Театралъул меседилаб фонд
(Гӏайшат Къурбанова гьаюралдаса 100 сон тӏубаялде)
«Поэт» абураб поэмаялда Мухӏамад Ахӏмадовас хъвалеб буго: «Ракӏалдещвеял рекӏел хъаравулзаби руго, кидаго рорчӏуда рукӏунел, рикӏкӏада хутӏараб гӏумруялъ рекӏеда кӏутӏулелъул кӏанцӏун тӏаде рахъунел», — абун. Гьедин, дир пикрабазулъги чӏаголъулей йиго Гӏайшат, цебетӏамулеб буго дунгун цадахъ хӏалтӏараб гуребги, дол рикӏкӏадал лъеберабилел соназ гьей театралде ячӏараб мехги.
— Гьеб букӏана, — ян ракӏалдещвезабулеб буго Гӏайшатица цересел соназда газеталда бахъараб макъалаялда, — 1939-абилеб соналъул 6 март. Дун тӏоцее цее яхъана Хунзахъ росулъ. Ва гьале, гьалщинал соназдасан чӏухӏун абулеб буго, дун артистка йигинги. Театр буго дир рокьи, дир талихӏ, дир гӏумру.
«Жеги театр Хунзахъ бугеб заманалдаго, артисткаялъ хӏалаан спектаклязда аслиял ролал. Гьанжеги ракӏалда йиго Цӏадаса Хӏамзатил «Айдемир ва Умайгьанаталда» Гӏайшатица хӏараб Умайгьанатил роль. Гьелъул Умайгьанат йикӏана халатал, чӏегӏерал гъалазул, чергесаб логол, рагьараб гьумералъул гӏун ячӏуней цӏалдохъан. Бесдал эбелалда цее, зазда чӏараб хӏинчӏ гӏадин, йигей гьелъул пашманлъиялъги, Асмал кверзукь вугев инсул бербалагьиялъги гьелъул хӏаялъухъ балагьаразул берал риччичӏого хутӏулароан», — абун хъвалеб буго Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас.
Жеги ратила гьелъ бергьенлъиялда хӏарай, жиндирго ракьцояй Ругъжаса Гӏанхил Маринил эбелалъул образ бихьарал. Гьей Гӏаша-кӏодо, Хӏажи Заловасул «Хӏасратай кочӏохъаналда» Маринил гьитӏинай яс Патӏиматги каранде къан, кӏалги букъун хабалъ зонода юхьун йигей жиндирго Маринихъги ялагьун наибасда кӏал гьикъулей йихьидал, балагьаразул хӏалхьолеб букӏараб куцилан ракӏалдещвезабула цадахъ хӏалтӏараз жакъаги.
Гьединго гьез бицуна М. Къурбановасул «Малла Насрудин» спектаклялда Гӏайшат йикӏанила рекӏедаса арай, гванзай къоролай Заза-Бикалъунги. Гьелъул ролалда Гӏайшат цее яхъиндал балагьараз гьелъие хъатцин кьабулеб букӏана. Гьелъул кьуркьудиялъги, кӏичӏардиялъги, гьоркьо-гьоркьоб бачӏинчӏониги гьабулеб релъиялъги, чӏухӏи ва гӏамалкӏодолъиялъги сценаялда хинлъи гьабулаан.
Щибаб рагӏиялъе кьолеб магӏна, тӏамураб гали, чорхол рагъа-рачари, битӏулеб квер, босулеб гали — кинабго магӏна-гӏиналде бачун, азарго нухалъ хӏалбихьун ва данде кколебщинаб тӏаса бищунлъидалха гӏуцӏулеб сценаялъулаб образ. К. Треневасул «Любовь Яроваялда» Дунькал образ, азербайжаназул драматург С. Ахундовасул пьесаялда рекъон лъураб спектаклялда Хажар Ханумил, А. Пушкинил «Полтаваялда» Матрена Ивановнаялъул, Б. Лавреневасул «Америкаялъул гьаракьалда» Дорожил ва ахирги, Зайирбег Гӏалихановасул «Мугӏрузул Гӏали» спектаклялда эбелалъул образ гӏуцӏун хадуй, гьелъ Дагъистаналъул халкъазул искусство цебетӏезабиги хӏисабалде босун, Дагъистаналъул Верховный Советалъул президиумалъул указалдалъун Гӏайшатие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка» абураб цӏар. Гьединго, магӏарул театралъ 20 сон тӏубаялда бан щвана Хӏурматалъулаб грамотаги.
