Жиндир заманалда тӏатинабуни, сахгьабизе кӏолареб унти букӏунаро
Махӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалда бугеб шагьаралъул тӏоцебесеб больницаялда буго республикаялъулаб кӏваралъул колопроктологиялъул отделение. Гьединаб хаслъизабураб отделение Дагъистаналъул цониги больницаялда гьечӏо. Отделение рагьараб 2006 соналдаса нахъе гьенив хирурглъун хӏалтӏулев вуго Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏаса Хангерей Гӏабдулмажидов.
Отделениялъул хӏалтӏул, гьенир сахгьарулел унтабазул, гӏаммаб къагӏидаялда сахлъи цӏуниялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Х. Гӏабдулмажидовасулгун.
— Цӏалдолезда бичӏчӏизе ва лъазе бокьилаан нужер отделениялъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ кинал унтаби гьенир сахгьарулелали?
— Бичӏчӏуледухъ абуни, колопроктология ккола чехь-бакьалда хадуб халкколеб, лъугьараб свиш (бижараб гьан, гьорой), бавасур (геморрой) толодул унтуде (ракалде) сверилалде гьеб сах гьабулеб бакӏлъун. Колопроктологиялда буго кӏиго подотделениеги – онкопроктология ва гӏаммаб проктология.
— Гӏатӏидго тӏибитӏараб унти бугищ гьеб, кин ва сундасан ккезе бегьулеб чехь-бакьалда рак унти?
— Гьанжеялдаса анцӏго-анцӏила щуго соналъ цебе чехь-бакь унтаразда гьоркьоб онкологиялъул унти загьирлъи, цогидал унтабазда дандеккун, анцӏабилеб бакӏалда букӏана. Гьанжейин абуни гьеб лъабабилеб-ункъабилеб бакӏалде бачӏана.
Чехь-бакьалда, хасго биццатаб бакьалда рак унти ккеялъе квербакъулеб чанго гӏилла буго. Гьеб ккезе цӏикӏкӏун рес буго рахӏатаб гӏумруялда, вагъа-вачари къанагӏатав, лъелго хьвади дагьав чиясда. Гьебго заманалда бегьуларо бакӏаб хӏалтӏи гьабизе. Бищун аслияб буго кванил бацӏцӏалъиги низам цӏуниги. Щиб нилъеца гьанже кунеб бугеб? Кинабго буго химия гъорлъ бессараб. Кунеб буго, гормоналги кьун, лъабго-ункъо анкьиде гӏезарурал гӏанкӏудул, гьелго гормоналги кьун бокьахъ жанибго тун хьихьараб гӏи-боцӏул гьан. Лъикӏаб гьечӏо газ гъорлъ бугел, батӏи-батӏиял кьеразул минералиял лъинал гьекъезеги. Нилъеца цӏакъ гъираялда режула, куна шашлыкал. Чехь-бакьалъе гьел руго бакӏал ва заралиял. Бертабалъ рукӏуна чанго батӏиял тӏагӏамал, цин-циналде квер бегьун кванала чехь-бакьалъе бегьи-бегьунгутӏиялъухъ балагьичӏого. Цӏекӏлъи цӏикӏкӏараб, хъачӏаб, хӏадурун заман бараб квен, консервантал аскӏоре къазе риччазе бегьуларо.
Цо къадаралда асар гьабулеб буго гьаб хӏалуцараб, парахалъи гьечӏеб рукӏа-рахъин, гӏумру букӏиналъ нервабазулги гӏодобиччай гьечӏолъиялъги. Гьелъул хӏасилалда цебе чехь-бакьалда ракалъул унтаби 50-60 соналде рахаразулъ гурого тӏатунел рукӏинчӏел ратани, гьанже тӏатунел руго 16-17 сон баразулъги, ай унти гӏолохъанлъулеб буго.
— Рес бугищ чехь-бакьазда унти баккулеб букӏин цебеккунго лъазе, гьелъул гӏаламатал кинал ругел?
Гӏужда тӏалаб гьабизе ккола
— Жиндир заманалда тохтурасухъе вачӏун тӏатинабуни, сах гьабизе кӏолареб унти букӏунаро. Щивав чияс жиндирго черхалда хадуб халкквезе ккола. Мисалалъе, цин лъамияб гъиз бачӏани, хадуб гьеб къвакӏун хӏажат тӏубазе захӏмалъани, гьелда гъорлъ бидул тӏираби тӏатани, хехго нижехъе рачӏине ккола. Букӏине бегьула чехь понцӏойги, хӏухьел цӏазе захӏмалъиги, чохьониса гьури гӏемер бачӏинги ва чохьол къагӏида хвейги. Хадуб сахлъиялъе кколеб заралалъул, гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъул хӏисабги гьабичӏого, гӏаврат бугеб бакӏ бугин тохтурасухъе ине нечон, намуслъун чӏаразул хӏасил лъикӏаб кколаро. Цо мисал бачинин. Щуго-анлъго соналъ цебе Гъарабудагъкент районалдаса анцӏила микьго сон барав гӏолохъанчи вачӏана отделениялде. Балагьараб мехалда гьесул биццатаб бакьалда бугоан нахъа ракалде буссине бегьулеб гьорой. Эбел-инсуда абуна операция гьабун, кьалбал риччалелде гьеб бакӏ васасул къотӏизе кколин. Метер рачӏинин, анкьидасан рачӏинин абун гьел тӏокӏал раккичӏо. Лъагӏалидасан рачӏана, васги вугоан гьорон чехьгун. Гьеб заманалда васасе ригьинги гьабун буго, хьвадун руго хурдузул дараби гьарулезухъе, хӏасил ккечӏеб мехалъ рак унтиялъ киса-кирего кьалбал риччан вачӏарав гьесие гьабизе кумек букӏинчӏо.
