«Эбелалъул капитал», тӏоцебесеб лъимер гьабидал кьолеб гӏарац ва цогидалги бигьалъаби

Алхар цӏар лъеялъул бицен

Гӏандадерил росабалъ бицуна гьеб хӏор бугеб бакӏалда чанго нусго соналъ цебе Алхар абулеб росу букӏун бугилан. Гьез лагълъи гьабулеб букӏун буго бакъуе, цӏадуе, лъадае ва хӏанчӏазе. Гьел бусурман гьаризе ялгъузаб ретӏел-хьитгун гьардухъан хӏисабалда вачӏун вуго Аллагьасул вали, караматлъи бугев шайих. Рагьдухъе гьев вачӏаравщинас тӏаде гьаби тӏамун, ганчӏал речӏчӏун хӏакъир гьавун нахъе къотӏун вуго. Цо херай гӏаданалъ ракӏгурхӏун рокъовеги вачун гьоболлъи гьабун буго. Унеб мехалъ шайихас хералда абун буго метер гьаб росуги тун, нахъе айин абун. Гьес Бетӏергьанасда гьарун буго, гьал вахӏшиял мунапикъзабазул росдаде балагь рещтӏинабейин. Гьелдаса хадуб зобалги гъугъан, пасатго тӏупан тӏун цӏадги бан, гьеб росу лъелъ гъанкъун буго, гӏадамалги ччугӏбузде сверун руго. Гьеб росдал цӏар бугин абула хӏоралда лъунги.

Гӏандадерил хӏор буго Болъихъ районалъул ва Чачаназул Чеберлоевск районалъул гӏорхъода, ралъдал гьумералдаса 1869 метралъ борхалъуда. Гӏалимзабаз чӏезабулеб буго гьеб хӏор ракь багъариялдалъун лъугьараб бугилан.

Ракь бикьиялъул законалда рекъон, хӏорил лъабго бутӏа гьабун кӏиго бутӏа буго Дагъистаналъул ракьалда. Хӏорихъе Чачаналдаса, Веденоса гьенибе бачӏунеб нухги буго нилъер ракьалдаса. Хӏарами габурлъухъе щолаго батулеб Цӏорораб иццухъан кваранидехун сверидал, лъабго километр буго хӏорихъе, квегӏидехун нух уна Гӏандибе, Болъихъе.

Хӏорил гӏатӏилъи бащалъула 2,4 квадратияб километралда, гъварилъи 74 метралда. Гьебго заманалда руго жеги гъварилъи чӏезабизе кӏвечӏел гвендалги. Севералдаса югалдехун хӏорил халалъи буго кӏиго километр, бакътӏерхьудаса бакъбаккудехун — кӏиго километргун анкьнусго метр. Цо-цо бакӏазда хӏорил гӏеблъи бахуна 735 метралде, хӏорил гор сверун рагӏалалъул халалъи бащалъула анцӏго километралда.

Севералъул рахъалдаса хӏорихъе бачӏунеб буго Харсум, бакъбаккул рахъалдаса — Кауха абулел гьитӏиналго лъарал ва сверухъ ругел щобаздаса рачӏунел иццазул лъинал. Аслияб къагӏидаялда хӏорихъе лъим ракьулъа бачӏунеб буго. Хӏорихъа гъоркьан бецӏцӏун унеб лъим ккола Ансалтӏа лъарал байбихьиги. Хӏорил рагӏаллъаби руго лабалал, буччарал харица рахчарал. Риидалил гӏужалда гӏидрадул мугӏрузда рукӏуна гӏандадерил гӏиял рехъаби.

Хӏорил лъим буго бацӏцӏадаб, тӏасан балагьун гвангъараб хъахӏиллъиялъул, зодилкьераб. Риидал лъел хинлъи бахуна 17-18 градусалде, гъварилъуда — 7-8 градусалдаса тӏаде бахунаро. Хасало гьелда тӏад цӏер къала, цебе гьелъул бицалъи 65-80 сантиметралде бахунаан, гьанже, абухъего дунялалдаго хинлъиялъул асар цӏикӏкӏунеб букӏиналъ, цӏорол бицалъи лъеберго-кӏикъого сантиметралдаса тӏаде унаро. Риидал цӏадал хӏалакараб заманалда хӏорил лъим анлъго-микьго метралъ тӏаде бахуна, хаслихъеялде букӏараб гӏорхъиялде ккола. Хӏорихъ гьарзаго буго масакӏ ччугӏа. Гьелъул бецӏаб кьералъул хьалбазда, накъиш чӏвараб гӏадин, руго багӏарал тӏанкӏал. Хӏорихъ дандчӏвала голавль, пескарь тайпаялъул ччугӏбиги.

