Чанго сон буго, умумуз газа-белги хӏалтӏизабун, магӏарухъа гӏатӏиракьалде бахъун букӏараб Бузнаса нух цӏидасан бахъизе магӏарулал тӏаделъаралдаса.

Гьеб бахъиялъе гӏиллаги буго Хӏаригабурлъухъан унеб нух хасало хӏинкъи бугеб, эхедераял гӏемераб букӏин. Тоннелалъусан уна анцӏила ункъо районалде ва гьеб нухлул гӏунгутӏилъунги рикӏкӏине ккола халатабги юк баччулел машинабазе хӏинкъи бугебги букӏин. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, магӏарулазул жамгӏиял церехъабиги данделъун, къотӏи гьабун буго, хӏукуматалъухъа кумек щвечӏониги, халкъалъул гӏарцухъ гьеб бахъизе. Нух бахъиялъе кӏудияб хӏалтӏиги гьабулеб буго Болъихъа Мухӏамадкамил Дибировас, гьесие кӏвараб кумек гьабизе тӏаде босун буго Гьонодаса Набигула Мухӏамадовасги. Руго гьениб хӏажаталъе рортанхъулел жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, магӏарул районазул росабазул имамзабиги, бегавулзабиги, районалъул бутӏрулги.

Цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб букӏиналъ садакъаде кьураб гӏарцул хӏал гӏолеб гьечӏо. Хӏисаб гьабе, кӏиго къоялъ хӏалтӏизе ккани бульдозералъ тонна соляркадул бухӏулеб буго. Гьелъул багьа — тоннаялъухъ 40 азарго гъурущ. Гьенир хӏалтӏулел экскваторалги, погрузчикалги, КАМАЗалги ругелъул, гьезиеги къваригӏинарищ цӏатари. Тӏадежоялъе, гьеб кинабго техникаялда хӏалтӏулел механизаторазеги кьезе ккеларищ мухь.

Дагьал церегӏан къоязда гьал мухъазул авторги, «фейсбукалда» бугеб «Нилъгоял» абураб къокъаялъул вакилзабиги щвана гьенире. Щвана гьабсагӏат хӏалтӏи унеб бугеб, Цӏияб Чӏикӏаб росдадехун нух бахъулеб бакӏалде. Цо кӏудияб кӏкӏалги цӏезабун, тӏасахун нух гьабизе хӏалтӏулел ругоан гьенир. Хъаранигун Ахакье унеб нухгун данделъизе гьалъул, 12-15 метр гӏеблъуда бугеб, жеги щуго километр гьабизе кколин бицана Мухӏамадкамилица. Гьеб бугоан, бакӏ-бакӏазда кьурабиги ругеб, гӏемераб ракьул хӏалтӏаби гьаризе кколеб, кӏкӏалахараб бакълъи. Кигӏанасеб заман гьеб данделъизе къваригӏунебин абураб суалалъе, Мухӏамадкамилица жаваб кьуна, кинабго бараб бугила гӏарцулал сурсатазда. Ункъо километр техникаялъ бахъулареб, цӏакъго щулиял кьурабазулги буго кӏиябго гӏоржубаде щвезегӏан борлъун кьвагьизабизе кколеб жеги нахъа. Гьеб кьуру борлъиялъулги хӏалтӏи унеб бугин бицана инженерас. Цинги Аваргӏоралда тӏасан кьоги буго лъезе кколеб. Гьелъие къваригӏунел конструкцияби жинца кьелин рагӏи кьун буго Аргъваниса сахаватав инсан Нурмухӏамад Гӏалиевас.

Дица цебесеб нухалъ гьикъидал, ресалда ругел магӏарулазул гьанибе миллион гъурущ кьурав цо чиясул цӏар рехсон букӏана Мухӏамадкамилица. Гӏезегӏан ругоан магӏарулазда гьоркьор ресалда ругел чагӏи. Магӏарухъ ругел харабазул пенсиялдаса имамзабаз ракӏарарал гъурщал гӏелищха 31 километр, гьездаса лъикӏаланго манзил кьвагьизе кколел кьурабазул бугеб, нух гьабиялъе.

Ма ша Аллагь, гӏезегӏан хӏалтӏаби гьарун руго гьенир. Жеги цӏикӏкӏун гьаризеги руго. Гьелдалъун, «Хӏакъикъат» газета гьоркьобккунги, щивав чиясде гьари буго ресалда рекъараб кумек гьабейин абураб.

Гьеб хӏалтӏуе нухмалъи гьабулел Мухӏамадкамилги Набигулаги кӏудияб ригьалде рахарал чагӏи руго. Гьединлъидал, бегьилаан Ширухангун Сайгидпаша гӏадал магӏарул, цадахъ Халкъияб Собраниялъул депутаталги рачун, гьениб бугеб хӏал бицун республикаялъул бетӏерасухъеги ун, дагьабгӏаги гьелъие кумек гьаризе.

Гьенибе гӏарац кьезе бокьараз гьаб телефоналъул номералде 8 928 595 29 76 ахӏун, Мухӏамадкамил Дибировасулгун бухьенги гьабизе бегьула. Ахӏизе бокьичӏез гӏарацги гьенибего рехизе бегьула. Номер бухьараб буго банкалъул картаялда.