Махӏачхъалаялда бугеб «Россия – дир тарих» музеялъулаб комплексалда тӏобитӏана канлъукъал ва беццал лъималаз рахъарал суратазул, гьез гьарурал ясикӏабазул выставка-ярмарка. Къиматалъ реэдичӏел лъималазухъ балагьун пикру гьабулеб букӏана киндай гьез гӏумруго гьабулебилан. Амма гьез гьарурал берцинал ясикӏабазухъги, рахъарал суратазухъги, гӏисинал квераз гьарурал тӏугьдузухъги, курхьабазухъгун рахсазухъги балагьидал, киназго абулеб букӏана киндай гьезда кӏварабилан гьадинаб берцинлъи гӏуцӏизе.
Тӏубанго канлъукъай Аминатица бицана анлъго сон базегӏан, дагьабго къадаралда бугониги, жинда канлъи бихьулаанин. Гьанже гьейги, канлъукъазул школалда, ругьун гьаюлей йиго курхьабиги, расуда ралел заколкабиги гьаризе. Батӏи-батӏиял кьерал ратӏарахъизеги малъулила кверги квашун.
Гьединал гьайбатал лъималазе чӏезарун ругел шартӏазулги гьезул хӏалтӏулги бицун кӏалъана захӏматалъул министр Изумруд Мугудинова. Данделъиялда кӏалъана республикаялъул беццазул жамгӏияталъул председатель Хавлатин Назирхӏажиев, «Дагъистаналъул гӏолохъанал инвалидал» цолъиялъул председатель Хӏайбула Мухӏамадов, Избербаш школа-интернаталъул директор Шамай Валибахӏандова ва цогидалги.