Гӏандадерил хӏор —

туристазул маршруталда

Мугӏрул щобазда гьоркьоб букӏун гьури къанагӏатаб, карачелал гьечӏеб ралъдал гьумералдаса кӏиазариде гӏагарараб борхалъиялда бугеб мугӏрузул хӏор букӏун дандекколеб букӏиналъ, араб гӏасруялъул лъабкъоялда анцӏабилел соназда гьенире тренировкаби гьаризе бачӏунаан академикияб греблялъул рахъалъ байдарка ва коноялъул СССРалъул тӏасабищараб команда. Чачаназул рахъалда гьениб букӏана туристазе бараб комплексги базаги. Советияб заманалда Гӏандадерил хӏорихъ бугеб турбаза букӏана, Дагъистаналъул киналго турбазабазда хӏухьбахъиги гьабун, Чечено-Ингушетиялдехун унеб маршрут байбихьулеб базалъун.

Гьенире туристал рачӏунаан Тӏандадерил хӏорихъ букӏараб «Болъихъ» туристазул базаялдаса. Гӏандадерил хӏоргӏан кӏудияб гьечӏониги (гьеб хӏоралъул буго жеги кӏиго цӏар – Арджи ва Гьитӏинаб масакӏалъул хӏор), гьениб букӏана туристазе киналго шартӏал ругел кӏитӏалаял коттеджал, хӏоралда тӏад тира-сверизе катамаранал ва гьел гурел цогидалги квегӏенлъаби. СССРалдасаго туристал рачӏунаан гьенире.

Гьанжейин абуни гьеб чӏунтизе тун буго, цебе гьениб туристазул база букӏанин абизе лъалеб лъалкӏцин хутӏун гьечӏо.

Гӏандадерил хӏорихъ цебе букӏараб базаги къачӏан, тӏадеги бакӏалги ран, чачаназ гьениб бана 1200 квадратияб метр гӏатӏилъи бугеб спортивиябгун туристазул комплекс. Риидалил заманалда къокъаби гьарун хӏухьбахъизе рачӏарал туристаз цӏун букӏуна хӏорил рагӏал. Туристаз экскурсиял гьарула сверухъ ругел мугӏрузде, цере некӏсиял росаби рукӏарал бакӏазде, русбузда лъедола, ччугӏа ккола. Гьениб аскӏобго буго 1972 соналда СССР гӏуцӏаралдаса 50 сон тӏубаялъул хӏурматалда Дагъистан АССРалъул ва ЧИАССРалъул гӏолилаз Гӏандадерил хӏорихъ тӏобитӏараб фестивалалъул гӏахьалчагӏаз Дагъистаналъул рахъалда чӏараб накӏкӏил рохьги. Гьитӏинабго бакӏалда чӏун рукӏарал гъутӏбузул, Болъихъ рохьил магӏишаталъ гьабураб тӏалабалдалъун, лъеберго гектаралъул рохь гӏун буго. Туристал гьениреги уна тира-сверизе гурелги, гӏурдахӏан, гӏисинпихъ бакӏаризеги.

Гьебго заманалда, абизе ккола, хӏорил рагӏаллъиялъул цӏикӏкӏараб рахъ Дагъистаналъул бугониги, нилъераца гьелдаса пайда босиялъе щибго гьабулеб гьечӏо. Гьанже республикаялда туризм цебетӏезабиялде кӏвар кьезе байбихьун бугелъул, хьул буго Гӏандадерил хӏоралде пикру буссинабилин.

Тарихиял

лъугьа-бахъиназул нугӏ

Тарихалда бихьизабухъе, Гӏанди хӏор ва жибго Гӏанди росу букӏана некӏо заманалдаса нахъего кӏвар бугел суалал дандразе, гӏагараб ракьалъе хӏинкъи бугеб мехалъги, цогидалги политикиялги жамгӏиялги ишазул рахъалъ магӏарулал ракӏарулеб бакӏлъун.

