Кӏиго батӏияб мацӏ лъалеб бугони, цоялдаса цогидалде щиб бугониги буссинабизе расги захӏматаб иш букӏинарин абизе бегьула гьеб хӏалтӏиги жиндаго хъинтӏичӏев, гьелъул хаслъиги лъаларев чиясда.

Амма, хӏакъикъаталда, гьеб буго цӏакъго кӏвар бугеб, таржама гьабиялъе камилаб махщел къваригӏунеб хӏалтӏи. Ингилисгун паранг гӏадинал мацӏаздаса бокьараб текст гӏурусалде буссинабун бажарулел гӏадамал гӏезегӏан руго. Амма расги бигьаяб иш гуро къватӏисел пачалихъазулгун Россиялъул цо-цо регионазул къанагӏатал (хасго миллияб мацӏалда хъвай-хъвагӏай гьечӏел миллатазул) мацӏазда ругел баяназул таржама гьаби. Гьел ва гӏемерал цогидал суалал тӏурала таржамаялда хурхараб кинабго хӏалтӏи нухда бачунеб «Таржамаялъул идара — мацӏазулаб маслихӏат» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъ. Гьелъул нухмалъулев Исмагӏил Таймасхановасулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.

— Исмагӏил, дуца нухмалъи гьабулеб гӏуцӏиялъул аслияб хӏалтӏи щиб?

— Нижер аслияб хӏалтӏи буго батӏи-батӏиял мацӏазда ругел хъвай- хъвагӏаял, баянал гӏурус мацӏалде руссинари. Жибго жиндаго чӏараб жамгӏияб гӏуцӏи букӏаниги, ниже къайимчилъи гьабула Дагъистаналъул мацӏазул, адабияталъул ва маданияталъул институталъ. Нижер идара хӏалтӏулеб буго 2014 соналдаса нахъе, гьабсагӏаталда гьелда гьоркьов вуго 200-гӏанасев таржамачи. Гӏемерисеб мехалда таржамаби гьаризе ккола батӏи-батӏиял судазул гьариялда рекъон. Законалда рекъон, судалде гъоркье ккарал гӏадамазул ихтияр буго хӏажатал баянал рахьдал мацӏалда щвезе. Гьезие гьединаб рес кьезе тӏадаб буго пачалихъиял идарабаздаги. Гьединлъидал гьел хӏажаталлъун ккола нижер гӏуцӏиялде хитӏабал гьаризе. Хӏисаб гьабидал, щуго лъагӏалида жаниб нижер хӏалтӏухъабазул кверзукьан ун буго 46 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун документ.

Нижер гьанив гьечӏев вакил вуго цохӏо монголазул. Вукӏана гьеб мацӏалъул таржамчиги (Россиялъул гражданин-монголав), амма гьесул хӏажалъи букӏинчӏолъиялда бан, гьев нахъе ана.

-Таржамачагӏазе харж кин кьолеб?

— Гьезие чӏезабураб харж гьечӏо, гьабураб хӏалтӏухъ мухь кьола сайгъат хӏисабалда. РФялъул хӏукуматалъул №12040 хӏукмуялда рекъон, гьедин гьабураб хӏалтӏухъ кьезе бегьулеб сайгъаталъул роцен мухӏканго чӏезабун буго. Гӏемерал рукӏуна, кумек хӏисабалда, ай гӏарац босичӏого гьарулел хӏалтӏабиги.

— Нужерго гӏадинал гӏуцӏаби жеги ругищ Дагъистаналда?

— Нижеца гӏадин рагӏа-ракьанде щун, пачалихъиял тӏалабазда рекъон хӏалтӏи гӏуцӏараб идара Россиялдацин къанагӏат гурони гьечӏо. Гьединлъидал, Россиялъул гӏемерал регионаздаса кумек гьарун нижехъе рачӏуна батӏи-батӏиял идарабазул вакилзаби ва нижер хӏалтӏухъаби щвечӏеб регионги къанагӏат гурони батиларо. Дунгоцин щвана Воркутаялде гӏунтӏун.

— Таржама гьабизе бокьарал кире, ай щиб адресалда рекъон рачӏине бегьулел?

— Махӏачхъала шагьар, Йирчи Хъазахъил къватӏ, №2 «б». Гӏицӏго кагътида бугеб таржама бугони, хасаб къотӏи-къай гьечӏого тӏубазе бегьула мурад, кӏалзулаб таржама бугони, хъвала къотӏи-къай. Масала, Аргъвани росдал рахъалдасан бачӏун букӏана VII-VIII гӏасрабаздаса хадуб, Шамалдаса (Сирия) рачӏарал гӏарабаз гьезул кӏиго росдада гьоркьоб ккараб бахӏсалъул хӏакъалъулъ гьабураб хъвай-хъвагӏай. Хӏажат букӏана хӏакъикъат загьир гьаби. Нижеца данде гьаруна лъикӏаб хӏалалда гӏараб мацӏ лъалел, рехсарал хӏужабазе къимат кьезе кӏолел гӏалимзаби ва рагьана некӏсияб заманалда букӏараб тарихияб хӏужа.

— Таржама гьабизе бищун захӏматаб мацӏ щиб батараб?

— Захӏматаллъун рикӏкӏине бегьула рутулазул, цӏахуразул, цӏакъго гӏемерал свералаби ругеб табасараназул мацӏал. Жибго мацӏ гӏемер захӏматаб гьечӏониги (гӏуцӏиялъул рахъалъ гьеб гӏагараб буго магӏарул мацӏалде) гӏараб мацӏалда хъвараб документги буго таржама гьабизе цӏакъго захӏматаб.

— Гьабсагӏаталда магӏарул мацӏалъул бугеб ахӏвал-хӏалалъе щиб къимат дуца кьолеб?

— Дир пикруялда, росабазул администрациязда тӏадаб буго административияб нухмалъиялда гьарулел хъвай-хъвагӏаял рахьдал мацӏалда гьаризе. Гьедин гьабизе лъицаниги гьукъунги гьечӏо. Киналго кагътал гьедин хъвалел ругони (загӏипго гӏурус мацӏ лъалев чияс шагьаралъул бокьараб идараялдаги хӏалтӏизабизе бегьула рахьдал мацӏ, гьебги гьукъун гьечӏо) гьелдалъунги мацӏ цӏуниялъе квербакъи щвелаан. Дагъистаналъул мацӏал лъугӏун иналъе хӏинкъи букӏиналъе гӏилла буго нилъеца гьел хӏалтӏизарулел гьечӏолъи. Советияб заманалда пачалихъиял документалцин (лъимер гьабиялъул, хӏалтӏул ва гь.ц.) рукӏана гӏурус ва миллиял мацӏазда хъварал. Миллаталъул, маданияталъул, тарихалъул бечелъи рахьдал мацӏалда гӏадин загьир гьабизе кӏоларо. Таржама гьабураб мацӏ релълъуна тӏансаялъул нахъисеб рахъалда, гьединаб накъищ гӏемер загьираб жо букӏунаро. Рахьдал мацӏалда гӏадин гъолъул берцинлъиги, тӏокӏлъиги, гьайбатлъиги цоги мацӏалда загьир гьабизе кӏоларо.