Нижер букӏана кӏиго росу: Басрияб Чӏикӏаб ва Цӏияб Чӏикӏаб. Басрияб Чӏикӏаб букӏана Сулахъ гӏурул квегӏаб рахъалда, Цӏияб Чӏикӏаб — Сулахъ гӏурул кваранаб рахъалда. Чӏикӏасез гьелда абулаан Авлахъ росуйин.
Нижер хъизамалъ гӏумру гьабулеб букӏана Басрияб Чӏикӏаб. Дир эмен, Гӏусманил Хӏажи, вукӏана кверда махщел бугев чи. Гьабулаан къебелъигун цӏулал устарлъи, къачӏалаан чӏунтарал гьабал. Дир инсул умумулги рукӏун руго гьединалго махщел бугел чагӏи. Инсул имгӏал Хӏамзатил Авлахъ росулъ букӏана мина. Гьелъул азбаралъусан бихьулаан Сулахъ гӏурул хехаб чвахиги, рукӏана Басрияб Чӏикӏаб росдал гӏор бахун дорехун рукӏарал балагьарал гӏажаиблъизарулел мокьрол, цӏолбол ва цӏулакьодул ахалги.
Дир инсул имгӏалзабазул букӏун буго 9 гьобо. Гьел хӏалтӏулаан сентябрь моцӏалдаса бахъараб май моцӏалде щвезегӏан. Хутӏараб заманалда, гӏорги щун, гьел лъелъ тӏерхьунаан. Рагъул заманалда гӏоралъ босун бачӏунаан билбагӏараб гӏеч. Гӏурул кӏиябго рагӏал цӏун букӏунаан гӏечул. Ниж, гӏисинал лъимал, унаан гъираялда гьеб бакӏаризе. Гӏеч гуребги, чӏалабиги рачӏунаан гӏоралъ росун. Лъеца рагӏалде рехарал чӏалаби гӏадамаз жидеего росулаан.
Дир инсул имгӏал Хӏажияв, кулаклъунги гьавун, Сибиралде витӏана. Туснахъалда каранзул унтиги ккун, рокъове виччан вачӏана ва мехго балелде хвана 1942 соналда. Вац Сибиралде витӏараб мехалъ, гьесул вац Хӏамзатги, гӏемераб мехалъ вахча-хъван, Казбек районалда вукӏана.
Басрияб Чӏикӏаб росдал колхозалде дандеккун, Цӏияб Чӏикӏаб (Авлахъ росдал) колхоз бечедаб букӏана, щайгурелъул захӏматкъоязухъ кьолаан ролъ, цӏоросаролъ, хӏан, гьан ва цогидабги. Цӏияб Чӏикӏаб букӏун батилин ккола 150-160 цӏараки. Росу букӏана битӏараб бакӏалда. Щивав чиясул рукъалда аскӏоб букӏана ах (бахча). Росдада аскӏорго рукӏана колхозалъул ахалги. Ахал лъалъазеги гьекъезе лъиналъеги бахъун букӏана лъим, кӏиго трубаги лъун. Лъим бахъун букӏана Басрияб Чӏикӏаб букӏараб Ахъсу лъаралдасан, Сулахъ гӏоралда тӏасан чӏедерабго маххул кьоги лъун, 1937 соналда.
Авлахъ росулъ колхозалъул председательлъун гӏемерал соназ хӏалтӏулев вукӏана Агъаев Юсупдибир. Гьев вукӏана хӏалтӏи лъалев чи. Росдал колхозги, щибаб соналъ хӏатӏухъабазе захӏматкъоязухъ доход кьолеб букӏиналъ, цебетӏураблъун рикӏкӏунаан.
1941 соналъул сентябрь моцӏалда Юсупдибирица дир эмен Хӏажи, жиндихъегоги ахӏун, гьарун буго, мун гӏадинав махщел бугев чи къваригӏун вугин, колхозалде лъугьайилан. Эмен разилъун вуго ва нижги Цӏияб Чӏикӏаре гочана. Инсуца колхозалъе гьабулаан къебелъи, гьарулаан гьакибурдул, гьакал. Кватӏичӏого колхозалъ нижее кьуна гӏакаги.
Исана апрель моцӏалда 75 сон тӏубала ниж чачаналъе гочинаруралдаса. 1944 соналъул март моцӏалда росулъе вачӏана Буйнакск районалъул тӏоцевесев секретарь ва Басрияб Чӏикӏаса советалъул председатель (кӏиябго росдал совет цо букӏана). Бицана хабар, партиялъул хӏукмуялда рекъон, ниж бечедаб бакӏалде гочинарулел ругин. Гьелда гӏадамал разилъичӏо, киназго инкар гьабуна. Нахъеги кӏиго анкьидаса вачӏана гъовго тӏоцевесев секретарь, гьабуна доклад, нуж бокьун ани, нужее хӏукуматалъул кумекги букӏине бугин, разилъичӏони — чачанал гӏадин, хӏалица ритӏизе ругин. Жамагӏат кӏи бикьана. Разилъичӏониги росулъа гочине ккана гьанжесеб Ножай-Юрт районалъул Гъалайтӏа росулъе.