ХӀII гӏасруялда монголазул аскарал Гелбахъалдаса, Гумбеталдаса Гӏанди мухъалде рачӏунелъул, магӏарулал, чачанал, гъалгъаял Гӏанди хӏорихъ данделъана ахӏичӏев гьоболасде данде рагъизе. Амма къуват цӏикӏкӏараб букӏиналъ нухда дандчӏваралщиналги талавур гьарун, монголал церехун ана.

Чан гъуруш кьезе бугеб?

Улкаялъул президент Владимир Путиницаги РФялъул захӏматалъул министр Максим Топилиницаги чанцӏулго бицана, 2018 соналъул тӏоцебесеб январалдаса хадуб гьабураб лъимералъухъ кьолеб пособиялъул къадар хисизабизе бугин. Хиса-баси гьабизе буго 1,5 лъагӏел базегӏан лъимадухъ кьолеб гӏарцулги. 2017 соналъул 31 декабралда гьабураб лъимадухъ цӏияб пособие кьезе гьечӏо.

Пособиялъул роцен чӏезабизе буго, щибаб регионалда бихьизабураб лъимералъул гӏумруялъе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралда рекъон. Гьеб къадар къабул гьабуна 2017 соналъул кӏиабилеб кварталалда. Щибаб субъекталда чӏезабун буго жиндирго роцен. Масала, Ненецк округалда гӏумру гьабизе лъимадуе гӏолеблъун рикӏкӏуна 21973 гъуруш, Саратов областалда – 9159 гъуруш, Дагъистаналда – 9774 гъуруш. Гьеб гӏарцуда рекъараб къадаралда кьезе буго пособиеги щибаб субъекталда.

Лъие кьезе бугеб?

Цӏияб пособие киназего кьезе гьечӏо. Гьеб кьеялъе кьочӏое босула гӏумру гьабиялъе гӏолеб добго гӏарац, амма лъималазул гуреб, гьезул эбел-инсул, ай хӏалтӏизе бажарулел гражданазул. Гьебги батӏи-батӏияб буго щибаб регионалда. Масала, добго Ненецк округалда чӏезабун буго 21844 гъуруш, Саратов областалда – 9159 гъуруш, Дагъис-таналда – 9922 гъуруш. Цӏияб пособие кьезе буго, хъизамалда вугев щивав чиги рикӏкӏун, гьоркьохъеб къадаралда гӏумру гьабизе гӏолеб гӏарцул къадаралъул цогун бащдаб яги кӏиго бутӏа щивасе щолеб гьечӏони. Масала, эбелги, эменги, цо лъимерги бугеб хъизамалъул хайир букӏине ккола: Ненецк округалда – 98298 гъуршидаса дагьаб, Саратовалда – 41215,5 гъурщидаса дагьаб, Дагъистаналда – 29618,3 гъуршидаса дагьаб. Нагагьлъун гьеб гӏарцул къадар щуго гъурушалъниги цӏикӏкӏани, гьединаб хъизамалъе пособие кьезе гьечӏо.

«Хӏалтӏун бажарулев чиясе гӏумруялъе хӏажатаб гӏарцул гьоркьохъеб къадар улкаялда бащад гьабун буго 11 азарго гъуршида. Цӏияб пособие щвезе ккани, лъабго чи вугеб хъизамалъе моцӏрое къваригӏине буго 50 азарго гъуршидаса дагьаб хайир. Гӏемерисел гӏолохъанал хъизамазе гьеб гӏарац щоларо. Гьединлъидал гьезие цӏияб пособие щвеялде хьулги буго», – ян абуна Пачалихъияб Думаялъул депутат Ольга Баталиналъ.

Кин рикӏкӏине бугеб

хъизамалъул хайир?

Кигӏанасеб заманалъул хайир кьочӏое босизе бугеб, лъимадуе пособие чӏезабулеб мехалда – араб лъагӏалилищ, кварталалъулищ яги ахирисеб моцӏролищ? Гьеб рикӏкӏиналъе квалкваллъун букӏине бугищ дагьалъ цебе эбелалъе кьураб декреталъухъги гьелда цебеккун кьолеб букӏараб моцӏрол харжги? Эбелалъе щолеб хайирлъун, лъимер гьабун хадуб, хутӏула гӏицӏго хӏалтӏулаго чӏезабун букӏараб харжалъул 40 процент. Гьебищ босизе бугеб пособиялъе кьучӏлъун? Кинаб роцен кьочӏое босилеб? Гьелда тӏад ургъулеб буго гьабсагӏаталда хӏукумат.

