Исана апрель моцӏалда 103 сон тӏубала магӏарул газеталъул тӏоцебесеб номер къватӏибе аралдаса.

«Заман» абураб цӏаралда гъоркь бахъулеб букӏараб гьелъул редакторлъун вукӏана Дагъистаналъул захӏматхалкъалъул цевехъан, машгьурав революционер Махӏач Дахадаев ва гьесул кумекчӏужулъун — имам Шамилил вас Мухӏамадшапигӏил яс, Махӏачил лъади Написат.

Газета кьабулеб букӏана Темир-Хан-Шура шагьаралда, Чӏохъа Мухӏамадмирза Мавраевасул басмаханаялда.

Гьелдаса нахъе гьоркьоб къотӏичӏого, цӏарал хисаниги, гьале гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалда жаниб магӏарулазухъе щолеб буго жакъасеб «Хӏакъикъат» газета. Радиоги къанагӏатаб, телевизорги гьечӏеб, доб заманалда газета букӏана нилъер росабалъе цӏиял харбалги, дунялалда ва республикаялда лъугьунеб-толелъулги бицунеб чапарлъун, шагӏирас абухъе, канлъиги нурги мугӏрузда тӏибитӏизабулеб чирахълъун.

Магӏарулазул гӏумру-яшав, рукӏа-рахъин, лъай ва культура цебетӏезабиялъулъ гьелъ лъураб бутӏа бицун хӏалкӏоларебгӏан кӏудияб буго. Газеталъул гьурмаздасан магӏарулазда рагӏана хӏурият ккелелде цере рукӏарал нилъер шагӏирзабазул асарал, халкъиял кучӏдул, абиял, биценал, тарихиял лъугьа-бахъинал.

Цӏадаса Хӏамзатидаса байбихьун жакъа къоялде щвезегӏан магӏарул шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул асарал магӏарулазухъе щвана ва щола газеталъул гьурмаздасан. Киналгоязде гӏунтӏун гьез жидерго творчествоялъулаб ва захӏматалъулаб хӏаракатчилъи байбихьана магӏарул газеталда хӏалтӏиялдаса. Гьелги ккола Цӏадаса Хӏамзат, Ражаб Динмухӏамаев, Асадула Мухӏамаев, Мухӏамад Шамхалов, Расул Хӏамзатов, Абакар Тӏагьиров, Гӏабдулатӏип Шамхалов, Загьид Хӏажиев, Хӏамид Темирханов, Муса Мухӏамадов, Хӏажи Залов, Гӏабдулмажид Хачалов, Фазу Гӏалиева, Хӏажи Хӏамзатов, Хӏажи Гӏарипов, Мухӏамад Сулиманов, Гӏумархӏажи Шахтаманов, Гӏадало Гӏалиев, Тажудин Таймасханов, Гӏабдула Даганов, Мухӏамад Гӏисаев ва гӏемерал цогидалги.

Ана сонал, хисана замана. Буго телевидение, бачӏана Интернет. Амма хисичӏого щибаб рузман къоялъ къватӏибе бачӏуна «Хӏакъикъат» газета. Магӏарул мацӏалда кӏалъалев кӏиго чи вугебгӏан заманалдаги газета цӏунизе ният буго редакциялъул хӏалтӏухъабазул. Гьелъие гъеж гурараб буго нижер коллективалъги.

Нижеца газеталъул тарихалъул бицарал мухъал хъваялъе гӏилла буго магӏарул мацӏалдехун, магӏарул газеталдехун магӏарулал ургъел гьечӏого ралагьулел рукӏин. Бицине ккеларо нилъер мацӏалъул бугеб хӏал, гӏолеб гӏелалда гьеб лъалеб гьечӏолъи, лъималазда гьеб малъиялъе улбуз кьолеб гьечӏеб кӏваралъул. Дагьабниги метерисеб къоялъул пикру гьабулев чияс ахӏи базе ккараб хӏал буго гьеб рахъалъ.

Цересел соназда азарго экземплярцин хъвалел рукӏарал районазда гьел кӏинусго-лъабнусго экземпляр гурого гьечӏо. Гьелде рахинчӏелги районал руго.

Гъоркьисайин абуни «Хӏакъикъаталъул» тираж букӏана 4500 газета. Хӏисаб гьабеха, миллионалдасаги цӏикӏкӏун чи вугеб магӏарул халкъалъул цого-цо бугеб миллияб басмаялъул бугеб тираж. Гьебго заманалда, мисалалъе, нилъедаса кӏиго нухалда къадаралъул рахъалъ дагьал лезгиязул миллияб газеталъул тираж букӏана гъоркьиса 10 азарго экземпляр.

Батӏаго лъагӏалие подпискаялъухъ цӏикӏкӏараб гӏарац унеб гьечӏелъул, гьеб гӏайиб лъилали лъаларо. Нижеда гьениб бихьулеб буго цо жо – ургъел гьечӏолъи. Почалъул хӏалтӏухъабазгун цадахъ районалъул бетӏерги, лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулевги гьеб ишалде гъорлъе лъугьани, подписка цӏикӏкӏунеблъи хӏакъаб жо буго.

Миллат цӏуниялъе ва цо халкъ хӏисабалда гьеб тарихалда хутӏиялъе аслияб шартӏ буго гьелъул мацӏ цӏунун хутӏи. Жакъа гӏадаб бербалагьи мацӏалдеги, миллияб басмаялдеги бугони, магӏарул халкъалъул мацӏалъул къисматалъул ахир кинабдай букӏина?