ЮАРалдаса тохтуралъул ккараб лъугьа-бахъин

— Цо сордоялъ дунги цадахъ рукӏарал медсестрабиги захӏматаб дежурствоялде ккана, — ян хъвалеб буго ЮАРалдаса тохтуралъ. — Лъимер гьабулаго, кигӏан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кӏвечӏо гӏолохъанай чӏужугӏадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечӏого гьабураб, загӏипаб лъимер ва кӏиго сон барай яс. Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загӏипаб лъимерин абун? Больницаялда рукӏинчӏо шартӏал, хӏатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букӏинчӏо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячӏана, гьитӏич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячӏана магӏил бералги цӏун:

— Хинаб лъим жанибе тӏурабго, грелка бихъана. Гьабин абуни букӏана нилъер гьаниб хутӏараб ахирисеб грелка.

«Гӏодобе тӏураб рахьалда хадур гӏодиялъул магӏна гьечӏин» бакътӏерхьул улкабазда абулеб гӏадин, Африкаялдаги пайда букӏинчӏо грелкаялда хадур гӏодун. Гьеб босизе я аптека ялъуни тукен букӏинчӏо.

— Щибха гьабилеб? – ан абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цӏадуда аскӏоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачӏунеб гӏадаб бакӏалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечӏони гьитӏич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскӏор регила, гьелда гьури чӏваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго, лъимер квачалдаса цӏуни.

Нахъисеб къоялъ дун ана аскӏобго букӏараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъ къаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитӏинаб лъимадуе дугӏа гьабейилан.

— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ан абуна дица гьезда, — цого-цо букӏараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букӏана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.

Дица, гьединго, гьезие бицана кӏиго сон барай ясги йигин гьей хварай чӏужугӏаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачӏониги, эбелалъухъ гӏодулей.

Лъимал кутакалда гӏенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугӏа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцӏго сон барай гӏадай ясалъ. Гьей ракӏ-ракӏалъ Аллагьасде гьардолей йикӏана, жиндирго гьитӏинал квералги цере ккун:

— Я, нижер Бетӏергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватӏун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго…

Гьедин гьарана гьелъ гӏезегӏан мехалъ, бацӏцӏунаго магӏугун ва ахиралда тӏадеги жубана:

— Цо ясикӏоги кье, Аллагь, гьей кӏиго сон барай ясалъе, жий Дуе йокьулеблъи гьелда лъазе ва гьелъул ракӏги гъун букӏине…

Гьелъул гьари рагӏун гьакӏкӏан хутӏарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. Тӏубалареб гьари бугилан пикруги букӏана, гьитӏинай ясалъул анищ бихьулищин ракӏалдеги ккана. Гьединал пикрабазда дун хӏалтӏуде тӏадюссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букӏана больницаялда дандбитӏухъ. Дарсида йикӏаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чӏун. Дун гьение екерана, амма дун тӏаде щвелалде гьеб ана. Гьеб машинаялда рукӏараз дир рагъида лъун бугоан къоло кӏиго килограмм бугеб кӏудияб посылка. Дир берал магӏил цӏуна. Дие жеги лъицаниги посылка битӏун бачӏун букӏинчӏо, лъабго соналъ гьаний хӏалтӏулей йигониги. Дихъа гьеб рагьизе бажаричӏого, добго лъималазул рокъобе ахӏи бана. Гьебсагӏатго тӏаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикӏана дой дугӏа гьабурай ясги. Киналго тӏаделъун, нижеца цо-цоккун гарацӏ бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотӏана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. Лъебергогӏанасеб бер букӏана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.

Бищун тӏад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчӏелел рукӏана. Хадур рахъун рачӏана медицинаялъул къваригӏунел алатал, чанго кишмишалъул къвачӏа, конфетал… ва грелка! У, хӏакъикъаталдаги букӏана цӏияб грелка!

Лъималазул, гӏажаиблъун, гьаркьал рорчӏана, дирин абуни берал магӏил цӏуна. Дица гьарун букӏинчӏо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гӏажаиблъун йикӏана. Дунго кинай гӏабдалха, дугӏаялъул къуваталда божуларей?

— Грелка кьурав Аллагьас ясикӏоги кьун батизе бегьула! – янги ахӏделаго кӏанцӏезе лъугьана дугӏа гьабурай яс.

Хӏакъикъаталдаги посылкаялъул тӏиналда батана берцинаб ясикӏо. Ясалъул берал цӏваби гӏадин кенчӏана, гьей божун йикӏана гьарараб жо Аллагьас кьолеблъиялда.

— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитӏинай ясалъе гьаб ясикӏо кьезе? – ян абуна гьелъ дида.

— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магӏугун.

Гьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцӏ. Гьеб битӏун букӏун буго дир рукӏарал цӏалдохъабаз, дунго гӏадай тохтуралъ ракӏалдеги щвезабун. Гьелъул ракӏалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битӏун хӏажатаб къоялъ грелка тӏаде щвезе. Посылка цӏечӏого хутӏараб бакӏалда цоялъ ясикӏоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букӏинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитӏинай ясалъул дугӏаялъе Аллагьасул жаваб.