1943 соналъул март моцӏалда театр гочана Буйнакск шагьаралде. Цо-цояз хӏинкъун лъаларо яги рекӏее гӏечӏогойищали тавакал тӏамуларо Шурагьире рачӏине. Театр рехун тезе къотӏи гьечӏел Зайнаб Набиева, Гӏайшат Къурбанова, Басир Инусилов, Хӏажи Асадулаев, Муса Гӏабасов, Мухӏамад-дибир Мухӏамадов, Махӏмуд Гӏабдулхаликъов жидерго ретӏел-хьит, квен-тӏех жанир лъурал сумкабиги мугъзада рекъезарун, радал Хунзахъа Буйнакскиялде сапаралъ рахъана гӏазул цӏурал мугӏруздасан ва сухъмахънухаздасан.
Захӏматал рагъул сонал. Квач-цӏорой ва ракъи-къеч. Амма, абуларищха, бокьун босараб гьир бакӏаб букӏунарин. Артистаз бицунаан рукъ гьечӏел, гӏолохъанал жидее кӏудияб кумек гьабулаанин сундулго рахъалъ гъизараб чуризеги, чӏалхараб букъизеги, хӏатта квен-тӏехалъецин Зайнабицаги Гӏайшатицаги. Гьайгьай, дагь-дагьккун гьал ругьунлъана шагьаралъул гӏумруялде. Шагьаралда жеги гӏатӏидаб рес щола творчествоялъеги. Театралде хӏалтӏизе рачӏуна Ума Нурмухӏамадова, Патӏимат Хизроева, Написат Гӏисакъова, Гӏалисхӏаб Мухӏамадов, Тажудин Гӏабасов, Якъуб Сулейманов.
Гьебго соналъ художествияб рахъалъе бетӏерлъи гьабизе вачӏуна Москваялъул пачалихъалъулаб театралияб искусствоялъул институт лъугӏарав режиссер А. Артемьев. Театралда творчествоялъул рахъалъ кинабго бараб букӏуна режиссерасда. Гьединав лъай бугев, пикру гъваридав режиссергун хӏалтӏи рахӏатаб нигӏматлъун лъугьана Гӏайшатиеги. Гьелъие рес щола Антон Чеховасул, В. Суходольскиясул, Ф. Кноррел ва цогидалги драматургазул пьесабазул ролазда тӏад хӏалтӏизе.
Артистал, хӏадурарал ролалгун, рега-рахъун шагьаралдаго чӏоларо. Гьел мугӏрузул сухъмахъаздасан росулъа-росулъе лъелго хьвадулаго, щибаб къоялъ 15-20 километр нухлул нахъаги тун, хӏамузда лъун декорациялгун унаан. Чан нухалъ цӏад бан хадуб, гӏор-лъар бахунаго, гьелъ хӏамул хъамун, тӏад букӏараб къайи-цӏа бортун тӏагӏараб, гьебги камун къаси гӏадамазда цере рахъине ккарал. Цониги спектаклялда бихьизе гьечӏо тӏекълъи, хӏалихьалъи, цӏогь, чӏвай-хъвей беццулеб. Лъикӏлъиялде гӏадамал кантӏизари — гьеле театралъул аслияб масъала. Гьединлъидалги батила Къурбанова Гӏайшат йикӏана ракӏ бацӏцӏадай, гьереси-рекӏкӏ бокьуларей ва сихӏирлъи рихарай гӏадан. Аваданаб гӏамалалъул гӏаданги йикӏана. Гьелъги батила, ахираб заманалда гьелъухъе кьолаан хӏазе кепал гӏамал-хасиятазул ролал. Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай» спектаклялда Гӏашура, Цӏадаса Хӏамзатил «Балагьалъул гъамасалда» Бахтика, Г. Хугаевасул «Эбел росасе кьолей йиго» спектаклялда Меседо.
