Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьоркьобе унеб Чачан республикаялъул бакътӏерхьудасан гӏорхъи буго Ингушетиялъулгун, Северияб бакътӏерхьудасан Северияб Осетиялъулгун, севериябгун югалъулаб рахъалдасан Дагъистаналъулгун, югалъулабгун бакътӏерхьудасан гуржиязул пачалихъалъулгун.
Ракьул гӏатӏилъи бащалъула 16165 квадратияб километралда. Севералдаса югалдехун республикаялъул халалъи буго 170 километр, бакъбакудасан бакътӏерхьудехун 100 километр. Республикаялъул тахшагьагьарлъун буго 290 азарго чияс гӏумру гьабулеб Грозный шагьар.
Тарихалдаса
Чачанал ккола Кавказалъул кьолбол ва некӏсиял халкъаздасан цоял. Некӏсияб заманалдаса нахъе гьез гӏумру гьабулеб букӏана Бетӏераб Кавказалъул бакъбакудехун ругел гӏодорлъабазда. Ингушалго гӏадин гьенир рукӏана тейпабазде рикьарал жамгӏиятал. Жидер халатаб тарихалда, Кавказалъул цогидал халкъалго гӏадин гьел къеркьезе ккана гӏагараб ракьги, эркенлъиги цӏунун. Чачаназ жигараб гӏахьаллъи гьабуна ХӀX гӏасруялда имам Шамилил бетӏерлъиялда эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло пачаясул Россиялда данде гьабулеб букӏараб къеркьеялъулъги Кӏудияб Ватӏанияб рагъ унеб букӏараб 1944 соналъул 23 февралалда гитлерил фашистазе кумек гьабулеб букӏанилан абун ритӏухълъи гьечӏеб гӏиллаги бачун чачаназул тӏолабго миллат Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинаруна. Хвезабураб чачаназулгун ингушазул республикуаялъул ракь цолъизабуна Ставрополь краялде, Северияб Осетиялде. Хӏал гьабун гьезул ункъго районалде гочинаруна Дагъистаналъул цо-цо районаздаса гӏадамал – магӏарулал, даргиял, тумал. 1957 соналда Ватӏаналде тӏадруссун хадуб цебе букӏараб куцалда гӏуцӏана чачаназулгун – ингушазул республика (ЧИАССР)
Цӏигьабун гӏуцӏи байбихьараб 1980 абилел соназул бакьулълъиялда СССРалъул республикабазда, гьездаго гьоркьоб Чечено-Ингушетиялдаги ракана ва хӏаракатчилъи байбихьана миллиял багъа-бачариязул. 1990 соналъул ноябралда Грозныялда тӏобитӏана Тӏоцебесеб Чачаназул миллияб съезд. Гьениб бищана Чачаназул Тӏолгохалкъалъулаб миллияб конгрессалъул исполком (ОКЧН). Конгрессалда хӏукму гьабуна СССРалда гьоркьоса гуребги, РСФСРалда гьоркьоса нахъе ине ва жибго жиндаго чӏараб Чачаназул пачалихъ гӏуцӏизе. Гьелъие нухмалъи гьабизе вищана Советиял Рагъулалгун-Гьаваялъулал къуватазул генерал-майор Джохар Дудаев. 1991 соналъул 8 июналдаса конгрессалъул хӏукмуялдалъун ЧИАССРалъул Доку Завгаевас нухмалъи гьабулеб Верховный Совет хвезабула ва лъазабула чияда бачӏеб чачаназул Республика (Нохчи-чо).
1991 соналъул августалда конгрессалъул рахъколез Грозниялъул киналго административиял минаби ккола. Гьездаго гьоркьоб республикаялъул КГБялъул минаги. Гьезул тӏадецуялдалъун 6 сентябралда Доку Завгаев хӏажатавлъун ккана отставкаялде ине. 15 сентябралда ЧИАССРалъул Верховный Совет бихана.
1991 соналъул тӏоцебесеб октябралда чачаназ президентлъун вищана Джахар Дудаев. 1991 соналъул 7 ноябралда РСФСРалъул президент Б. Ельцинил указалдалъун ЧИАССРалда лъазабуна гӏадатияб гуреб ахӏвал-хӏал. 9 ноябралда Ханкала аэропорталда рештӏана россиялъул рагъухъаби тӏад ругеб транспорталъулал самолетал. Гьел сверун ккуна яргъид гӏуцӏарал Дудаевасул аскарияз. Кавказалъул мугӏрузул халкъазул Конфедерациялъги лъазабуна Д. Дудаевасул рахъ квезе бугилан. Россиялъул нухмалъи хӏажатаблъун ккана сепаратистазулгун гара-чӏвариял гьаризе ва Ханкалаялда сверун курал рагъухъаби нахъе рачине. Чачаналда рукӏарал рагъулал часталги нахъе рачана, гьениб букӏараб гӏемерисеб ярагъ, гьездаго гьоркьоб танкал. Самолетал сепаратистазухъе кьуна. Гьелдаса нахъе ЧИАССР Россиялъул регион хӏисабалда бихана. 1992 соналъул ункъабилеб июналда Россиялъул Внрховный Советалъ къабул гьабураб законалдалъун Россиялда гьоркьоб гӏуцӏана Ингушетия республика, ай Чечено-Ингушетия бикьана Ингушетиялде ва Чачанлъиялде. Чияда бараб гьечӏолъи лъазабуралдаса Чачан республика лъугьана жибго жиндирго чӏараб республикалъун. Республикаялъул рукӏана киналго пачалихъалъулал гӏаламатал – байрахъ, герб, гимн, гьединго хӏукумат, парламент, судал. Хӏукму гьабуна жидерго рагъулал къуватал гӏуцӏизе, жидерго хасаб гӏарац – Нохара букӏинабизе.