Масъала тӏубазабиялъе гьадинаб нух бихьизабулеб буго РАНалъул Халкъазул социалиялгун экономикиял масъалабазул институталъул лабораториялъул нухмалъулев Вячеслав Боковас: «Щибго цӏияб жо ургъизе кколаро. Буго пачалихъияб социалияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ закон. Гьелда хъван буго, хъизамалъе кумекалъе пособие кьеялъул мурадалда, гьелъие щолеб цадахъаб хайир чӏезабиялъул къагӏида. Буго хӏисабалде босизе кколеб хайиралъул тайпабазул сияхӏги. Гьезул цӏидасан халгьабула щибаб кварталалда. Гьебго къагӏида хӏалтӏизабула лъабабилеб лъимер гьабурал хъизамазе пособие чӏезабулеб мехалда регионазги – щибаб кварталалда хъизамалъ ракӏаризе ккола жидее щолеб хайиралъул хӏакъалъулъ справкаби. Гьедин гьабизе бегьула цӏияб пособие кьолеб мехалдаги. Дида бичӏчӏула, моцӏрое 10-15 азарго гъурущ щвеялъул мурадалда, хъизамаз балъго гьабизе рес буго жидее хӏакъикъаталда щолеб хайир. Амма, улкаялда гӏадамал цӏикӏкӏинариялъе гӏоло ва хъизамазе кумек гьабиялъул мурадалда, дир пикруялда, низам цӏакъго кьваризабичӏониги бегьула».

Кида байбихьизе бугеб пособие кьезе?

Лъимер гьабураб къоялдасагойищ байбихьулеб пособие кьезе, яги гьеб кьеян гӏарза хъвараб къоялдаса нахъейищ, ялъуни киналго хӏажатал документал ракӏарун хадубищ? Гьел суалазеги жаваб батизе ккола хӏукуматалъ гьаб гӏагараб заманалда жаниб.

Депутат Баталиналъ абулеб буго, пособие кьезе кколин, лъимер гьабураб къоги кьочӏое босун, ай лъабго моцӏидаса документал хӏадурун рахъаниги, лъабабго моцӏрол пособие цадахъго кьезе кколин. Гьебго пикруялъул рахъккола Вячеслав Боковасги. «Гӏолохъанал хъизамазе бигьалъи гьабизе ккола, гьел тӏамизе бегьуларо рекерахъдизе, гӏемерал справкаби ракӏаризе, ай пособие щвеялъул масъала бакӏлъизабизе бегьуларо. Пособиеги кьезе ккола лъимер гьабураб къоялдасанго», — ян абуна гьес.

Эбелалъул капитал

Хъизамалъе моцӏрое щолеб гӏаммаб хайиралъул хӏисабги гьабун, кӏиабилеб лъимер гьабурал хъизамазе кьезе буго эбелалъул капиталги. Гьенибги кьочӏое босизе буго 2017 соналъул кӏиабилеб кварталалда регионалда чӏезабураб моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул роцен. Эбелалъул капиталалдаса щибаб моцӏалъ гӏарац щвезе бегьула, тӏоцебесеб лъимер гьабураб хъизамалъе кьолеб пособиего гӏадин. Гьеб щвезе мустахӏикъаблъун бугищ нужер хъизамали, нужецаго хӏисаб гьабе.

Лъабабилеб лъимадухъ пособие

2018 соналда лъабабилеб лъимер гьабурал хъизамазе хасаб гӏарац кьезе буго 60 регионалда. Гьеб бащалъула регионалда чӏезабураб лъимадуе моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул роценалда. Кинал хъизамазе гьеб кьезе бугебалиги чӏезабула субъекталъ. Кьочӏое босула добго гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул роценги хъизамалъе моцӏрое щолеб гӏаммаб хайирги. Мухӏканлъи цӏехезе бегьула социалияб рахъалъ гӏадамал цӏуниялъул отделалда яги МФЦялда.

Мадихӏат Хӏажиева