Баркула дуда ва тӏолабго «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул коллективалда тӏаде щвараб цӏияб 2020 сон.
Дун вохарав вуго дур нухма-лъиялда гъоркь миллияб газета цӏалдолезе бокьулеблъун лъугьине нужеца бахъулеб хӏаракаталдаса. Гьеб бихьулеб буго ахираб заманалда къватӏире рачӏарал номераздаса, гьенир лъолел ругел магӏнаял ва пайдаял макъалабаздаса.
Баракатаб ва парахатаб батаги нилъее киназего тӏаде щвараб сон.
Гьарула щивасе сахлъи ва рохел.