Учителасе — 6900 гъуруш, техничкаялъе — 7800
Учителасе кьолеб харжалъул хӏакъалъулъ газетаздагун электронияб сурсаталда бицунеб макъалаялда хадур загьир гьарун рукӏуна батӏи-батӏиял пикраби. Цояз хъвала, гьанже гӏадинаб хӏакъираб хӏалалда учитель киданиги вукӏинчӏин. Цогидаз, гьелъул гӏаксалда, бицуна гьанжесел учительзабаз цӏалдохъабазе камилаб лъай кьоларин ва гьел мустахӏикъалги ругин хӏакъир гьаризеян.
«Ургъизе тӏамулел руго»
Учителасул харжалда тӏасан бахӏсал байбихьана улкаялъул президентасул «маялъул указаздаса» хадуб. Гьезда рекъон, учителасул харж бащалъизабизе кколаан регионалъул экономикаялда бугеб гьоркьохъеб харжалда. Дагъистаналъул учительзабазул харжал бищунго дагьал ругин абула. Щайгурелъул гьечӏо республикаялда хӏалтӏулел заводалги фабрикабиги, ай гьечӏо экономикаго. Амма ахирал соназда республикаялъул нухмалъиялъ гьоркьоса къотӏичӏого бицунеб буго экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ нилъ церехъабазул кьерде кканилан. Цебетӏеялда рекъараб букӏине ккелаан жамгӏияталъул хӏалги, хӏатта цӏикӏкӏине ккелаан учительзабазул харжалги. Официалиял баяназда рекъон, гьел «цӏикӏкӏунги» руго. Гьечӏелани, улкаялъул президентасда бицинаанищха, «маялъул указал» тӏуразарулел ругилан? Амма учителасе щолеб хӏакъикъияб харжги официалиял баяназда бихьизабулеб гьелъул къадарги кинго рекъонкколаро.
«Учительская газеталъул» сайталда ругел батӏи-батӏиял регионаздаса педагогазул пикраби цӏалараб мехалда, нилъер учительзабаздаса лъикӏал харжал гьезиеги щолареблъи бихьулеб буго. Рехселин цо чанго мисал. Ульяновскалдаса педагогас хъвалеб буго: «Учителасе 33 азарго гъуруш щолин кьолел баяназда ракӏрекъоларо. Дир буго тӏадегӏанаб категория. Кьола гӏурус мацӏалъул дарсал – дихъ буго 22,5 сагӏат. Классалъул нухмалъи гьабуларо. Тетрадазул халгьабуралъухъ (щибаб къойил – 59 тетрадь) дие кьола 680 гъуруш. Дихъ ругел сагӏтазулги тӏаде кьолеб гъирабазабиялъул бутӏаялъулги хӏисаб гьабун, щола 14000 гъуруш. Кинабго тӏатӏала жубани, ккола 14680 гъуруш.
Ставкаялдаса цӏикӏкӏун дарсалги, тӏадегӏанаб категорияги… Учителасул ставкаялъухъ кьола 6900 гъуруш. Техничкаялъе щола – 7800 гъуруш. Нужецаго пикру гьабе…»,-ян.
Саратов областалъул росдал школалъул учительги гӏажаиблъизавун вуго официалиял баяназда рехсолел харжаз. «Цӏалана Саратов областалда учителасул харж бугин 23035 гъуруш. Нижее киданиги щвечӏо гьедигӏанасеб гӏарац. Дир буго тӏадегӏанаб категория, буго дихъ 32 сагӏатги. Моцӏрое щола 18489 гъуруш. Гьебги – дие кьолеб гъирабазабиялъул бутӏаги, цогидал тӏадежураялги малъун. Гъоркьиса азарго гъурушалъ цӏикӏкӏун щолаан. Цогидал учительзабазул харжал руго диралдасаги дагьал. Пашманлъула дун: хӏалтӏизе чи гьечӏониги, дунги ине ккела школалдаса нахъе. Росабазул школал лъиениги хӏажат гьечӏо», – ян хъвалеб буго гьес.
Лъабгогун бащдаб ставкаялда…
Кин чӏезабулеб учителасе моцӏрол харж? Масала, кинаб бугониги идараялъул хӏалтӏухъанасул хӏалтӏул къо чӏезабун букӏуна, анкьил 40 сагӏатги хӏисабалде босун. Учителасе абуни, харж чӏезабула 36 сагӏатги кьочӏое босун. Гьелда гьоркьосаги, педагогасул ставкаян абун, хӏисабалде босула 18 сагӏат. Гьелъухъ чӏезабула харжги. Хутӏарал сагӏтазухъги аслияб хӏалтӏуде тӏаде гьабураб ишалъухъги учителасе тӏаде журала гъуршал. Гьедин учителасул харж бахуна пуланаб роценалде. Масала, Владимиралда ставкаялъухъ кьола 5080 гъуруш (официалияб баяналда рекъон – 23 азарго); Ульяновскалда – 6900 (официалияб баяналда рекъон – 26 азарго); Москва областалда – 15000 (официалияб баяналда рекъон – 67000), Махӏачхъалаялда – 8102 гъуруш (официалияб баяналда рекъон – 29000).
