Ахирал соназда улкаялъул хӏукуматалъ кӏвар кьолеб буго росабалъ ругезул гӏумру цебетӏезабиялде.
Амма Шамил районалъул Къелеб мухъалда ругел Сомода, Хьонохъ, Гӏурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ, Ругъелда ва Ракьубгун Дагъбаш росабалъ токалъул рахъалъ расги лъикӏаб хӏал гьечӏо. Кинха букӏинеб, магӏарухъ ругел санагӏалъабазул бугезего бугеб токцин мех-мехалда унеб бугони. Чанго сон буго районалъул рехсарал росабалъе ток биччалеб подстанция Лъахъ росулъ бугелдаса. Кинаб гӏайиб ккун ток аниги, рехсарал росабалъ ток букӏунаро нахъисеб къоялъ радал сагӏат микьго тӏубазегӏан. Гьедин букӏиналъе гӏиллаги подстанциялда къаси дежурнияв техник хӏалтӏизе штат гьечӏин абулеб буго. Гьелъул хӏакъалъулъ бицун гӏемерал хьвадана гьел росабазул бутӏрул токалъул иш тӏубалел идарабазде. Бугеб ахӏвал-хӏал лъала районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасдаги. Хасалил чанго моцӏалъ Лъахъ подстанциялда хӏалтӏулев дежурнияв техникасе гӏарацги кьун букӏана гьес. Хьитал хвезегӏан республикаялъул идарабазде хьвадана Ругъелда росдал бегавул Гь. Гьитӏинамухӏамадовги. Амма гьеб суал тӏубазе лъилго къуват гӏолеб гьечӏо.
Хӏисаб гьабеха, подстанциялъул хӏалтӏухъанасе кьезе штат гьечӏинги абун, 8 росдал жамагӏатги, Ругъелда бугеб учасковияб больницаги, гьоркьохъеб школагун интернатги, мадрасалда цӏалулелги токалдаса махӏрумлъизе ккани, расги бигьаяб масъала гуро. Къойидаса къойиде квачалъ ханлъи гьабулеблъиги лъалеб бугони, щибдай гьабун лъикӏаб букӏинаян ургъалилъ руго росабазул нухмалъулелги. Щиб гӏайиб жидеда бугебилан абулеб буго жамагӏатазги.
Бокьилаан республикаялъул тӏадал идарабаз гьеб суал роцӏцӏинабуни.