Баладасан цӏех-рех гьабун биццатаб бакьалда полип (гьорой, гьан лъугьин) батани, кьалбал риччалелде бухӏизабун, къотӏун сахгьабизе кӏола, кӏиабилеб стадиялде щвезегӏан бижун, тӏирщун батаниги, рес буго сахгьабизе. Амма гьелдаса хадубги бичча-бихъан тани, операция гьабула, амма химия-терапия гьабизе ккола. Хадуб кколеб Аллагьасда лъала.
Медтехникаялдалъун
хьезарулел руго
— Дагъистаналда махщел загӏипал тохтурзаби ругин нилъер гӏадамал унел руго Москваялде, Краснодаралде, Ростовалде, Астраханалде ва цогидалги Россиялъул шагьаразде…
— Нилъер гьанир руго гӏезегӏан махщел бугел тохтурзаби, загӏипал дораго гӏадин гьанирги ратила, суал буго тохтуразул рахъалъ гуреб, тӏадегӏанал технологиялъул аппаратазул рахъалъ. Россиялъул централдехун ругел шагьаразул больницаби ва поликлиникаби гьездалъун лъикӏго хьезарун руго. Гьелдалъун буго гьединаб пикру бижун гӏадамазулги. Гьеб рахъалъ нилъер гьанибги иш лъикӏлъулеб буго. Лъица щиб бицаниги, абизе ккола, ахираб ункъо-щуго соналда республикаялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул хӏаракаталдалъун больницабазде бачӏана гӏезегӏан гьанжесеб заманалъул медицинаялъул аппаратура. Мисалалъе, нижеца цебе операция гьабулелъул, чехь свизе кколаан, гьанже гьабула аппараталъго лапороскопиялъул кумекалдалъун. Унтараб бакӏалда тӏад чехьалда гьабула гьитӏинабго каратӏ, цинги къотӏула бакьалъул унтараб бакӏ. Гьеб данде букъулеб аппаратги буго.
— Щибаб соналъ анцӏ-анцӏ тохтур къватӏиве виччала медуниверситеталъ, гьоркьохъеб медицинаялъул хӏалтӏухьаби къватӏире риччалеб чанго медучилищеги буго. Гьел гӏемер гьечӏищ? Хӏалтӏи щоларогоги рукӏунелъулха медицинаялъул лъай бугел гӏадамал.
— Квеш ккараб жо буго нилъер гьаниб 70-80 ва жеги тӏаде сонал аниги тохтурзаби хӏалихьиялде унел гьечӏолъи, хӏатта кӏиго-лъабго бакӏалда хӏалтӏулелги рукӏуна. Цебесеб къагӏидаялъ хӏалтӏулел, цӏиял медицинаялъул технологиял, цӏирагьиял лъаларел гӏемераз гӏолохъаназе нух кьолеб гьечӏо. Жалго бетӏергьанал, хасал медицинаялъул централ, поликлиникаби рагьун рукӏиналъ, саламатаб кумек гьабулеб буго медиказе хӏалтӏизе бакӏал рукӏиналъе. Рес-санагӏалъи бугел гӏолилал хӏалтӏизе унел руго республика бахун къватӏирехунги.
— Тохтурзабаз ришватал росичӏого иш тӏубаларин, унтарасул агъаз гьабуларин абула. Дуца щиб абилеб?
— Дида лъалеб жо буго цониги тохтурас абизе рес гьечӏо, гьадигӏанаб гӏарац кьечӏого, унтарасе операция я цогидабги медицинаялъул хъулухъ гьабизе гьечӏилан. Жидее хъулухъ гьабидал, унтарас кьураб сайгъат-гӏарац босулел тохтурзабиги ратила, босуларелги ратила, лъаларо. Цогидаб рахъалъ босани, тохтур вуго гьаб заманалда нилъгун вугев чи. Лъималазул рокъоб лъимер гьабуралдаса нахъе кьолеб гьечӏищ ришват – яслиялде лъимаде бакӏ щвезе, школалде, институталде, хӏалтӏи тӏалаб гьабун. Хӏасил, вижаралдаса хвезегӏан ришватал кьолеб къагӏида буго сверухъ. Нилъ беццалги гьечӏо, гӏинкъалги гьечӏо – бихьулебги буго, рагӏулебги буго. Тохтурасги цогидазги ришват босизе кколин абулеб гьечӏо, амма хӏакъикъат гьединаб буго. Тохтур вукӏине ккола гӏицӏго тохтурлъиги гьабун, гьесие гӏураб мухьги букӏине ккела. Дица лъагӏалида жаниб гьабула гьоркьохъеб хӏисабалда 250 операция. Бищун бигьаяб геморрой операция гьабун ФОМСалъ больницаялде рехула 21 азарго гъуруш. Букӏуна заман къойие кӏиго-лъабго операция гьабурабги. Моцӏрое дие щолеб буго анцӏила анлъазарго гъуруш гӏарац. Кибе унеб бугеб дица операция гьабуралъухъ ФОМСалдаса бачӏунеб. Гьелъул ункъил бутӏагӏаги тохтурасе кьезе ккеларищ? Руго жеги гӏемерал суалал, ричӏчӏуларел бакӏал.
Ахиралда абила, унтун нижехъе рачӏаразда гьоркьор бащдалде гӏагарун магӏарулал рукӏуна. Гьединлъидал гьарула нужерго чехь-бакьалъул халгьабизе нижехъе рачӏаян. Гӏарацги босизе гьечӏо.
Пайзула Пайзулаев