Жамагӏаталда мугъчӏвай гьабиялъ цӏикӏкӏана хӏалтӏул рахъин

Росу-жамагӏат ккола цо кӏудияб хъизам. Росдал бегавулги ккола гьеб хъизамалъул эмен гӏадав чи. Гьединлъидал гьесде тӏаде ккола хъизамалъул масъалаби тӏуразариялъул ишги, «лъималазул» гӏумру-яшав лъикӏлъизабиги.

Росдал бегавуллъун вукӏаго жамагӏаталъе щиб гьабун бажарараб, кинал суалаз жакъа рахӏатхвезабун бугеб, кинал ругел церечӏарал масъалаби? Гьел ва цогидал суалалги рорхун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Хасавюрт районалъул Кокрек росдал бегавул Мирза Муртазагӏалиевасулгун:

— Мирза, рачӏа байбихьизин Кокрек росдал тарихалъул бициналдасан.

— 1944 соналда чачаназул ракьалде хӏалгьабун гочинаруна Рилъаб, Чӏилда ва Чанаб росабазул гӏадамал. Чачанал тӏадруссине байбихьидал, гьел Дагъистаналде рахъине ккана. Гьезул хӏукму ккана колхозазул гӏи-боцӏиялъ хасел тӏамизе хӏукуматалъ кьун букӏараб авлахъалда росу базе. Мина базе цо хъизамалъе хӏукуматалъ кьолаан 1500 гъурущ ва, кумек хӏисабалда, кьолаан цӏул-цӏа, шифер.

1958-1959 соназда 150 хъизама-лъухъа бажарана жидеего санагӏатал минаби ран. Гӏуцӏана колхоз, хадуб гьеб сверизабуна цӏибил гӏезабулеб совхозалде. Чанго соналдасан, «совхоз-миллионер» абун, гьелъул цӏар Дагъистаналдаго тӏибитӏана ва гӏадамазул гӏумру-магӏишат цебетӏуна.

1990-абилел соназда байбихьана совхозалъул магӏишат кӏалагъоркье чӏвазе. Цӏибил бахъ-бахъун бана, хӏалтӏул бакӏал дагь гьаруна, халкъалъул бечедаб магӏишат биххана, хвана, бикъана, бикьана. Жакъа росдал гӏадамал руго кӏварас кӏвараб, щварас щвараб гьабун. Аслияб куцалда гӏумру-яшав бараб буго жидерго ракьалда гӏезабураб бачӏиналда, даран-базаралда, пенсия-пособиялда.

— Кинал росаби унел администрациялде гьоркьоре, чан чи вугев гӏумру гьабун, щиб миллата-лъул чагӏи гьел кколел?

— Кокрек росдал администрациялде гьоркьобе уна Кокрек ва Къарланюрт станция росаби, гьенив гӏумру гьабун вуго ичӏазаргогӏанасев чи, гьезул 99 процент буго магӏарулазул. Аслияб куцалда гьел ккола Чӏарада, Гӏахьвахъ, Хунзахъ, Болъихъ, Казбек районазул гӏадамал. Руго дагьа-макъал гӏурусал, татарал, чачанал, даргиял ва лъарагӏал. Районалъул цоги росабазде дандеккун, Кокрек ва Къарланюрт станция росабазул гӏадамал руго цоцалъ рекъарал ва цоцазе кумекалъе рахъунел чагӏи.

— Мун хъулухъалда вугеб 12 соналда жаниб росдае щиб гьабун бажарараб?

— Гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ халатаб буго, гьединлъидал рехсела росдае цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏарал. Хӏукуматалъ биччараб 600 азарго гъурущги харж гьабун, жамагӏаталъул кумекалдалъун жаниса бацӏцӏана аслияб канал, росдал администрациялъул 300000 гъурущги харж гьабун, бацӏцӏана кӏиабилебги канал.

Жамагӏаталъул гӏи-боцӏуе ветеринариял тадбирал гьариялъе бана кӏиго рочон, хварал хӏайванал ралеб хасаб бакӏ, сверун къараб кьишни балеб хасаб бакӏ, рагӏа-ракьанде щун къачӏана росулъ бугеб ункъо кьо, 420 азарго гъурущги харж гьабун, Кокрек ва Къарланюрт росабазда гьоркьоб бана цӏияб кьо.

Жамгӏиял хӏалтӏабазулъ кӏудияб бутӏа лъуна Гӏандиса Гӏумаханова Айзанат абулей гӏаданалъ. Кьо базе гьелъ кьуна 80000 гъурущ, 10-20-30 азарго гъурщил кумек гьабурал чагӏиги ккана. Пенсиялда йигей Гӏалиасхӏабова Пасихӏатица 300 азарго гъурущги харж гьабун бана кьо. 1965-1970 соназ бараб росдал администрациялъул мина букӏана басралъун, жаниве чи вачине нечараб хӏалалда. Гьанже балагьеха, кӏиго миллион гъурущги харж гьабун, берккезе хӏинкъараб къагӏидаялда къачӏана. 500 азарго гъурущги харж гьабун бана «Хъахӏал къункъраби» памятник…

— Росдал бегавуласул бетӏер унтизабулел масъалабилъун рикӏкӏуна токги, газги, нухалги…

— Гьел ккола киса-кирего ругел масъалаби. Гьеб рахъалъ нижее хӏукуматалъул кинабгӏаги кумек щвечӏо, дица нухал ратун, росдал гӏадамаз жидецаго харжал гьарун тӏуразаруна масъалаби. Масала, Къарланюрт росдал гӏаммаб ракьалдасан ункъо ракьул участок бичун щвараб гӏарцудалъун ва гьеб росдал жамагӏатчагӏазул жигаралдалъун бачана гьенибе токги газги.

