Эбел-инсул гьабулеб адаб – дурго лъималаздаса дуего щвезе бугеб давла

— Дудайищ лъалеб, эбел, гьабизе кколеб жо, дидайищ? Мун херлъун йиго, дурго херлъиялъул тӏалабги гьабун йикӏа, къваригӏел гьечӏелщинал жал рицинчӏого, — ян хъачӏго эбелалда кӏалъалев саламатав чи вихьидал, дун битӏахъе палгъан хутӏана. Гьесда цадахъ, ай гьесул машинаялда рекӏун шагьаралде тӏадвуссинчӏого ресги букӏинчӏо. Чияр росулъ гьев гурони лъалев чи вукӏинчӏелъулха.

— Валлагь, гӏажаибай чӏужу йиго дир эбел. Жиндего кколебги кколаребги гьабулей йикӏуна. Аллагьги рехсон щай чӏолареяли лъаларо, — ян дидехун ургъел бикьизе лъугьана гьев нухда рачӏунаго.

— Дудаго аскӏоегӏаги щай ячунарей, жийго цохӏо росулъ течӏого, — ян цӏехана дица.

— Дуца бицунеб щиб, Аллагьас цӏунаги, гьей аскӏое ячани дун хъизаналдаса ватӏалъизе ккола, цӏакъ кӏал квешай гӏадан йиго дир эбел, — ан гьелъул гӏунгутӏабазул бицине васас байбихьидал, цо кинабалиго гьаракьги бахъун, машина занкӏан чӏана. Кигӏан тӏаделъаниги, я дихъа, яги гьесухъа гьеб хӏалтӏизабунги бажаричӏо. Палхӏасил, Махӏачхъалаялдаса кумекги ахӏун, нахъисеб къоялъ щвана шагьаралде. Гьеб сордойин абуни бана нухда, машинаялда жаниб. Эбелалъин абуни гьарулеб букӏана васасда цо сордо рокъоб байилан, дургун хабар-кӏал бицине бокьун, урхъун йигилан. Амма хӏалтӏудеги хъизаналъухъеги щвезе кколев вукӏарав гьес сордо базе ккана гӏалхуда, машинаялда жаниб.

Битӏараб бицани, гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб дица хӏаракат бахъана гьесдаса рикӏкӏалъизе, хӏатта рикӏкӏалъулев вугилан гьес чанго нухалда диде гӏайиб гьабуниги. Амма щаялиго ракӏалъ нахъе цӏалев вукӏана, эбелалъул хӏурмат гьабуларев бихьинчи вихьизецин къабуллъулеб букӏинчӏо. Кинго кӏолеб букӏинчӏо дида чӏванкъотӏун гьадинаб гӏиллаялъе гӏоло дудаса рикӏкӏалъулев вугин гьесда абизеги.

Цо нухалда живго гьавураб къо кӏодо гьабизе гьоболлъухъ ахӏана гьес дунги. Гӏезегӏан гьалбалги рукӏана. Азбаралда васандулев васас гьалбадерие лазатбахъи гьабулеб букӏиналъ, инсуца гьесда чанго нухалда лъазабуна чӏайилан, берцинго вукӏайилан. Амма вас гӏенеккулев вукӏинчӏо. Иргадулаб нухалда инсуца дагьаб хъачӏго абидал, эбелалъул цӏар бахъараб чорокаб рагӏиги инсуда абун, велъана вас. Гьесдасаги цӏакъ, ай гьес гьабураб гьунаралдаса разилъун эменги велъана…

… Анцӏила щугониги сон букӏана дида гьев саламатав чи вихьичӏого. Цо нухалда ракӏалдаго гьечӏого дандчӏвана базаралда. Нижеца хъваш-баш гьабуна, бихьа-рагӏараб бицана ва «гӏодор чӏезелъун» гьесухъе рилълъине ният ккана. Гьесги хъизаналъги гӏумру гьабулеб бугоан кӏиго рукъалъул секциялъуб. Гьес бицана доб хъалагӏанасеб мина васасе кьунила, гьевги кинабалиго цӏакъаб хӏалтӏуда вугила. Хабар-кӏалалда рукӏаго тӏаде рехун вачӏана галстук барав чи. Дида гьебсагӏатго лъана гьев гьесул вас вукӏин.

— Дада, дун налъукье ккун вуго. Рес гьечӏо дур гьаб квартира бичичӏого. Нуж дагьаб мехалъ магӏарухъе рахъине ккола. Дир иш лъикӏ ккарабго, эхерего рачинарищха, — ян кӏалъана вас.

— Дуца бицунеб щиб? Росулъ басриябго гурони рукъ гьечӏо. Доба кин гӏумру гьабизе бугеб? — ан кӏалъана эмен.

— Дудего аскӏоре рачеха, цо рукъги нижехъе кье, — ян абуна эбелалъ.

— Агьа, гьеб букӏана дие хӏажалъун. Дун хъизангун ватӏалъизейищ нужее бокьун бугеб? Херал чагӏи кин ва кир рукӏаниги щиб? — ан васас абидал, дица дирго гьалмагъ, саламатав чилъун вукӏарасда цӏехана эбел чӏаго йигищилан.

Саламатав чиясин абуни данде калам гьабичӏо, амма ракьалде далараб бетӏер эхеде борхулеб букӏинчӏо. Гьесда бичӏчӏун батила магӏарухъе вахъине кколеблъи, эбелалъул хабаде вахинчӏого анцӏила щуябго сон сверун букӏин.

Алжан – эбелалъул хӏатӏикь

Кӏудияв шайих Мухӏаммад Багьавудин Накъшубандияс гьабун буго киназего насихӏатлъун букӏунеб васият: «Дихъе зияраталъ рачӏунел цин дир эбелалъул хабаде щва», — ян абураб.

Гӏабдурахӏман Жамица абун буго: «Кинха дие дир эбел йокьичӏого йикӏиней? Гьелъ дун ичӏго моцӏалъ жиндирго ургьив лъун, цинги пуланаб заманаялъ кодове вачун, къвал жемун, хадуб хвезегӏан жиндирго рекӏел хӏалимлъиялъул ва гурхӏалил бокӏнилъ лъун хьихьана. Гьелдехун адаб теялдаса квешаб жо дида лъаларо».

Халифа Мансурица, Куфаялдаса Багъдадалдеги ахӏун, къадиясул хӏалтӏи тӏаде босеян абидал, Абухӏанифаца инкар гьабуна. Гьелъие гӏоло халифас имам жанив тӏамуна. Абухӏанифада цӏалал кьабулаго аскӏой йикӏана гьесул эбелги. Хадуб, Абухӏанифаца абулаан: «Доб къоялъ дидаго кьабгӏулел цӏалаздаса дие эбелалъул магӏуги гьелъул къварилъиги захӏмалъун букӏана», — ян.

Аварагасул хирияб хӏадисалда буго: «Алжан – эбелалъул хӏатӏикь буго», — ян.