23 декабралда 100 сон тӏубала машгьурай гӏалимчӏужу Гулжагьан Мадиева гьаюралдаса

Дагъистаналъул шагӏир Гӏабас Шейховасул пикруялда хадурги рилълъун, «Гьай хутӏана даим дир учительлъун» гьедин абула Гулжагьан Исмагӏиловналда цере цӏаларал нус-нус магӏарулаз. Гьей йикӏана унго-унгояй педагог, машгьурай гӏалимчӏужу. Гӏемерал гьечӏо нилъер гьединал, тӏолабго гӏумру мацӏалъе кьурал, жидер хӏаракаталда бахилал руччаби. Гьей гьаюна 1917 соналъул 23 декабралда Темир-Хан Шураялда (гьелъул эбел-эмен рукӏана Чӏохъа). Тӏубараб гӏасру сверана гьелдаса нахъе, амма гьелъул гьайбатаб гӏумруялъулги хвел гьечӏеб гӏаданлъиялъулги хӏакъалъулъ жакъаги бицуна магӏарухъ.

1993 соналъул 1 январалда «Хӏакъикъат» газеталъ, республикаялъул захӏматчагӏазда тӏаде щвараб цӏияб сонги баркулаго, «Кинаб божилъигун дуца дандчӏвалеб бугеб 1994 сон?» — абураб суалалъе Гулжагьан Мадиевалъ жаваб гьабула «къокъидго нилъер гӏумру лъикӏлъиялде хьул лъезе бакӏ гьечӏо. Россиялъул хӏукуматалъул бетӏерлъуда дагьа-макъабго хиса-баси кканиги, аслияб куцалда гьадалго, нилъер чунтби чӏехьолел чагӏи хутӏана. Лъикӏалде хьул гьабун рукӏани гурони, цӏар лъезе лъалареб заман бачӏана нилъеде», — ян. Дагъистаналъул университеталда рахьдал мацӏал малъулей йикӏаниги, Гулжагьан киналго студентазда лъалаан политикияб рахъалъ лъадарарай, гӏумруялъул захӏмалъаби раччун, къобихьарай гӏадан йикӏин. 1936 соналда 10 классги лъугӏизабун, тохтурлъун цӏализе ине хӏадурлъулей йикӏарай гӏолилай гӏолеб хъизамалде рещтӏана балагь – «халкъалъул тушман» вугилан, вачун ана эмен. Заманго инелде, эбелги йитӏана Сибиралде. Тохтурлъун яхъине бугеб гъираялъ чара хварай Гулжагьан, ячуна Симферополалъул медицинаялъулаб институталде. Амма гьениб цо курс лъугӏарабго, биографиялда «чӏегӏераб тӏанкӏ» батарай гьей институталдаса нахъе ине ккана. Тӏадюссун лъугьана Махӏачахъалаялъул медицинаялъулаб институталде, амма «халкъалъул тушманасул» яс гьенийги цӏализе течӏо ва комсомолалдасагицин нахъе рехана.

Хъизан гӏуцӏи

Гьеб заманалда Гулжагьанида дандчӏвана Мадиев Хӏасан, ва гьелъ гьесулгун гӏумру бухьана. Гьел рукӏана цӏакъ цоцазе хириял рос-лъади. Хадув Хӏасан вукӏана Буйнакскалъул педагогияб училищеялъул директорлъунги 1941-1942 соназ «Магӏарул большевик» газеталъул жавабияв секретарьлъунги. Гьесул цӏалдохъанлъун вукӏана дунялалдаго цӏар рагӏарав, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовги. Амма Хӏасанилги гӏумру халатаб батичӏо – 1947 соналда гьев хвана Крымалда. Дагъистаналъул цӏар рагӏарав шагӏир, драматург, таржамачи Мухӏамад Сулимановасул «Апараг» абураб поэмаялда, жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунаго, кӏудияб къимат кьолеб буго гьес жиндир вукӏарав учитель, Буйнакскалда педучилищеялъул директорлъун вукӏарав, Гулжагьанил рос Хӏасан Мадиевасе:

Дирни талихӏкъосин, гордуцин гьечӏеб

Цохӏо рукъ хутӏана доба магӏарухъ.

Амма чехьалъ буго гӏакъуба кьолеб,

Гӏисинал бакьаца чӏахӏиял кунел…

— Документ?

— Гьалеха.

— Гьа, мадар буго!

«Неуд» бихьуларо, «хор», «отл» гурони,

-Гьобол-гьудул вугищ? Лъилъув рещтӏарав?

Щиб дица гьабилеб, вуцӏцӏухӏун чӏана,

Гьелдаса щулияб жаваб кин кьелеб?

Цӏодорав директор, Мадиев Хӏасан,

Мун дида хвезегӏан кӏочон теларо,

Дуца бестӏаласул рескъотӏиялда

Къалам тӏасан цӏана, дуе баркала.

Академиказул лекциял

ва блокадаялъул кьогӏлъи

1938 соналда Гулжагьан цӏализе лъугьуна Сталинградалъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталъул Кавказалъулаб бутӏаялде. Гулжагьан цӏалуда хадуй гъурай йикӏана, кинабго лъазе бокьулаан гьелъие. Гулжагьанида жиндирго пагьмуялдалъун кӏвана факультеталда лъагӏалида жаниб кӏиго курс лъугӏизабизе.

