Халкъазда гьоркьосеб Шамил имамасул цӏаралда бугеб культуриябгун тарихияб фондалъ ракӏ-ракӏалъ баркула «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазда ва газета цӏалулезда жиндирго хӏалтӏиги лъалев, бажари-гьунарги бугев, магӏарулазда гьоркьовги машгьурав журналист Гӏумахан Гӏумаханов газеталъул бетӏерав редакторлъун тей.
Магӏарул цӏалдолел рохизаризе жанги, жигарги, тавпикъ-икъабалги кьеги гьесие ва гьесул нухмалъиялда гъоркь тӏолабго коллективалъе.
Фондалъул президент Гӏалиасхӏаб Хархачаев
***
«Хӏакъикъат» газеталъул нухмалъиялъулъ ккарал хиса-басиял лъикӏалъе ратаги ва лъикӏлъиялъул бутӏа щивав цӏалдохъанасе гьарзаго щвейги буго нилъер мурад.
«Хӏакъикъат» буго магӏарулазе цӏи-цӏияб хабарги босун бачӏунеб чапар. Информация чара гьечӏого хӏажатаб ишлъун букӏиналъ инсанасе хиралъана газеталъул хъулухъги. Цоцазе гӏакълаби кьезе, сверухъ кколеб-толелъул хӏисаб-суал гьабизе, лъикӏабги квешабги батӏа бахъизе лъазе малъулеб казият камун нилъ хутӏугеги. Гьединлъидал, гьеб букӏинеги ккола щибаб гӏелалъ цоцахъе мадиро гьабун кьураб ишлъун: ригь араз — цӏияб гӏелалъухъе.
Дица гьелъул ва инсанасул гӏакълу-къасдалъе пайдаял рахъазул пикрабаз борца-къотӏана гӏемерал рахъал. Гьелъие гӏиллалъунги букӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Камалов Гӏали нахъе индал, гьесул бакӏалде, ай гьабсагӏаталда редакторасул ишал тӏуралевлъун Гӏумахан Гӏумаханов (Гӏандийский) танилан рагӏи.
Ара-таралъухъ ва хӏалтӏулъ бихьизабураб хӏаракатчилъиялъухъ ракӏ-ракӏалъулаб баркалаги Гӏалие кьун, Гӏумаханиеги гьарула икъбал. Дида цевегоялдаса нахъе лъала махщел камилав журналист, гӏаданлъи бугев инсан Гӏумахан. Гьесул гьунаргун хӏаракатги бихьана «Сабаб» журналалда, «Хӏакъикъат» газеталда, Болъихъ районалъул газеталъул бетӏерав редакторлъун хӏалтӏулеб заманалдаги. Дица тӏадегӏанаб къимат кьола гьесул шигӏруялъулаб ва журналистикаялъулаб гьунаралъе.
Магӏна гъваридаб, хъвале-толелъулъ унго-унголъунги миллияб адабият ва маданият хӏалтӏизабизе лъай, тӏадегӏанаб махщелгун къалмикьа арабщиналъе цо хасаб магӏна-гӏиналъул куц бати, — гьесие хасиятаб нух букӏуна. Гьединлъидал дун божарав вуго «Хӏакъикъат» магӏарулазе жеги хирияблъун лъугьине букӏиналда. Гьелъул гьурмазда магӏарул махӏги-яхӏги, гӏаданлъи-намусги, иманги-исламги камилго загьирлъиялда ракӏчӏараб букӏиналда дир кигӏан дагьабниги щаклъи гьечӏо.
Баркула, гьитӏинав вац, магӏарулаз дуде гьабураб божилъи. «Хӏакъикъаталъул» байрахъ борхатго кквезе дуе сахлъиги бажариги кьеги Бетӏергьанас.
Хӏайбула Гӏабдулгъапуров
***
«Баркула-баркуларо» абураб калима буго магӏарулазул, цо иш лъикӏищ ккелеб, квешищ ккелебали лъаларого ругеб мехалда абулеб.
Гьеб ракӏалде бачӏана дидаги Гӏумахан Гӏумаханов нилъер магӏарул казияталъул удаманлъун тӏамунин абураб хӏукму министрас цӏалараб мехалда. Баркула гьеб жавабияб ва захӏматаб хӏалтӏуда ишги лъалев, лъайги бугев, творчествоги бичӏчӏулев къалмил агьлуялъул чи, пасихӏав рагӏул устар, гӏужилав сатирик тӏамун вукӏиналъ.
Баркуларо, гурхӏула тӏаде ккараб гьир бихьун, гӏадамазул газеталдехун гьечӏеб бербалагьи бихьун, гьеб цӏализе тӏамизе гӏураб пикруялъулги, гьунаралъулги, хъвай-хъвагӏаялъулги чагӏаз цебего казияталъулгун къо-лъикӏ гьабунги букӏун. Магӏарул миллаталъулги газеталъулги цебего бухьен тӏун букӏун, киналго диналъул вацал социалиял гьиназ, диналъул яцал — ватцапалъул гудраз ккун рукӏун. Гьел дагьабниги пикруги, гӏакълуги, асарги бугеб хъвай-хъвагӏай цӏализе тӏами жакъа цӏакъ захӏматаб ишги буго. Гьелъие гъеж гуризе ккола тӏоцебе дуцаги, хадур цӏазе ккола хутӏарал, дагьабниги пикру ва гьунар бугелщинал гӏадамалги.
Тӏадбуссинабизе ккола нилъер миллияб басма 90-абилел соназда букӏараб къадруялде ва машгьурлъиялде. Гӏали Камаловас газета хӏабургъарал 90-абилел соназда гьунар бугел гӏолохъабазе бакӏги кьун гӏезеги гьабуна, хадуб гьелго гӏолохъабазулгун рагъ бан, тӏалаб гьабичӏого, гъорлъе рачинчӏого хвезеги гьабуна. Кин батаниги, нилъеца гьесие баркала кьела компартиялъул догмабаздаса газета хвасар гьабиялъухъги, тӏаса лъугьун тела хадусел гъалатӏалги.
Гӏайиб камурав чи вукӏунареблъиги хӏисабалде босун. Дирго рахъалдаса гъалатӏ ккараб, адаб тараб жо букӏун батани, ракӏ-ракӏалъ тӏаса лъугьаянги гьарула Гӏали Камаловасда. Гьарула цӏияв редакторасе къалмие бегӏерлъи, пикруялъе гъварилъи, каламалъе пасихӏлъи, кидаго цебехун тарихалдаго букӏараб магӏарул газеталъул къадру ва цӏар борхизабизе къуватги гьунарги.
Республикаялъул художествиябгун публицистияб «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиев.