Басралъараблъун ва хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏараб Хъебалъ росдал школалда цӏалулев вуго 80 цӏалдохъан

Щуабилеб декабралда тахшагьаралъул аслияб майданалде вахъана Хъебалъ росулъа Рамазан Гӏабдулкаримов. Гьесда кодор рукӏана росдал школалъул сураталги игӏланги. Рамазаница тӏалаб гьабулеб букӏана ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевасулгун дандчӏвай. Росулъ бугеб басрияб школалъул бакӏалда цӏияб базеги кьучӏдасанго лъималазул ах къачӏазеги къваригӏун бугин абулеб букӏана гьес.

Хъебалъ росдал школа бан букӏана 50-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе. Гьениб бугеб хӏалалалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана нижее 15 соналъ завучлъунги ичӏго соналъ директорлъунги хӏалтӏарав Гӏумар Халитовас: «Нижер школалъул буго кӏитӏалаяб мина. Гьенив хӏалтӏулев вуго 25 учитель. Киназулго буго тӏадегӏанаб лъай. Школалда цӏалулев вукӏана 120 цӏалдохъан. Школалъул мина биххиялъул хӏинкъи бугинги абун, цо-цо цӏалдохъаби Агъвали росдал школа-интернаталдеги, гӏатӏиракьалда ругел гӏагарлъиялъухъеги щвезаруна эбел-инсуца. Школалда хутӏун вуго 80-гӏанасев цӏалдохъан. Школа къани, росу биххула – гьеб гьедин букӏин бихьулебги буго. Гьединлъидал, районалъул нухмалъиялъги республикаялъул идарабазги цӏияб школа базе ресал ратани, цӏакъ баракатаб иш букӏинаан гьеб.

Школалъул тӏоцебесеб тӏала бан буго ганчӏил. Кӏиабилеб – хъорщол. Дун школалъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулагоги рукӏана хинлъиялъулги, хӏинкъигьечӏолъиялъулги, цогидалги масъалаби. Школалъул гьечӏо жанахӏ – переменаялъул заманалда расандизе санагӏатаб азбар гьечӏел лъимал рескъотӏараб хӏалалда рукӏуна. Гьечӏо киналго цӏалдохъаби цадахъ ракӏарун, тадбир тӏобитӏизе бегьулеб класс, данделъабазул зал. Гӏолел гьечӏо классазе кабинетал. Гьечӏо школа гӏатӏид гьабизе, ай тӏадеги кабинетал разе бакӏги – мадугьалихъ ругел минабаздаги школалдаги гьоркьоб буго 1,5-2 метргӏанасеб бакӏ. Гьединлъидал школалъул азбарги сверун къан бажаруларо. Школалде рачӏунел цӏалдохъаби, хӏарщул цӏурал хьиталгун, битӏахъего классазда жанире щола.

Дун директорлъун вугеб мехалда, школа къачӏаялъе абун, кьолаан 10-15-20 азарго гъуруш. 2007 соналда кьун букӏана 100 азарго гъуруш. Гьелъухъ тӏубанго хисана тӏох. Цӏад бараб заманалда тӏох гӏеккон, классазда жанибе чвахулаан лъим. Гьелдаса хадуб кьун букӏана 200 азарго гъуруш. Гьелъухъ къачӏана кӏиабилеб тӏалаялъул къадал. Хъорщол къадал ругелъул, гьоркьоб лъуна стекловата, минералияб квасквас. Дагьабниги хинлъи чӏезабун бажарана. Нижеда лъазабун букӏана, школалда видеохалгьаби букӏине кколин. Сундухъ гьеб гьабилеб? Гӏарац кьечӏо.

Школа базе цӏакъ санагӏатаб бакӏ буго росулъ. Гьарун руго гьелъие документалги. Гьел кьун руго районалъул МФЦялде. Амма жеги хӏадурун гьечӏо школалъул проектги сметаги. Гьеб бакӏалда росуцояз гьабун буго волейбол хӏазе майданги. Спортзалги гьечӏелъул, гьенир гӏуцӏула росдал гӏолохъабазул спорталъул къецал.

Росулъе букӏинчӏо машинадул нух. Гъоркьиса, Цӏумада районалдаса «Цӏумадисезул ДЭП №40» ОАОялъул директор Ахӏмад Давудовасул хӏаракаталдалъун, росулъе бахъана лъикӏаб шагьранух. Нух бахъиялъе росдал жамагӏаталъ бакӏарана цо миллионгӏан гъуруш. Школа базе хӏажатаб къайи росулъе баччиялъе бигьалъи букӏина гьанже».

