Наби Гӏисаев гьавуна Цӏунтӏа районалъул Гьинухъ росулъ. Лъугӏизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Хӏалтӏана Цӏунтӏа районалъул «Захӏматалъе рецц» абураб газеталда, Гьинухъ росдал гьоркьохъеб школалда магӏарул мацӏалъул учительлъун. Гьабсагӏаталда вуго хӏалхьиялда.
Наби Гӏисаев ккола кучӏдузул тӏахьазул автор. Шагӏирасул юбилеялде басмаялде бахъун букӏана гьесул тӏасарищарал асаразул кӏиго том. Дагьалъ цебе басмаялде бахъана гӏурус мацӏалде таржама гьарурал кучӏдузул кӏиабилеб мажмугӏги. Газеталда бахъулеб буго «Нур сунареб бакъ» абураб поэмаялъул бутӏа.
Эбел, гьанже дур рукъ чӏегӏераб лахӏду,
Чӏвараб ракӏгун вуго хабаде къулун,
Эбел, эбелилан ахӏи баниги,
Дуца данже жаваб гьабулеб гьечӏо.
Хъирул заниялда сверун къвалги бан,
Къоялъ гӏоданиги, хӏалхьуларо ракӏ,
Хӏажат гьечӏо дуе дир магӏил гарал,
Гурхӏелги, рахӏмуги, рекӏел бакъвайги.
Бусада унтуца кӏвекӏулеб мехалъ,
Кӏиго-лъабго рагӏи абуна дуца:
«Дир ургъел гьабуге, ургъел гьабизе
Гьале гӏун рачӏунел дургоги лъимал.
Канлъиги, рокьиги рекӏел хинлъиги
Сайгъат гьабе гьезий дуца гьарзаго.
Соназ нахъа тарал халатал нухаз
Мун гьелде цо къоялъ кантӏизавила.
Раче, дир вас, гьел битӏараб нухде,
Малъе динул ислам гӏумруялъ, хӏал кӏун,
Хӏалалаб, хӏарамаб батӏагьабизе
Бичасул умурал тӏуразе гьарун.
Гьезий гьабе хъулухъ, гьезий кье хинлъи,
Кинабго гӏуцӏе ва цӏуне гьезие,
Цӏадакьги гӏаздакьги гӏакъуба хӏехьон,
Нижеца нужее гӏуцӏараб гӏадин.
Щукру-рецц хӏалкӏолев Бетӏергьанасе,
Гьанжелъизегӏанги чӏаго таралъухъ,
Чанги чӏегӏераб къо къулчӏананиги,
Къварилъи гӏисиназ кӏоченабуна».
Дир хьолбохъ эхетун анкьабго лъимер
Дуца абуралъул хӏисабалъ буго,
Ва дур рагӏабазул магӏна, гъварилъи,
Мех анагӏан, цӏикӏкӏун бичӏчӏунеб буго.
Баркала дуй, эбел, нухда гъветӏ гӏадин,
Нижер хьолбохъ даим яхъун чӏаралъухъ,
Магӏарул гьайбатал гӏадатал цӏунун,
Гӏаданлъи-яхӏалъул дарсал кьуралъухъ.
Дур лъикӏлъи, гӏадатлъи, гӏадан хиралъи
Хвезегӏан хъваниги, хъван бахъунаро,
Бокьанагӏан гӏемер сонал кьуниги,
Налъи бецӏун дихъа бажариларо.
***
Магӏарда чанил гӏадин,
Чара хун угьдула ракӏ
Дуда бер чӏвалеб мехалъ,
Дуда бер чӏвачӏеб мехалъ,
Дир эбел!
Гӏоралъ бачунеб бакъан,
Бакъуца кьолеб хинлъи
Гьанже мукъсанлъун буго,
Гьанже мукъсанлъун буго,
Дир эбел!
Гьале дун рокъов щвана,
Балагьана – мун гьечӏо,
Мун гьечӏеб мехалъ дие
Дунялалъул кеп гьечӏо,
Дир эбел!
Дагӏба гӏемерлъун буго,
Гӏадан учузлъун вуго,
Гӏадлу тӏеренлъун буго,
Тӏаса лъугьа дидаса,
Дир эбел!
Нижер гьасда цӏа свана,
Дир рукъалъул бакъ свана,
Соназ бихьичӏо дида
Гьадигӏан квачараб март,
Дир эбел!
Лъимал хадур ралагьун
Хутӏун руго ургъалилъ,
Хабал къаналги рорхун,
Ячӏунарей щайзе мун,
Дир эбел!
Рукъ цӏурал лъималги тун,
Хадуй лъадиги ана,
Лъиде ургъел чучилеб,
Чорхол хиял бикьилеб,
Дир эбел!
***
Дун – инсул вас, гьанже дун
Васазул эмен вуго,
Аллагьасе гурони
Дица бетӏер къуличӏо.
Къварилъи лъималазда
Лъазе тани малъгӏанаб.
Мунни щиб, Бетӏергьанги
Тӏаса лъугьунге абе.
Хӏинкъани, нахъе къани,
Къавулъ питна бекьани,
Дур хабаде вахине
Къуват дие гӏеларо.
Кӏалдиса хинкӏ бахъараб
Хӏукумат бачӏаниги,
Хӏалкӏолъи – кӏудав Бичас
Чед камун ниж толаро.
Амма кьвагьи къотӏараб
Сордо гьечӏо, къо гьечӏо,
Къварилъи чанги лъана,
Лъимал чанги гъурана.
Щогеги тӏаде балагь –
Гьале щивасул анищ.
Наслу гӏезе биччан те,
Гӏурда тӏугьдул киниги.
Дуниялалъул рокъоб
Рекъелги гьудуллъиги
Гьарула дица, эбел,
Аллагьасул цӏар бахъун.
Цӏуне ракьалда лъимал
Рокъукъал харбаздаса,
Гьезие гвангъизе те
Талихӏалъул багӏарбакъ.
Гьеб мехалъ питна къина,
Гьеб мехалъ кьал къотӏила,
Гьеб мехъалъ ахӏулеб кечӏ
Дир батӏияб букӏина.