24 ноябрь — улбузул къо

Гьале исанаги тӏаде щвана Тӏадегӏанас инсанасул гӏумру берцинлъиялъе ракьалде йиччарай хӏурулгӏин, бищунго хӏикматай, гӏажаибаб гугьаралъул берцинлъиялъ сверухълъиго асир гьабулей эбелалъул байрам. Нилъер щивасул гӏумруялъул тӏехьалда буго эбелалъул магӏуялъги рохелалъги хъварал тӏанчал. Щивас зама-заманалдасан регула гьел тӏанчал нахъехун.

Дида гьикъани, масала, Ватӏан сундасан байбихьулебилан абун, дица абилаан эбелалъул гьимиялдасанилан.

Эбелалъул гьими

Гьеб гьимиялъ, кверги ккун, нухарегӏула нилъ заз-хъарахъалъулги тӏегь-хералъулги цӏурал гӏумруялъул сухъмахъазде ва шагьрабазде. Нагагьлъун гьел нухазда лъимер тарани, гьимиялъ кьер хисула, гьелда чӏвала свараб нур. Лъимералъул бадисан баккараб талихӏалъул бакъул чӏораз хьухьараб гьими даимго белъанхъизе ккани, лъималазги гьеб гьимиялде данде рехизе ккола рокьул чӏорбутӏал. Цинги гьимиялъухъе тӏадруссине руго рохалил кьерал. Гурони, гьел кьерал магӏица релъине руго.

Эбелалъул магӏу

Огьо-гьой! Тӏухьигӏан бакӏабги, кваскасгӏан тамахабги, гьоцӏогӏан гьуинабги, рикӏкӏгӏан кьогӏабги… Бухӏарабги, цӏорорабги…

Дунялалъулго улбузул магӏу цолъани, лъугьинаан ракьалда щуабилеб океанги. Киналго улбузе гӏаммаб магӏу жакъаг ахӏделеб буго, гьарделеб буго улбузул цӏаралдасан, жидехъа лъималазул талихӏ бахъугейилан.

Гӏенекке цо лахӏзаталъ – рагӏулеб гьечӏищ нужеда магӏуялъул гьими? Лъалищ нужеда магӏу кида гьимулебали? Гьай-гьай, лъимералъул талихӏалдаса гӏорцӏулареб мехалда. Цинги ахӏула гьелъ дунялалда бищунго хӏайранаб кечӏ.

Эбелалъул кечӏ

Ракьалде рещтӏин тӏоцебе лъимералда баркула эбелалъул кечӏалъ. Унго-унголъунги гьелъулъ бугебщинаб къуват! Тӏоцесеб иргаялда, гьеб къулула киниде. Цинги ахӏула гьелъ кинида бущараб лъимералъе талихӏ гьарараб кечӏ. Лъимералдаго цадахъ кӏудиябги гӏола эбелалъул кечӏ. Зама-заманалдасан хӏинкъунги лъугьуна гьеб, цо заманалдасан тӏуркӏизеги тӏуркӏула гьеб.

Гьеб кочӏол куркьбаздаги рекӏун, лъимерги эбелги щолелщинал бакӏал. Раккула гьел анищазухъеги, кӏетӏола талихӏалдаги, гьардола хьулаздаги, роржуна бакъухъеги, рещтӏуна моцӏродаги. Цинги жидерго цӏваялда аскӏоб рещтӏенги гьабула. У. Эбелалъулги лъимералъулги цӏваялда аскӏоб. Роцӏараб роол сордоялъ гьеб цӏваялъул сариназухъ гӏенекканищ нуж? Яги хасалил халатал сардаз гӏаздаде данде кӏарчамго цӏикулел гьезул кечӏалъ гъаргъар базабуларищ черхалда?

Ва цинги гьеб цӏваялъ нах бахъула эбелалъул рекӏелъе.

Эбелалъул ракӏ

Лъимералъул рекӏел кӏутӏигун цолъидал, гьеб твархезе лъугьунеб куц! Хӏалуцун кӏетӏолеб гьелъухъ гӏенеккани, нилъеда цебе бачӏуна эбелалъул хӏасратаб сипат.

Хӏалхьигьечӏолъиялъ кӏвекӏараб, гӏазабазда хӏеккинабизе кӏвечӏеб, тӏурараб макьуялъ гьурмада гӏужал лъураб, лъимадуе абадияб талихӏ гьарулаго свакачӏеб…

Дунялги цӏола гьелъ, дангъуралъубги гьуна гьеб. Гьеб бараб буго лъималазда. Боржунебищ гьеб букӏине бугеб, яги цо бокӏнилъ тӏепунищ.

Эбелалъул кверал

Эбелалъул квераз щулаго ккураб лъимер. Гьезул хӏеренлъиялъ гьеб беэдун толеб куц!

