Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда тӏаде щвараб цӏияб сон!
Бокьун буго киназего гьаризе сахлъи, рохел, рекӏее парахалъи, сабру.
Цӏияб соналъ Аллагьас щивав чиясул рекӏелъ иман цӏикӏкӏинабеги!
Унтаразе сахлъи кьеги, балагьал рикӏкӏалъаги, рахӏматал гӏагарлъаги.
Лъикӏаб гьабизе, квешаб тезе къуватги кьеги Аллагьас нилъее.
Нилъ кидаго рукӏана байрахъулаллъун. Магӏарулазе тавпикъ кьеги, умумуздаса мисалги босун, церехун ине!