(Цебесеб 46-номералда)
Мухӏу Гӏалиев (1940)
Гӏалиев Мухӏу – советияв ва Россиялъул политикияв хӏаракатчи, ДРялъул тӏоцевесев президент, философиял гӏелмабазул доктор.
Гьавуна 1940 соналъул 6 августалда Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъ.
1962 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет ва 1969 соналда гьенибго аспирантура. 1962-1964 соназда хӏалтӏана Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквари росдал школалъул директорлъун.
1964-1966 соназда Мухӏу хӏалтӏана ДГУялъул ВЛКСМалъул комитеталъул секретарьлъун. 1966-1969 соназда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул аспирантура. 1969-1972 соназда хӏалтӏана ВЛКСМалъул Махӏачхъала шагьаралъул комитеталъул тӏоцевесев секретарьлъун.
Гьелдаса хадуб, 1972 соналда, гьев вищана КПССалъул Махӏачхъалаялъул Советский райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун ва гьенив хӏалтӏана 1983 соналде щвезегӏан.
1983 соналда Мухӏу Гьиматович хӏалтӏизе вачана КПССалъул обкомалъул гӏуцӏиялъулаб ва кадрабазул отделалъул нухмалъулесул заместительлъун, 1984-1990 соназда — отделалъул заведующийлъун.
1990-1991 соназдайин абуни М. Гӏалиев хӏалтӏана партиялъул Дагъистан обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун. Гьев вукӏана ДАССРалъул 9-11 ахӏиялъул (1978-1990) Верховный Советалъул депутатлъун, ва 1990-19911 соназда КПССалъул ЦКялъул членлъунги.
1991 соналъул декабралда М. Гӏалиев вищана республикаялъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун, 1994 соналъул июлалдайин абуни — Дагъистаналъул Верховный Советалъул председательлъунги.
1995 соналда гьев вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва гьебго соналъул апрелалда – гьелъул председательлъунги.
Мухӏу Гьиматович 1996 соналдаса нахъе кколаан Россиялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул членлъунги.
2003 соналъул 30 марталда гьев нахъеги вищана Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва 3 апрелалда гьелъул председательлъунги.
2006 соналъул 20 февралалда Россиялъул президент В. Путинил бихьизабиялда рекъон, Мухӏу Гӏалиев вищана Дагъистаналъул тӏоцевесев президентлъун.
2006-2010 соназда Дагъистаналда кӏвана 2,5 нухалда цӏикӏкӏинабизе валовияб региональнияб продукт. Республикаялде рачӏунел инвестициялин абуни щибаб рухӏ рикӏкӏун хӏисаб гьабулеб къадар Югалъулаб федералияб округалда нилъер букӏана бищунго цӏикӏкӏараб. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна социалияб рахъалъ гӏадамазе кумек гьабиялъул мурадалда: анцӏ-анцӏ цӏиял школал рана, гьениб лъималазе чӏезабуна хинаб квен, кризисалъул заман букӏаниги, цӏикӏкӏинабуна лъималазе щолеб пособие, 70 проценталъ цӏикӏкӏинабуна библиотекаразе харж, «Лезгинка» ансамблялъул, балеталъул ва операялъул театралъул хӏалтӏухъабазе, журналистазе I,5 нухалда цӏикӏкӏинаруна харжал. Цересел партийниял хӏалтӏухъабазе борхизабуна пенсиязул къадар, чӏварал милиционеразул хъизамазе кьуна рукъзал…
Амма 4 соналда жаниб Дагъистаналда кьучӏдасанго ахӏвал-хӏал хисизабизе захӏматаб суал букӏана. Щайгурелъул СССР бихаралдаса анцӏ-анцӏ сонал аниги, жеги гьебгицин рукӏалиде ккун гьечӏелъулха.
Ватӏаналъе гьабураб ракӏбацӏадаб хъулухъалъе гӏоло М. Гӏалиев мустахӏикълъана 4-абилеб ва 3-абилеб даражаялъул «Ватӏаналъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло» орденазе ва гӏемерал медалазе. Мустахӏикъаб хӏухьбахъиялда вугониги, Мухӏу Гьиматовичас жигараб гӏахьаллъи гьабула республикаялъул жамгӏияб гӏумруялъулъ.
