Кверал меседилай, калам гьуинай

«Лъикӏав чиясул лъикӏлъи ралъдалъ бугеб ччугӏиеги щола», — ян абураб кициялъул магӏна тӏубанго бичӏчӏана дида, «Талги» санаториялда хӏалтӏулей медсестра Сагӏидова Хамизилгун лъай-хъвай ккедал. Гьей ккола Шамил районалъул Гьолокь росулъа рагъул ветеран Расул Гӏумаровасул щуго васги цо ясги йигеб кӏудияб хъизамалда тарбия щварай яс. Лъимерлъиялдасаго гьей йикӏана жигарай, сундулъго цее йикӏине хӏаракат бахъулей гӏадан. Гьединабго жигарчилъи бихьизабуна Хамизица Гъизляралъул медучилищеялда цӏалулагоги: цӏалана ункъил ва щуйил къиматазда, нухмалъи гьабуна «Гурхӏел-рахӏмуялъул клубалъе», гӏахьаллъулаан спортивиял къецазда. Лъабго соналъ хъулухъ гьабуна лъимал гьечӏел, жалго жидецаго тӏубан бажаруларел херал чагӏазе. Масала, гьелъ хъулухъ гьабулаан захӏматалъул фронталъул гӏахьалчӏужу Ялинова Валентинае. Хамизица абуна, эбелалъулги ясалъулги гӏадаб гьуинлъиги хинлъиги букӏанила жидеда гьоркьоб, гьелъ малъанила жинда ретӏел букъизеги квен гьабизеги, тӏадежоялъе медсестралъиялъул хӏалтӏул лъикӏаб хӏалбихьиги щванила.

Медсестралъун Хамиз хӏалтӏана Гьолокь росдал консерваби гьарулеб заводалда. Гьениб чанги кколаан хӏалтӏухъабазе жагъаллъи ккарал лъугьа-бахъинал. Йиххичӏого, хӏинкъичӏого, гӏолохъанай медсестраялъ унтаразе махщалида гьабулаан тӏоцебесеб медицинаялъулаб кумек. Хадуй медсестралъун хӏалтӏизе ячана Гьолокь росдал участковияб больницаялде. Гьеб хӏалтӏуда цадахъго гьелъ бачунаан рукъарулеб цехалъул начальникасул хъулухъги. Гӏолохъанал ясал ругьун гьарулаан рукъаризе, хьухьаризе ва угьаризе. Гьелъул хӏалтӏуе къимат кьолеб цо мисал бачина. Доб букӏана 1993 сон. Гӏемераб мех букӏана Хамизил вукӏарав учитель Гӏалихӏажиев Хӏажисул чакрил унтиялъ кӏвекӏулев вугелдаса. Къаси кватӏараб гӏужалъ ахӏун бачӏана гьев захӏматго вугилан. Жиндир заманалда гьабураб кумекалъул хӏасилалда, унтарав хвасар гьавизе кӏвана. 1999 соналдаса нахъе Хамиз медсестралъун хӏалтӏана республикаялъул консультативияб поликлиникаялда, ЛОР ва нефрология отделениязда.

Хӏеренаб каламалалдалъун, берцинаб рагӏудалъун гьабула Хамизица унтаразе хъулухъ. Гьелъги батила, кӏиабилеб нухалъ гьей хӏалтӏулеб отделениялде вачӏарав унтарас: «Хамиз йигищ?» — абун гьикъулеб.

«Талги» санаториялде хӏалтӏизе лъугьиналъул хӏакъалъулъ гьелъ гьадин бицана: «Хасаб операция тӏобитӏулаго, тӏубанго щущазабун батана нижер мина. Цӏидасан гьеб балаго, гьабизе ккараб захӏматаб хӏалтӏиялъ илагьиялдаса инабуна дир мугъзал гьод. Захӏматго гурони хьвадизе кӏолароан, гьодил унти хӏехьезе кӏвеялдаса ун букӏана. Киналгӏаги дарабазул пайда ккечӏо. Лъалел чагӏаз гӏакълу кьуна «Талги» санаториялда бугеб даруяб лъел хӏалбихьизе айилан. Гьениб цо курс гьабун хадуб, саламатаб мадар лъугьана.