1944 соналъул 12 апрелалда нижер рукъалъул кӏалтӏа чӏана кӏиго гьоко: цояб нижее, цояб мадугьаласе. Цо гьакида лъезе кӏвараб къайиги босун, ниж Буйнакскалъул вокзалалде щвана. Гьениб бана лъабго къо. Хадуб къайи баччулеб поездалдаги рекӏун, щвана Хасавюрталде. Гьениб бана 8 къо, машинабазул ирга щвезегӏан. Дунял букӏана квачараб, тӏаса накӏкӏ босичӏого ралел цӏадалги рукӏана. Гьедин ниж рукӏаго, талихӏалъ, ниж цӏехон вачӏана Хасавюрталда гӏумру гьабун вукӏарав умумузулго гьобол, мунагьал чураяв Цӏобокьа Махӏатӏ. Гьес ниж рокъоре рачана. Гьесул рокъоб анкьго къо бана. Ахир-къадги «Студебекер» машинаялда къайиги лъун, ниж Гъалайтӏа росулъе щвана. Нижее щвараб рукъ букӏана цӏи бараб, нуцӏби-гордал гьечӏеб. Хъата-масан ралагьана инсуца басриял нуцӏби-гордал, заманалдасан цӏиял лъуна. Лъим босулаан Ахъайсу лъарахъа. Гьеб букӏана хӏабургъараб, къоялъ тӏокӏкӏинегӏанги тун, гьекъолаан. Гьеб лъедалъун унтаралги гӏемерлъана. Гьеб мехалъ колхозалъул председательлъун вукӏана мунагьал чураяв Мухӏамадгӏалиев Гӏумар. Кватӏичӏого гьев районалде вачана.
Инсуца бицунаан жив райкомалде ахӏанин ва тӏоцевесев секретарас (гьев вукӏанин ккола Мачиев) абунин, нижеда мун Цӏияб Чӏикӏаб колхозалъул председательлъун тӏамизе ракӏалда бугин. Инсуца абун буго жинда дагьабго къадаралда гурони хъвай-хъвагӏай лъаларин. Гьесдаги абун буго мун гурони гьеб хӏалтӏи тӏадкъазе чи гьечӏин.
Палхӏасил, гӏуцӏана 4 бригада. Дагьабго бакӏалда чачаназ бекьун батараб ролъ ралел цӏадаз лъилъизе толеб букӏинчӏо. Колхозалъул заместительлъун тӏамуна Дадаев Салман (Махӏачхъалаялъул мэрасул инсул эбелалъул эмен). Салман вукӏана ракӏбацӏцӏадав, тӏадкъараб иш тӏубазабулев инсан. Гьесул вас Салманов Гъазимухӏамадица лъугӏизабуна ДГУялъул историялъул факультет, тӏамуна Махӏачхъала шагьаралъул горкомкомсомалъул секретарьлъун, хӏалтӏана политехникияб институталда. Цӏунана диссертация, вахъана тарихиял гӏелмабазул кандидатлъун. Гьев ккола Чӏикӏаб росулъа тӏоцеве вахъарав гӏелмабазул кандидат.
Эмен, хъахӏлъи барабго, хурзабахъе сверизе унаан. Гьесда ратун руго 4 чӏужугӏадан лъилъараб хуриса ролъул тӏор бищулел. Гьел хӏинкъун лъугьун руго. Хӏажица абун буго: «Нуж хӏинкъуге, сагӏат микьго тӏубазегӏан щвараб жоги босун, бригадир вачӏиналде рокъоре а», — ян. (Гьел руччабазул цояй гьабсагӏатги Буйнакскалда йиго).
Нижер хъизам Чачаналъа гочана Буйнакск шагьаралде. Чачаналъа гочулаго ва гочун хадуб бихьараб гӏакъубаялъухъ, ккараб заралалъухъ рецӏел кьечӏо. Диналъулги бечелъиялъулги рахъалъ цӏар рагӏараб Басрияб Чӏикӏаб росу ралъдал тӏиналда хутӏана. Гьитӏинаб мехалда дир гӏумру араб Басрияб Чӏикӏаб росдал сипат-сурат гьабсагӏатги цебечӏун буго. Цо-цо мехалъ макьилъцин бихьула росу.