Кавказалдаса ячӏарай цохӏо яс гӏодой чӏараб аудиториялда гӏицӏго гьелъие магӏарул мацӏалъул хӏакъалъулъ лекциял цӏалана гьенир дарсал кьолел рукӏарал академикал И. Мещаниновасги Е. Бокаревасги.

Байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ, гӏолохъанай магӏарулай ккана тушбабаз сверун ккураб Ленинградалъул блокадаялде. Гьениб бараб чанго моцӏалъ Гулжагьанида гӏемераб гӏакъуба бихьана ва гьениса ячӏараб мехалда гьей росасдагицин къосана.

Рагъул кьогӏал соназда Дагъистаналъул школазул гӏелмияб цӏех-рехалъул институталда ва Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалда хӏалтӏулаго, Гулжагьаница тӏолабго къуват кьолеб букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалъе рагъул шартӏазда битӏараб тарбия-лъай кьеялъе.

Гӏелму – гӏумрудул аслияб нух

1950 соналда гьей лъугьана СССРалъул гӏелмияб академиялъул аспирантураялде ва, гӏемер кватӏичӏого, цӏунана филологиял гӏелмабазул кандидатасул диссертация. Дагъистаналда Гулжагьан Исмагӏиловна ккола тӏоцеесей магӏарулай — гӏалимчӏужу. Гьей йикӏана магӏарул мацӏалъул диалектазда тӏад хӏалтӏи гьабулей устар, Дагъистаналъул гӏелмабазул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу. 1969 соналда пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталде лъугьарав дир гьей хӏеренай мугӏалималъулгун лъай-хъвай ккана тӏоцересел дарсаздаго.

Гьелда цере цӏалана хадур жал республикаялъул батӏи-батӏиял жавабиял хъулухъазда хӏалтӏарал хӏакимзабиги, ва гьединго гӏалимзабиги: Мухӏу Гӏалиев, Сиражудин Хӏайбулаев, Бадави Хӏажиев, Ахӏмад Муртазагӏалиев, Мухӏамадрасул Усахов, Казимбег Ахӏмадов, Ахӏмадпаша Зиявудинов ва гь. ц.

Гьелъул хӏакъалъулъ цӏалдохъабаз хъван руго хинал рагӏаби рехсарал жидерго ракӏалдещвеялги кучӏдулги. Хъваларей гӏадай гӏадан йикӏинчӏо Гулжагьан Мадиева. Тӏадехун рехсовухъе, гьелъул вукӏарав студент, Дагъистаналъул цӏар рагӏарав шагӏир Гӏабас Шейховас Гулжагьанил хӏакъалъулъ хъван буго кӏудияб кечӏ. Гьале гьелъул цо чанго мухъ:

Гӏасиял къоязда къваридал сагӏтаз

Гьалъ пикру гьабуна бергьенлъиялъул,

Гьай, тӏахьазул автор, цӏакъ гьитӏинго дир

Рикӏкӏадаб росдае чирахълъун ккана.

Гьалъул гӏелмияб цӏар магӏарулалъе

Мугӏрузда кунчӏараб цӏвалъун букӏана,

Мунги, гьале гьайги, гьанир дандчӏвана

Кӏиго заманалъул нугӏзал киниги.

Гьай хутӏана даим дир учительлъун,

Дунги кидагосев – гьалъул цӏалдохъан,

Гьадинал мугӏрузда дагьал рукӏана

Дагьаб жо мугӏрузда буго даимаб.

Гӏолохъанго росасдаса ятӏалъаниги, Гулжагьаница цӏунана магӏарул чӏужуялъул рацӏцӏалъиги ритӏухълъиги. Гӏемераб къо бихьаниги, рехун течӏо гӏелмуялдехун бугеб рокьи. Жиндирго лъимал гьечӏониги, хӏеренлъиги рокьиги бикьана магӏарул цӏалдохъабазе. Киназего хӏалае яхъине хӏадурго йикӏунаан гьей. Амма цӏалудехун мугърехарал кӏвахӏалал лъималаздехун кьварараб бербалагьиги букӏунаан гьелъул. Гьедин къадру-къиматалда йикӏиналъ батила, цадахъ хӏалтӏулез Гулжагьан чанго нухалда шагьаралъул советалде депутатлъунги йихьизаюрай.

Гьелъ кӏудияб бутӏа лъуна республикаялда филологияб, хасго магӏарул мацӏалъул гӏелму цебетӏезабиялъулъ. Гьей ккола «Бежтӏадерил мацӏалъул грамматикияб очерк», «Авар мацӏ», «Авар мацӏалъул грамматика», «Авар мацӏалъул синтаксис», «Аваразул литературияб мацӏалъул морфология», «Магӏарул ва гӏурус мацӏазул грамматикаби дандекквеялъул цо-цо суалал» абурал тӏахьазул автор. Гьелъ нахъе тана анцӏ-анцӏ гӏелмияб хӏалтӏи, цӏуничӏого хутӏана «Авар мацӏалъул гӏелмияб грамматика» абураб цӏаралда гъоркь гӏелмабазул докторлъиялъулаб диссертация.

Гьединайлъун хутӏила гьей гьайбатай, сахаватай гӏадан гьелда цере гӏемерал соназ цӏаларал, гьелъухъа лъай босарал, тарбия щварал васазулги ясазулги рекӏелъ.

Зикрула Илясов