Телефонал те цӏалдохъабазухъ

СШАялъул Пенсильвания штаталда «Лъагӏалил учитель – 2017» къецалда чӏел босарав Майкл Соскилица абулеб буго, цӏалдохъабазухъа телефонал нахъе росизе бегьуларин. Гьелъие гьадинал гӏиллаби рехсолел руго педагогас:

Тӏоцебесеб: лъимал хӏадуризе ккола букӏинеселде.

Школа лъугӏулел цӏалдохъаби нилъеца хӏадуризе ккола букӏинесеб гӏумруялде. Гьединлъидал нилъеца гьезие ихтияр кьезе ккола букӏинесеб гӏумруялда хӏажалъизехъин ругел алатаздаса пайда босизе. Нужехъа рехсон бажарулищ, школа лъугӏун арал цӏалдохъабазул рукӏине бегьулел махщелазда гьоркьоса, телефонги хӏалтӏизабичӏого, тӏубалеб цогӏаги махщел? Механиказ хӏажатал алатал рачӏинарула, телефоналдасанги кӏалъан, планшеталда инженераз халгьабула чертежазул, тукенчияс ккараб хайирги араб гӏарцул хӏисабги гьабула. Гьединаб сияхӏалъе ахир букӏунаро. Нилъер цӏалдохъабаздаса махщелчагӏи рахъиналде, технологиял хӏалтӏизариялъул рахъ жеги камиллъизе буго. Гьединаб гӏумруялде гьел хӏадуричӏого тей ккола такъсир.

Кӏиабилеб: нилъехъа бажарула цӏалдохъабазе пайдаялъе дарсидаго телефонал хӏалтӏизаризе.

Цӏиял технологиязда рекъон школа хьезабизе бажарулеб гьечӏо, кризис букӏин хӏисабалде босани. Гьеб гӏиллаги батун, гӏемерисел школазда хӏалтӏизаруларо технологиял. Щивав цӏалдохъанасухъ кодор руго гьел технологиязе санагӏатал телефонал. Абизе бегьула, щивасухъ кодоб бугин Интернеталъул бухьенги бугеб гьитӏинабго компьютер. Интернеталда буго аза-азар чӏобогояб цадахълъел. Гьел хӏалтӏизаризе бегьула дарсида цӏалдохъабазул лъай камил гьабиялъе. Гьелъул бакӏалда нилъеца дарсил заман чӏвала, цӏалдохъабазухъа телефоналги рахъулаго.

Лъабабилеб: телефоназ кумек гьабула XХӀ гӏасруялъул бажари камил гьабизе.

Мобильниял алатазул кӏудияб пайда буго XХӀ гӏасруялъе хӏажатаб бажари куцаялъе. Цоцазулгун бухьенал гьаризе лъимал куцазе къваригӏун батани, телефоналдасаги лъикӏаб щиб алат бугеб гьелъие санагӏатаб?

Цӏалдохъабазухъа телефонал рахъизе кколин абураб пикру бугел педагогаз абула, гьез гьенир тӏасан жавабал хъвалин, учитель махсараде кколин, гьел гьерсазде ругьунлъулин. Дир пикруялда, гьениб лъималазул кинабгӏаги гӏайиб гьечӏо. Гӏайиб буго, Интернеталдаса жаваб балагьун бажаруледухъ тӏадкъаял хӏадурарав учителасда. Цӏалдохъабазул хӏакъикъияб лъаялъул халгьабизе хӏалтӏизарулел тестаз гьел хӏадуруларо букӏинесеб гӏумруялде. Нилъеца гьел ругьун гьаризе ккола информация балагьизе, хӏукмаби гьаризе, пуланаб масъалаялда тӏад цадахъ хӏалтӏизе. Гьединал хасиятал хӏажалъула гьезие хадур-ккун. Гьеле гьел куцазе кумекалъе батула телефон, щайгурелъул гьелъ рес кьола, дунялалъул кинаб рахъалда ватаниги, бокьарав чиясулгун бухьен гьабизе, гьевгун гара-чӏваризе. Масала, дуца цӏалдохъабазе тӏадкъай кьола, Франциялъул гьава-бакъалъул хаслъи гьезда лъалищали халгьабиялъул мурадалда. Гьелдаса пайдаяб букӏина, Франциялъул цӏалдохъабазулгун видеобухьенги гьабун, гьезда бицинабуни, жидер улкаялъул хӏакъалъулъ. Гьедин щвараб лъай – божа дида – цӏалдохъабазда киданиги кӏочонаро.

Ункъабилеб: нилъеца цӏалдохъабазда бичӏчӏизабизе ккола, цого жоялъул хӏакъалъулъ кӏиго батӏияб пикру нилъеца къабул гьабулареблъи.

Дун щвана батӏи-батӏиял школазул учительзабазул дарсазде. Чанцӏулго бихьана, цӏалдохъабазухъа телефоналги нахъе росун, учителас дарсида телефоналдасаги планшеталдасаги пайда босулеб. Цо-цо мехалда, цӏалдохъабаз тӏадкъай тӏубазабулеб заманалда, хъизамалъухъе СМС битӏизеги социалиял гьиназда хъвараб жо цӏализеги хӏалтӏизабулаан гьез телефон. Дида бихьарабго гӏадин, цӏалдохъабаздаги бихьула гьеб. Гьелде, ай цоязе – лъикӏаблъун, цогидазе – квешаблъун цого жо букӏине бегьиялде ругьунлъула цӏалдохъабиги, ва гьеб лъай гьез цадахъ босула хадусеб гӏумруялдеги. Гьеб мекъаб пикру буго ва нилъеца лъимал ругьун гьаризе бегьуларо кӏигьумерчилъиялде.

Щуабилеб: нилъеца гьезда малъизе ккола гӏумруялъе хӏинкъи букӏунаредухъ телефоналдаса битӏун пайда босизе. Мобильниял алатаздаса хӏинкъи тӏагӏунаро киданиги – педагогазда тӏадаб буго гьел хӏинкъабаздаса жалго цӏунизе кколел къагӏидаби цӏалдохъабазда малъизе.

Педсовет.орг сайталдаса босараб