1992 соналда къабул гьабуна цӏияб Конституция. Гьелда рекъон Чачанлъи букӏана лъидаго бачӏеб советияб пачалихълъун. 1994 соналда Нохчи-чо Чачаназул республикаялъул цӏар хисизабуна Чеченская Республика Ичкерия абун.
1993-1994 соналда Дудаевасда дандечӏараз гӏуцӏана Чачан республикаялъул заманалъулаб совет (ВСЧР). Советалъул мурадлъун букӏана рагъ гьабун Дудаев тӏаса рехи. Гьезул рахъ кколеб букӏана Россиялъги. 1994 соналъул ноябрь моцӏалда заманалъулаб советалъул рагъулал отрядал россиялъул рагъухъабиги гӏахьал гьарун Грозный шагьаралда жанире лъугьана. Ама гьезие битӏкечӏо, Дудаевасулаз гьел нахъчӏвана, гӏемерисел россиялъул аскариял асир гьаруна. Гьелдаса хадуб байбихьана халаткараб данднчӏей. 1994 соналъул 30 ноябралда къватӏибе бачӏана «Чачаназул республикаялда конституциялъулаб гӏадлу низам рукӏалиде кезабиялъул тадбирал», абураб Б. Ельцинил указ. Гьеб букӏана тӏоцебесеб рагъул байбихьилъун. Рагъ халат бахъана 1996 соналъул 31 августалде щвезегӏан. Гьеб къоялъ Хасавюрталда Ичкериялъул цӏияв президент А. Масхадовасулгун Россиялъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул секретарь А. Лебедица ракьлилал къотӏи-къаял хъвана. Д. Дудаев гьеб соналъул 21 апрелалда авиаракетаги речӏун чӏван вукӏана.
Ракълилаб заман халат бахъинчӏо. 1999 соналъул августалда чачанзул боевикал Цӏумада, Болъихъ, Новолак районазде тӏаде кӏанцӏана. Гьелдаса хадуб сентябралъул 30 абилеб къоялъ россиялъул аскариял чанго бакӏалдасан чачаналде жанире лъугьана. Гьаб букӏана кӏиабилеб чачаназул рагъ байбихьи.
Рагъ лъугӏун хадуб Чачаназул президентлъун вищана Республикаялъул муфтилъун вукӏарав Ахӏматӏ Къадиров. 2004 соналда теракталъул хӏасилалда гьев чӏвайдал президентлъун вищана Алу Алханов. Гьев хисун, 2007 соналда, президентлъун вищана Рамзан Къадиров.
Жакъасеб Чачан республика
Чачаназул республика буго гьабсагӏаталда федералияб бюджеталдаса бищун цӏикӏун дотация щолеб, цебетӏолеб бугеб регион. Рукӏалиде кезарун руго рагъул сонаца чӏунтӏизарун рукӏарал росаби ва шагьарал.
Республикаялда гӏумру гьабун буго миллионгун щунусазарго чияс. Шагьарзда гӏумру гьабулеб буго республикаялъул халкъалъул 35 проценталъ, хутӏарал росабалъ. Пачалихъиял мацӏал ккола гӏурус ва чачан. Республикаялъул халкъалъул 95,3 процент руго чачанал, цогидал миллатаздасан гьенир руго гӏурусал, лъарагӏал, магӏарулал, туркал, татарал, ингушал, нугъаял. Республикаялда буго анлъго шагьар – Грозный,Урус-Мартан, Шали, Гудермес, Аргун, Курчалой.
Экономикаялъул рахъалъ бицани гьениб цебетӏураб буго росдал магӏишат, нефтехимиялъул промышленность, гӏи-боцӏухъанлъи ва ахихъанлъи.
Чачаналда кӏудияб кӏвар кьолеб буго туризм цебетӏезабиялдеги, гӏемерал руго гьенир тарихиялгун-тӏабигӏиял памятникал. Гьединал бакӏазде гӏуцӏулел руго туристалъулал маршрутал, ралел руго инфраструктураялъе объектал.
Грозныялда буго лъабго тӏадегӏанаб цӏалул заведение – пачалихъияб нартил техникияб, чачаназул пачалихъияб университетал, педагогикияб университет. Хӏалтӏулеб руго батӏи-батӏиял махщелчагӏи хӏадур гьарулел техникумал, колледжал ва гь.ц.
Некӏсияб ва такрарлъи гьечӏеб буго чачан халкъалъул культура, бечедаб буго фольклор, героикияб эпос, кучӏдул, маргьаби. Жакъасеб чачаназул адабият буго гӏемержанразулаб. Республикаялда буго чанго библиотека, ункъо пачалихъияб театр, филармония, анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун музей.