Гӏабдула Фатагӏалиев (1939)
– Дагъистаналъул халкъияв артист. Гьавуна 1939 соналъул 22 апрелалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. Анкьго сон тӏубарав Гӏабдула Хунзахъ гьоркьохъеб школалде цӏализе лъугьана. Гьеб заманалда Гӏабдулал эмен хӏалтӏулев вукӏана Хунзахъ районалъул НКВДялъул начальниклъун.
5-7 классазда цӏалана Сугъралъ школалда. 1956 цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде ва 1959 соналда Советияб армиялда хъулухъ гьабизе ана.
Рагъулалгун гьаваялъул частазда хъулухъ гьабулаго, Гӏабдула 944 нухалда кӏанцӏана парашюталдасан. Гьев ккола парашютазулабгун десантазул хъулухъалъул инструктор.
СССРалъул ВДВялда хъулухъ гьабулаго, гьес гӏахьаллъи гьабуна: 1967 соналда Гӏагараб бакъбаккуда ккарал лъугьа-бахъиназулъ; 1968 соналда Варшаваялъулаб къотӏи-къаялъул аскаргун Чехословакиялда «Дунай» операциялъулъ; 1979-1982 соназда Советияб армиялъул аскаргун Афгъанистаналда.
Белоруссиялда армиялда хъулухъ гьабулаго, Минскалда цадахъго лъугӏизабуна университеталъул тарихияб факультетги.
Ватӏаналъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло Гӏабдула Фаталиев мустахӏикълъана 5 медалалъе.
Мутай Хадулаев
Мутай Хадулаев (1940) — Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустахӏикъав артист, халкъиял бакъназул устар. Гьавуна 1940 соналъул 14 маялда Лаваша районалъул Хахитӏа росулъ. Гӏагараб росулъ школаги лъугӏизабун, Мутай цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул Г. Хӏасановасул цӏаралда бугеб музыкалияб училищеялде.
Гьесул бакънал рачине бугеб гьунар лъугьана республикаялъул музыкалияб искусстовоялъул бутӏалъун.
Мутайица гӏемерал соназ хъулухъ гьабуна республикаялъул машгьурал творческиял коллективазда: миллиял инструментазул оркестралда, Дагъистаналъул кучӏдузул ва кьурдабазул ансамблялда, республикаялъул кьурдабазул академикияб ансамбль «Лезгинкаялда».
«Лезгинка» ансамблялда кьурдулев вац Мухӏамадил гьунаралда рухӏдаллъарав гьесул творческияб гӏумру байбихьана 1956 соналда, музыкалияб училищеялъул мугӏалим Х. Ханукаевасул классги лъугӏизабун.
Кӏиго соналдасан гьес гӏахьаллъи гьабулеб букӏана Дагъистаналъул С. Керимовасул нухмалъиялда гъоркь бугеб миллиял инструметазул оркестралда.
Гьунарчиясул рекӏелъ кӏудияб лъалкӏ тана 1960 соналда Москваялда Дагъистаналъул искусствоялъул декадаялда гьабураб гӏахьаллъиялъ. Гьел къоязда оркестр цебебахъана тахшагьаралъул гӏемерал сценаязда. Гьезда Москваялда дандчӏвай гьабуна машгьурав актер Михаил Жаровас. Гьел цере рахъана Кремлялъул кӏалгӏаялдаги.
1965 соналда коллектив ахӏана Москваялда тӏобитӏулеб Кӏудияб Ватӏанияб рагъ лъугӏаралдаса 20 сон тӏубаялъул хӏурматалда гьабулеб сухӏматалде. Гьениб гӏахьаллъи гьабулеб букӏана Совет Союзалъул маршал Георгий Жуковасги. Мутайил кеманчаялъ хӏайран гьарулел рукӏана балагьарал.
90-абилел соназда Мутайица, жиндир гьунар дагьабги цебетӏеялъе ресги кьолаго, гӏуцӏана щуго чиясдаса данделъараб «Ай-лаззат» абун цӏар тараб хасаб ансамбль. Гӏемер кватӏичӏого гьелъул цӏар тӏобитӏана Дагъистаналда гуребги, гьеб бахун къватӏибги. Гьунар бугеб коллектив щвана Магаданалдаса байбихьун, Калининградалде щвезегӏан ва улка бахун къватӏибеги — Голландиялде, Франциялде, Италиялде, Германиялде, Бельгиялде, Турциялде.
Жакъа Мутай Хадулаевич хӏалтӏулев вуго «Лезгинка» ансамблялда.