Гьеб лахӏзаталъ гьезда рухӏдаллъула жибго гӏумругицин. Берккелин хӏинкъараб гьеб сураталъухъ балагьун пикрабалъе кколеб батила жибго къисматги. Гьел квераз гьабураб кванил тӏагӏамалъухъ урхъарал лъималазул кӏутӏби. Гьезда кӏудияб рокьул мугьру чӏвала, бабал квераз кӏиябго кӏаркьенги ккун, гьабулеб гӏажаибго берцинаб махӏалъул убачалъ. Унха. Бабал убачалъ. Лъималазе талихӏ гӏуцӏулел кверазда рахъун рукӏунелщинал согӏалги пулалги. Гьел квераз гурищ бакулеб лъимадул талихӏалъул гъасда тӏоцебесеб цӏаги.

Эбелалъул цӏа

Эбелалъул гъансито. Лъимер дунялалде бачӏиналдего, гьелъие хӏадурараб цӏадул кунчӏиялъ гвангъизабураб. Гьеб цӏадул хинлъиялъ цӏорой хъвазе толаро лъимералда. Гӏумруялъул гӏансигицин биинабулеб гьеб цӏадул гваргвариялъ гьури хъвазе биччаларо лъимадул талихӏалда.

Амма цо-цояязда бичӏчӏуларо гьеб цӏадул багьа. Даим бакахъе хутӏизе бугеб гьелъул канлъи загӏиплъула, кунчӏи сун уна, гьеб цӏадуде гъорлъе лъималазул цӏаязул хӏенхӏалги журачӏони.

Гӏолохъанлъиялъ къо-лъикӏ гьабулелъулги, ботӏрол расазда гӏумруялъул савуялъ жиндирго лъалкӏал толелъулги, нилъ нахъ ралагьула. Ва рикӏкӏадасанго нилъеда бихьула эбелалъ гъанситохъ нилъее бакун тараб цӏадул кунчӏи.

Чӏобогояб гъасда бакун хутӏараб гьелъул чиякълъи. Чиякъаб гьелъул рукӏунел чиякъал сариналги. Дирги ракӏ судизабула гьел сариназ. Гьел урхъун рукӏуна лъималазул гьаркьихъ. Гъасда гьеб гьаракь къанагӏалъанагӏан, дагьлъулеб цӏадул кунчӏиялъги, кунчӏи дагьлъанагӏан беролеб цӏадул хинлъиялъги васвасалъе ккезарула пикраби. Гьединал лахӏзатаз нилъеда ракӏалдещола, гьабизе ресги букӏаго, улбузе гьабичӏого хутӏарабщинаб лъикӏлъи. Цинги нилъ гӏедегӏула росдал рагӏалда ругел хабзалахъе.

Эбелалъул зани

Гьалеха доб магӏу гӏодулеб къваридаб лахӏзат – эбелалъул зонода къвалги бан, гьейгун гаргадулеб мех. Нилъеда ракӏалдещола гьейгун цадахъ тӏамураб талихӏаб гӏумруги, гьанжего гьанже бичӏчӏизе байбихьула гьелъул кинидахъ кочӏол магӏнаги, гьелъул цӏадул махӏалъ цӏала гӏагараб гъасде. Берда цере паркъезе лъугьуна гӏумруялъул сухъмахъалги. Цинги беразул хӏоринисан гирунго гирун рачӏунел магӏил гараз гьелъул заниялда баарабго, тӏуркӏула нилъ. Ва сородулел, бабал убачалъухъ нахъеги урхъарал кӏутӏбуз щурула: «Тӏасалъугьа, эбел», — илан. Кватӏунцин гьечӏодай нилъ? Ва цӏидасанги цебе бачӏуна рукӏкӏалабаз басбасараб эбелалъул сипат.

Эбелалъул рукӏкӏалаби

Унго, нужер гъварилъи. Унго нужер хӏеренлъи. Унго, нужер гьайбатлъи, гӏумруялъул улбузда гьурмазда сокӏкӏарал рукӏкӏалабазул. Гьезул щибалъул буго жиндирго тарихги, къисаги, къисматги.

Гьале гьаб цояб, цӏакъго гъваридаб рукӏкӏел батила дир эбелалъул гьурмадаса. Лъималазул талихӏалъул гьогьеналъул тӏагӏам кинаб букӏунебали лъазе, гьелъул рагӏдукьги бакъукьги хӏухьбахъизе щвечӏеб эбелалъул гьурмада букӏараб гьеб ракӏалдещведал, пашманлъиялъ ханлъи гьабула пикрабазда.

Хӏурматиял цӏалдолел!

Цо лахӏзаталъ ракӏалдещвезаре нужерго улбузул сипатал. Лъалищ нужеда кинал кьеразул ругел гьезул магӏуги, релъиги, рукӏкӏалабиги…!?