Кокрек росдал басриял авалазда гьечӏо токалъул бицине гӏураб масъала, цӏияб авалалда букӏуна токалъул къуват гӏоларого. Рес бугеб жо гьабулеб буго, масала, жамагӏаталъухъа гӏарацги бакӏарун дагьаб цебе босана цӏияб трансформатор, унел руго гьеб рекъезабиялъул хӏалтӏаби.

Гӏумаров Сагӏаду вуго токалъул хӏалтӏи лъикӏ лъалев чи. Ток аниги, гьелъул алатал къачӏазе кканиги гьев ахӏула ва Сагӏадуца тӏубала гӏадамазул мурад. Жамагӏаталъул рахъалдасан гьесие баркалаги буго.

Советияб заманалда цӏибил лъалъазе гьабураб хӏорихъан жибго чваххун бачӏуна росулъе гьекъолеб лъим.

Районалъул цогидал росабазде дандеккун, нижер руго цӏакъ лъикӏал нухал. Нижер букӏана сов-хоз-миллионер. Совхозалъ росдал киналго нухазде хъил тӏун букӏана, гьеб жеги хун гьечӏо.

Росу тӏубанго газалдалъун хьезабун буго, гьениб кинабгӏаги гӏарз букӏунаро.

— Росабазул бегавулзабазул гӏарз букӏуна росулъ хӏалтӏи гьечӏого гӏемерал гӏолохъаби ругин, гьединлъидал камулеб гьечӏин гьекъел-мехтелалъул, наркотикал хӏалтӏизариялъул хӏужаби, цо-цо нухалда гъалмагъирги…

— Кокрекалъулал ккола, аслияб куцалда, росдал магӏишаталда рухьарал чагӏи. Щибаб хъизамалъул буго ах-хурги, гӏи-боцӏиги, гӏанкӏу-хӏелекоги.

Гӏолохъабаз картошка бекьизе ижараялъе росула аскӏор ругел Узунотар, Андрейаул, Байрамаул, Муцалаул росабазул ракьал. 50-100 гектаралда картошка гӏезабулел гӏолохъабиги руго.

Гьединлъидал нижер гӏолохъа-базул заман гьечӏо гьекъел-мехтелалде ва наркотиказде руссун чӏезе.

— Фермерлъиялъул чан магӏи-шат бугеб, СПКялда рухӏго бугищ?

— Буго Мухӏамад Гӏабдулмажи-довасул (совхоз-миллионералъул вукӏарав председатель) цӏаралда бугеб СПК. Аслияб къагӏидаялда СПКялъ гӏезарула могьолал культураби. Кибго гӏадин, нижер СПКги цӏакъ загӏиплъун буго, кватӏичӏого гьеб пакъир тарихалде инилан ккола.

Нижер кӏиябго росулъ батила, гӏага-шагарго, 25-30 фермерлъия-

лъулаб магӏишат. Масала, Мухӏамадов Хӏасанил буго жиндирго хъизамалъул фермерлъиялъулаб магӏишат, амма бачӏин бакӏарулеб мехалъ гьес хӏалтӏизе вачуна 30-40 чи. Гӏалиасхӏабов Баширил буго 12 гектаралда гӏуцӏараб ахихъанлъиялъул фермерлъиялъулаб магӏишат.

Къарланюрталда буго Асадулаев Ибрагьимил чӏегӏербоцӏи гӏезабулеб фермерлъиялъулаб магӏишат. Анд-рейаулалда анцӏго гектар ракьги ижараялъеги босун, гьес бана ферма, буго хер бецулеб бакӏги.

— Кинал ругел исана тӏуразе кколел суалал ва церечӏарал масъалаби?

— Захӏмалъабиги нахъе тӏамун тезе бегьуларел масъалабиги гӏезегӏан руго. Бищунго захӏматаб ккола бюджеталъул суал. Гӏарац бугони, магӏарда ахги гьабулин абула. Беццаб бадиса бачӏунеб магӏу гӏадаб гурони гӏарац хӏукуматалъ кьолеб гьечӏолъиялъ захӏмалъулеб буго росуцоял разияб хӏалалда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Планалда буго Кокрек росдал клубалъул минаялда ремонт гьабизе, гьекъолеб лъел басралъарал мухъазул рогӏрал хисизе, чара гьечӏого хӏажат буго хӏор сверун къазе, гьенив хъаравул тезе, канлъи чӏезабизе. Кокрекалъул кӏиго сменаялда хӏалтӏулеб росдал басрияб школалда вуго 800-гӏанасев цӏалдохъан. Бищунго захӏматаб масъала ккола чамалиго соналъ балаго нухда хутӏараб цӏияб школалъул мина лъугӏизаби.

Токалъул кварал руго бихьизабураб заманалдаса лъабго-ункъо нухалъ цӏикӏкӏун хӏалтӏарал, ай 20 соналъ церего хисизе кколел рукӏарал.

Кӏудияб къварилъи буго лъалъаялъе хӏалтӏизабулеб лъим гӏоларого. Абулеб буго лъехъ гӏарац кьезе кколин. Лъехъ гӏарац кьуни, ракь хӏалтӏизабиялдалъун гӏадамазе щиб пайда кьезе бугеб?

Нури Нуриев