ДРялъул прокуратураялъ гъоркьиса Хъебалъ росдал школалъул мина рикӏкӏана хӏинкъи бугеблъун ва районалъул бетӏерасухъе битӏана цӏалдохъабазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏеб бакӏалда гьезул цӏали гӏуцӏеян хъвараб хитӏаб. Амма Лъаратӏа районалъул судалъ гьабуна батӏияб хӏукму. Гьелда рекъон, тӏоцебесеб тӏалаялда дарсал кьезе бегьулеб хӏал гьечӏониги, кӏиабилеб тӏалаялда гьелъие щибго къварилъи гьечӏин. Школалъул администрациялъ гьениб гӏуцӏана кӏиго сменаялъул цӏалиги.

Рехсараб школалда цӏалулев вуго Рамазан Гӏабдулкаримовасул кӏиго васги. Гьес бицухъе, школалда руго цӏулал бакӏалги, рек-рекарал партабиги, болъабазул бакӏалда лъун руго хӏухьдулги. Мина биххизе бегьула бокьараб заманалда, гьединлъидал переменаялъул заманалда лъималазе гьукъун буго рекерахъдизе. Классазда хинлъи чӏезабизе ракула печал ва цӏалдохъаби гӏодор чӏола, рокъоса росарал къандалъабиги гъоркь лъун. Школалъул гьечӏо хӏажатханаги, спортзалги, богорукъги. Байбихьул школалъул цӏалдохъабазе квен кьола мадугьалихъ бугеб минаялъуб – гьеб босун буго ижараялъе. Сверун къан гьечӏо школалъул азбарги – гьенир эркенго тира-сверулел рукӏуна гӏачи-бачалги хӏамулги.

«Анкьго соналъ хьвадулев вуго дун, цӏияб школа базе кумек гьарун. Хитӏабал гьаруна республикаялъул батӏи-батӏиял идарабаздеги. Киса-кибго кьола цо жаваб: гӏарац гьечӏо. Цӏунтӏа районалъул бетӏерас абулеб буго, гьеб иш жиндир цӏобалде кколарин», — ан бицана Рамазан Гӏабдулкаримовас.

Майданалде вачӏарав Гӏабдулкаримовгун дандчӏвана ДРялъул лъайкьеялъул министрасул заместитель Темирхан Халилов. Гьес рагӏи кьуна, тӏасияб соналда разе ругел школазул сияхӏалде босизе Хъебалъ росулъ школа баялъул суалги.

Рамазан Гӏабдулкаримовасда ракӏалда буго, гӏагараб заманалда жиндир тӏалабал тӏуразе байбихьичӏони, Пятигорскалда, РФялъул президентасул вакиллъиялда цеве кодоб добго игӏлангун эхетизе.

Хъебалъ росдал школалда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ ихдал бицун букӏана НТВ-каналалъул журналистазги. Нижецаги хъван букӏана гьелъул хӏакъалъулъ. Школалда дарсал кьезе гьукъун букӏана прокуратураялъ. Прокуратураялъул хӏукмуялда хъван букӏана, цӏалдохъабазе дарсал кьезе санагӏатаб бакӏ батеян, ай цӏалдохъабазулги гьезул учительзабазулги гӏумруялъе хӏинкъигьечӏолъи чӏезабеян. Доб мехалда ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповас лъазабун букӏана, хӏакъикъат баян гьабеян. Цӏунтӏа районалъул бетӏер Пахрудин Мухӏамадиновасги районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Къурбановасги нижеда бицун букӏана, районалъул анлъго росдал школалда бугин гьединабго хӏал.

Цӏиял школалги ралел гьечӏони, мадугьалихъ росабазул школазде цӏализе лъимал ритӏизе умумулги разилъулел ратичӏони, масъала тӏубаялъе кинал ресал ратизе бегьулебали, лъаларо. Гӏемерал соназ тӏурачӏого тарал масъалаби руго Цӏунтӏа районалъул: гьечӏо санагӏатал нухал, больницаби, хехаб кумекалъул машинаби. Анцӏ-анцӏ соназ республикаялъул нухмалъиялъ рехун тараб районалъул гӏадамазул сабру тӏагӏиналда гӏажаиблъизеги бачӏунаро.

Кавсарат Сулейманова