Шагӏир херлъуларо, шагӏир холаро

Мугӏрузул каранда кунчӏараб свин гьечӏеб цӏва

— Дагъистан ккола пагьму-гьунар бугел гӏадамазул ракь. Гьанир рижарал ва гӏурал гӏалимзабаз, шагӏирзабаз ва цогидалги машгьурал гӏадамаз дунялалдаго рагӏизабуна мугӏрузул улка. Гьединазул цояй ккола Дагъистаналъул халкъияй шагӏир, Андрей Первозванныясул орден щварай Фазу Гӏалиева. Гьелъул шигӏрабаз малъана ватӏан бокьизе, гьелъ ахӏана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъи цӏунейилан. Гьелъул тӏахьал руссинарун руго дунялалъул 70-ялдасаги цӏикӏкӏун мацӏалде. Фазудаса чӏухӏула Россия. Гьединаб машгьураб, хвел гьечӏеб лъалкӏ тана гьелъ ракьалда. Гьей мустахӏикъайги йикӏана гьадинаб адаб-хӏурматалъе, — ян.

Шагӏиралъул гӏумруялъул ва адабияб гьунаралъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовасги:

— Дагъистан чӏаго бугебгӏан мехалда, чӏаго йикӏине йиго Фазу. Гьелъул букӏана лъиениги хасиятаб гьечӏеб, жиндирго хасаб хатӏ. Гьеб хатӏгун Фазу жакъа цӏидасан тӏадюссана нилъехъе, — ян абуна гьес ва цӏалана Фазуде гьабураб кечӏги.

Пашманлъиги рохелги жубараб кӏалъай букӏана Фазул вас Жамбулатил:

— Жакъа радал ниж, лъабавго вац, рахана эбелалъул хабаде. Ниж рукӏана нижгойин цере ккаралилан. Амма эбелалъул хобги хабаде унеб нухги тӏугьдузул цӏун батана. Эбел хваралдаса нахъе дун гьаб паркалде щун вукӏинчӏо. Дида кӏолеб букӏинчӏо эбел гьечӏеб парк цебечӏезабизе. Гьание унаан гьей щибаб къоялъ, гьанир рижана долъул бищунго лъикӏал кучӏдулги. Эбел нилъехъе тӏадюссана — гьелъ дие цӏидасанги паркалде нух рагьана,- ян абуна гьес.

Жамбулатица баркала кьуна памятник гьабиялъулъ гӏахьаллъанщиназе: автор Александр Лохтачевасе, Санкт-Петербургалдаса скульптор Ярослав Барковасе, скульптор Ольга Зубковалъе ва цогидазе. Гьединго гьес ракӏалдещвезабуна эбелалъе Россиялъул тӏадегӏанаб шапакъат кьолеб лахӏзат. Гьес баркала загьир гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиние, эбелалъул гьунаралъе кьураб кӏудияб къиматалъухъ.

«Москваялъул комсомолец» журналалъул редактор Иван Голубничийица бицана советиял шагӏирзабазда гьоркьоб Фазул букӏараб хӏурматалъул, шагӏиралъулгун жиндирго букӏараб бухьеналъул хӏакъалъулъ.

— Фазу Гӏалиевалъул асараз дунялалъего бицана Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб адабияталъул хӏакъалъулъ, — ан абуна гьес.

Цинги халкъияй шагӏиралъ къабул гьаруна гӏагараб халкъалъ кьурал тӏугьдул — гьале доб щивав шагӏир урхъун вукӏунеб лахӏзат — гӏадамаз жиндир шигӏрабазе къимат кьолеб мех. Тӏугьдузухъ ялагьидал, ракӏалдещвана шагӏиралъ жиндирго цо юбилеялда гьабун букӏараб кӏалъайги:

— Хабалалъе унелъул, дида кӏодоэбелалъ малъулаан хабада бижараб хер тӏезе, хӏатта тӏад хӏетӏецин чӏезе бегьуларин. Амма жакъа нужеда абизе бокьун буго — дида ракӏчӏун лъала дир хабада берцинал тӏугьдул рижизе рукӏин. Гьеб ккола ракьулъан нужехъе дица битӏун бачӏунеб бугеб рокьиги саламги. Ретӏе гьел тӏугьдул. Нагагь гьел ретӏичӏого хутӏани, дун пашманлъизе йиго.

Гӏурус театралда

Гьелдаса хадуб Гӏурус театралда тӏобитӏана шагӏиралъе сайгъат гьабураб рохалилаб данделъи. Гьеб рагьулаго, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тӏоцевесев заместитель Камил Давдиевас цӏалана Россиялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенкол баркиялъулаб телеграммаги.

— Ракӏ-ракӏалъ баркула Дагъистаналъул халкъалда республикаялъе кӏвар бугеб лъугьа-бахъин. Фазу Гӏалиева ккола Россиялъул маданияталъул ва адабияталъул кӏудияб чӏухӏилъун. Фазул тӏадегӏанаб махщалил хвел гьечӏеб ирслъун ккола гьелъ хъвараб нусгоялдасаги цӏикӏкӏун тӏехь. Гьел руссинарун руго батӏи-батӏиял мацӏазде. Пачалихъалъ гьелъул асаразе кьуна тӏадегӏанаб къимат, — илан хъван буго телеграммаялда.

Фазу Гӏалиевалъул хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул хӏукуматалъул вице-премьер Анатолий Карибовас, шагӏиралъул вас Мухӏамад Мухӏамадовас, Чачаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Канта Ибрагьимовас, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Людмила Авшалумовалъ, Хунзахъ районалъул бетӏер Сагӏид Юсуповас ва цогидазги. Тадбиралда рихьизаруна шагӏиралъул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунел видеороликалги концертги. Кочӏохъабаз шагӏиралъул рагӏабазда ахӏана кучӏдулги.

Хадурагӏи

Магӏарул кӏиго шагӏирасе (Хӏамзатил Расулиеги Фазу Гӏалиевалъеги) рарал памятниказ нугӏлъи гьабизе буго нилъер миллаталъул тӏадегӏанлъиялъе. Гьел ккола гӏагарал мугӏрузул каранда кунчӏарал свин гьечӏел цӏваби. Гьел руго Россия жидедаса чӏухӏизе бугел Дагъистаналъул шагӏирзаби. Гьел руго ватӏаналъул цӏар дунялалда рагӏизабурал Россиялъул шагӏирзаби.

Шамай Хъазанбиева