Лъагӏалидасан унтана наку, гьебги добго даруяб лъеда гурони сахгьабизе кӏвечӏо. Дун налъулай йиго гьаб санаториялъе. Дие бокьана, дунго гӏадин, захӏматго унтарал чагӏи сах гьарулеб санаториялда хӏалтӏизе. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Ралъад бихьизе анищалда вукӏарав Нижний Новгородалдаса 17 сон барав гӏолилав Малик Ахӏмадов Махӏачхъалаялде вачӏун вуго. Гипсалъулъ жиндирго квер букӏиналъухъ балагьичӏого, гьес ралъдалъ гъанкъулей йикӏарай яс хвасар гьаюна. Гӏемераб мехалъ лъеда гъоркь хутӏарав Малик, хӏалалъ хвасар гьавун вуго. Гьелдаса хадуб, вилълъанхъизе кӏоларого вукӏун, гьабичӏеб даруги, Китаялде гӏунтӏун, щвечӏеб бакӏги хутӏун гьечӏо, амма щибго хӏасил ккун гьечӏо. Гьабизе жо тӏагӏарал эбел-инсуца гьев Талгиялде вачун вачӏана. Добго сероводородалъул ваннабаз гьев бохдузда эхетизавуна».

Жинцаго харжалги гьарун, Хамизица санаториялда унтаразе ракӏгъеялъе тӏоритӏула батӏи-батӏиял байрамал, машгьурал чагӏазулгун дандчӏваял, херал чагӏи рохизарула, суратал рахъун ва чӏорого гьел рикьун.

Гьакьал руго ахихъаби. Гьелъги батила, кий йигониги, Хамизица, жиндирго харжазда жийго хӏалтӏулеб бакӏалъул минаялда сверухъ бугеб ракь тӏугьдуз, хъархъаз ва гӏурччинлъиялъ берцин гьабулеб.

Гӏадамазда жий йичӏчӏулей гьечӏила, баркала кьолареб хӏалтӏи бугилан абун, бадирчӏваял гьарулелги камуларилан бицана Хамизица. Жиндие бокьун бугила дунго гӏадин унтун, гӏумруялдаса ракӏбуссун бугел чагӏазе кумек гьабизе, гьел сахгьаризе бажарулеб санатория Дагъистаналда букӏиналъул хӏакъалъулъ бицине.

Лъикӏлъи гьабурасе баркала кьейги мухьалда бащалъулаян абураб кициялъухъего, Хамизие баркала кьун гьарурал гӏемерал хъвай-хъвагӏаял руго санаториялъул хасаб тӏехьалда. Киналго унтараз гьелда загьир гьарурал пикраби гъорлъ рессун руго Чӏиркъатӏаса Гӏалиева Патӏиматил гьал жугьабазулъ:

Кверал меседил руго,

Калам гьуинаб буго,

Жийго накӏкӏигъветӏ гӏадай, —

Хамиз, мун, супер йиго.

Хамизил мадугьалзабазги гьелъул гӏагаразги абула гьей йигила Аллагьас ракьалда гӏадамазе лъикӏлъиялъе йижарай гӏадан, гьей йигила жидер «хехаб кумек».

Хамизица абула, щиб кканиги, киве кканиги, медицинаялъул хӏалтӏухъан хӏадурго вукӏине кколила унтарасе кумек гьабизе. Жинцаго гьеб борч тӏубазабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ бицунеб цо мисалги бачина. Росулъе унаго, гьелда Махӏачхъалаялдаса рикӏкӏад гьечӏеб шагьранухда автоавария ккун батана. Захӏматго лъукъарав чи вугилан ахӏи-хӏуралда ругоан гӏадамал. Машинаги чӏезабун, Хамиз лъукъарасда аскӏое ана ва, хехаб кумек тӏаде щвезегӏан, аскӏоса кьуричӏо.

Нури Нуриев