РФялъул президентасул указаздаса хадуб школаздаги лъайкьеялъул цогидал идарабаздаги байбихьана улкаялъул нухмалъулесул буюрухъ тӏубазабизе. Гьеб мурадалда, лъайкьеялъул идарабаздаса нахъе ритӏана гӏемерал педагогал. Цӏалдолезда ракӏалда батила, нилъер росабазул школазда психолог-педагог абураб штат къокъ гьабураблъиги, социалияв педагог, пионервожатый ва цогидал хӏалтӏухъаби нахъе ритӏараллъиги. Гьезие кьолел рукӏарал харжал хутӏизе кколаан школалъул бюджеталда ва, гьелги педагогазда гьоркьор рикьун, цӏикӏкӏинабизе кколаан учителасул харжги. Харжал цӏикӏкӏинареян лъазабун гурони, школалъул харжазул бюджет хисизабун букӏинчӏелъул, лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулезда батун букӏана указал тӏуразариялъе гьединаб нух. Амма, учительзабазул пикрабазулгун лъай-хъвай гьабураб мехалда, бихьулеб буго гьел хиса-басиязулги лъикӏаб хӏасил ккечӏеблъи.
Харжаздаса разигьечӏолъи загьир гьабулеб буго вузазулги, колледжазулги, школазулги педагогаз. Масала, педколледжалъул преподаватель Инессаца хъвалеб буго: «Педколледжалъул нухмалъиялда цебечӏун буго моцӏрол харжал цӏикӏкӏинариялъул масъала. Гьезда батана гӏакъилаб нух: ставкаялдаса дагьалъ цӏикӏкӏун сагӏтал ругел преподавателал гьез ритӏулел руго цоги махщалие цӏализе. Гьелъул мурадги буго, кӏи-кӏи ставка щивасухъ гӏезаби. Масала, дун ккола филологиял гӏелмабазул кандидат. Дида абулеб буго этнографиялъул яги ОБЖялъул специализациялъе цӏалеян», — илан.
Учительзабазул масъалаялъул хӏакъалъулъ бицана Россиялъул парламанталдаги. Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги комитеталъул председателасул заместитель Олег Смолиница парламенталъул данделъиялда абуна: «Улкаялъул 75 регионалда тӏуразарулел гьечӏо харжазул хӏакъалъулъ президентасул указал. Учительзабазул харжазул кӏудияб батӏалъи буго регионазда: гьоркьохъеб хӏисабалда, анкьида жаниб 28 сагӏтихъ гьезие щола 20 азаргоялдаса 96 азаргоялде щвезегӏан гъуруш. Дир пикруялда, чӏезабизе ккола улкаялдаго гьоркьохъеб харж ва лъайкьеялъул хӏакъалъулъ стратегиялда хъвазе ккола гьеб бугин цо ставкаялъухъан», — илан.
Гьеб пикру къабул гьабиялдаги божилъи гьечӏо учительзабазул. Гьединлъидал учительлъун цӏализе унел гӏолилалги дагьлъулел руго. Диплом щварал гӏолохъанал учительзаби школалде хӏалтӏизеги унарого руго. Школалде унел руго батӏияб ишалде машгъуллъизе бажари гьечӏелги, рескъотӏиялде ккаралги, жидерго загӏипаб лъай бугелги гӏолохъанал махщелчагӏи.
Гьелъие нугӏлъи гьабула статистикиял баяназ. Масала, гьабсагӏаталда Махӏачхъалаялъул №26 школалда хӏажат вуго байбихьул школалъул анцӏгониги учитель. Цӏалун рахъарал учительзабазул лъаялде божилъи гьечӏолъиялъ, хӏалбихьи бугел цо-цо учительзабазухъе кьун буго кӏи-кӏи класс. Учитель тӏубараб къоялъго хутӏулев вуго школалда. Гьесул заман гӏоларо кваназецин. Свакан, тату хварав учитель рокъове щвараб мехалдаги, хӏухьбахъизе заман гьечӏого, хӏажатавлъун кколев вуго цӏалдохъабазул тетрадазул халгьабизеги цӏиял дарсазде хӏадурлъизеги. Сордо-къоялъ хӏалхьи гьечӏеб хӏалтӏул хӏасилги кинабха букӏинеб…
Кавсарат Сулейманова