1960 соналда Гӏайшат Къурбановалъе кьола «Дагъистан АССралъул халкъияй артистка» абураб цӏар. Гьеб заманалда гьей унго-унголъунги лъугьуна халкъалда лъикӏ лъалей, гьезие йихьизе йокьулей артисткалъун. Амма гьелъул бакъва-кӏасараб черхалъулъ букӏана добго чӏаголъи, добго кӏвахӏ лъалареб, чӏухӏи ва пахрулъи гьечӏеб хьвада-чӏвади.
1979 соналъул 30 сентябралда «Коммунизмалъул нур» газеталда Герейхан Зулумовас Гӏайшат Къурбановалъулгун гьабурал гара-чӏвариялда руго гьадинал рагӏаби:
— Дур бищун бокьулеб роль?
— Островскиясул «Гӏайиб гьечӏого гӏайибиял» абураб спектаклялда Галчихал роль. Дида ракӏалда буго, гьеб спектакль нижеца хӏана битӏахъе Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда, Буйнакскиялда. Залалда гӏодор чӏун рукӏана лъукъарал солдатал. Дида рихьана гьезул бадиса бачӏунел магӏил гарал. Гьеле гьеб мехалда бичӏчӏана дида искусствоялъул къуват.
— Кинал режиссералгун бищунго бокьулеб хӏалтӏизе?
— Цӏакъ гъираялда ва кеп щун хӏалтӏула дун нижер бетӏерав режиссер Хӏайбула Гӏабдулгъапуровгун. Цӏакъ гӏемер лъуна гьес лъикӏа-лъикӏал спектаклял.
Гьелъул магӏна кколаро ниж гьоцӏоги нахги гӏадин рукӏанин абураб. Дунги тӏалабчилъиялъе гӏорхъи гьечӏев вукӏуна репетициязда. Гӏайшатги жиндирабго ккун цо кьуричӏого ругъеждерил кьварараб гӏамалгун чӏолаан. Кӏиязего ритӏухълъи бокьиялъ ахир-къадги рекъолаан.
«Артисткаялъул хӏаялъулъ, жиндирго гӏумруялда гӏадин, кидаго цадахъ букӏана рохелги пашманлъиги. Гӏезегӏан гӏакъуба бихьун гӏезаруна гьелъ васал Шарапудинги Мухӏамадги. Абизе бегьула гьел кӏиялго артистазда гьоркьор гӏун рачӏанилан.
Нагагьаб балагьалъ Гӏайшатидаса ятӏалъана цо йикӏарай яс, кӏиго вацасул яц, гьитӏинай Патӏимат. Камуна цӏикӏкӏарав вац Тидурилав. Амма Гӏайшат къуркьичӏо, артисткаялъул сабру гӏуна кинабго хӏехьезеги, хӏалтӏулъ ракӏчӏун гали цебе тӏамизеги», — ян хъвана Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас.
Гӏайшат Къурбановалъ къотӏизе толаро творчествоялъул хӏалтӏи, цоялдаса хадуб цоял хӏала захӏматал ролал. Мухӏамад Сулимановасул «Мугӏрузул хъалаялда» Райгьанатил, Расул Хӏамзатовасул асараздасан гӏуцӏараб композиция «Магӏаруласул рагӏиялда» Патӏиматил роль, Вахӏидил «Лъутарав бахӏарав» спектаклялда Хъаничал. Советияб театралияб искусствоялъе гьабураб хъулухъалъе гӏоло Къурбанова Гӏайшатие 1970 соналъул 23 ноябралда кьуна «РСФСРалъул мустахӏикъай артистка» абураб цӏар.
Гӏайшат Къурбанова хварал къояз дица «Хӏакъикъаталда» хъван букӏана гьадин: «Къана Гӏайшатилги гӏумрудул пардав», — илан. Гӏумрудул къоязул пардав къаниги, даим рагьараблъун хутӏизе буго гьей ракӏалдещвеялъул кӏиабилеб гӏумрудул пардав.