокъа гӏуцӏана. Гьелда гьоркьове вачана хӏинкъарав дов кӏиявго солдатги. Гьес щибго калам гьабичӏо, гьезие бадирчӏваял гьаричӏо. Самолеталда рекӏун унелъул, гьезда аскӏове ана ва абуна гьабсагӏаталда жив кӏанцӏилин, жинда хадур кӏанцӏизе хӏадурлъейин. Кӏудияб божилъигун гьезухъги валагьана. Гьеб божилъи бихьана гьел солдатаздаги. Парашютги рагьун, Мухӏамад эхеде валагьана ва вохана, жиндаго хадур рачӏунел солдатал рихьидал.
— Жеги-жеги хӏинкъула дун, — ан бицана гьес, — жакъа дир букӏана 62-абилеб кӏанцӏи, ругьунлъизе заманги щун буго, бугониги рекӏелъа хӏинкъи тӏагӏунеб гьечӏо. Лъалищ нужеда дие сунца кумек гьабулебали? Дица кидаго ракӏалдещвезарула рагъул заманалда тушманасул тылалде парашютгун аралги, 30-абилел соназ тӏоцебе зодоре нухал рагьарал бахӏарчиял гӏадамалги. Гьезда гьоркьов вукӏана дир ракьцояв Наби Аминтаевги. Абизе бегьула ниж рукӏанин кӏицӏулго ракьцоялин. 1935 соналдаго гьев кӏанцӏана, кислородалъул маскаги гьечӏого, 7600 метралъул борхалъудасан ва чӏезабуна дунялалъулго рекорд. Кӏиго соналдасанги кӏанцӏана 10000 метралъул борхалъудасан. Рагъул соназдаги гьев хӏинкъи лъаларев рагъухъан тушманасул тылалде воржана чанги. Гьес партизаназухъе щвезарулаан ярагъги, дарабиги, рагъулал сурсаталги. Рукӏана цогидалги. Гьездаго гьоркьор ясалги. Ва цо кинабалиго жанисеб гьаракьалъ дида абула гьабизе, кӏвезе, бажаризе кколаян.
Цо солдатас абуна гьел рукӏанин жидерго ишалъе гӏоло сундаго барахщи гьечӏел, кӏудияб гьунаралъул гӏадамалилан.
— Гьелги циндаго гуро ра-хъарал тӏадегӏанаб классалъул махщелчагӏилъун. Спорталде бугеб рокьиялъги, тӏасабищараб ишалде бугеб кӏудияб гъира-шавкъалъги бажарана гьезухъа бищунго захӏматал тӏогьал мутӏигӏ гьаризе ва жидерго цӏарал машгьур гьаризе, — ян бичӏчӏизабуна Мухӏамад Танкаевичас солдатазда. — Гьезул анцӏгогӏан лъикӏал парашюталги руго нилъер. Нилъ, нужги дунги, ккола ватӏан цӏунулел рагъухъаби. Гьеб нилъеда кидаго ракӏалда букӏине ккола.
Хӏажи Гӏарипов