Араб соналда 80 сон тӏубана ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, ДРялъул мустахӏикъав учитель, Стальское росдал гимназиялъул педагог, машгьурав композитор Гӏали Абакаровас.

Гьев гьавуна Цӏунтӏа районалъул Кидиро росулъ. Лъабго сон бараб мехалда хвана эмен. Дол захӏматал соназул хӏакъалъулъ гьадин ракӏалдещвезабуна Гӏалица: «Рагъул кьогӏлъи бичӏчӏуларо, гьеб бихьичӏев чиясда. 1942 соналда, унтизеги унтун, хвана эмен. Букӏана захӏматаб заман. Гьеб захӏмалъи жеги цӏикӏкӏана, 1944 соналда – нижер районги биххизабун, цӏунтӏал гочинаруна Чачаналде, Ведено районалде. Гьениб лъугӏизабуна дица анкьгосонилаб школа. Гьеб заманалда, ай 1957 соналда ниж тӏадруссинаруна гӏагараб ракьалде. 1958 соналда ахӏана армиялде.

Гьениса вуссиндал дун ахӏана Бежтӏе — доб заманалда районалъул центр букӏана гьениб. Дица кечӏ ахӏулеблъиги музыкалиял алатазда бакънал рачунеблъиги лъан, дун тӏамуна Культураялъул рукъалъул директорлъун хӏалтӏизе», — ян.

Культураялъул рукъалъул директорлъун хӏалтӏулеб заманалда Гӏали Абакаровасги, Культураялъул рукъалъул художествияб рахъалъ нухмалъулей, ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Зугьра Абакаровалъги байбихьана халкъияб кӏалзул гьунарал данде гьаризе. Гьез ракӏарана кучӏдул, цӏех-рех гьабуна кьурдабазул, сценаялдаса рихьизаруна гӏумруялъул сурарал рахъал къватӏир чӏвазарулел сценкабигун интермедиял.

Гьесул жигарчилъиялъе муста-хӏикъаб къимат кьуна республикаялъул Культураялъул министерствоялъ: 1967 соналда гьесие кьуна «ДАССРалъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏар.

1967 соналда Гӏали ана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул музыкалиябгун педагогикияб факультеталде цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, 1971 соналда байбихьана Буйнакскиялъул педучилищалда хӏалтӏизе.

1976-1979 соназда хӏалтӏана гӏагараб росдал школалда цин завучлъун ва хадув – директорлъун. 1979-1983 соназда гочана Дубки поселокалде – гьенивги хӏалтӏана Лъималазул музыкалияб школалда музыкаялъул учительлъун. 1983 соналдаса нахъе хӏалтӏана Гъизилюрт районалъул Стальское росдал гимназиялда учительлъун.

Гӏ. Абакаровасул кӏудияй яс Бика Гӏалиева ккола ЦОДОУ ЗОЖал-да гьоркьобе унеб Качалай росдал гьоркьохъеб школалъул директор. Гьелъ данде гьарун руго эбелалъулги (Зугьра Жамалудинова) инсулги (Гӏали Абакаров) художествияб хӏаракаталъе нугӏлъи гьабулел гӏемерал баянал. Руго гьезда гьоркьор композиторасул гӏолохъанлъиялъул гӏужалъул бицунел ракӏалдещвеялги.

ДГПУялъул музыкалиял алатазул кафедраялъул доцент, ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Абусупян Гӏалихъараевас бицана:

— Гӏали Абакаров цӏализе лъикӏав вукӏана. Гьесулъ букӏана тӏабигӏаталъго лъураб пагьму. Магӏарул музыка цебетӏезабизе кӏудияб хӏаракат бахъана Гӏалица. Гьес мухӏканго тӏасабищулаан жиндир бакъаналъе рекъонкколел рагӏаби.

Магӏарул радиоялда гӏемерал соназ хӏалтӏарав Хӏажи Мамаевас бицунаан:

— Нижеца гӏумру гьабулеб букӏана цо общежитиялда. Радиоялда хӏалтӏулаго, дида ратана Гӏалил музыкаялда машгьурал кочӏохъабаз ахӏулел гӏемерал кучӏдул. Масала, гьел ахӏулаан Даку Асадулаевас, Муи Хӏасановалъ, Ахкубек Хӏажиевас, Манарша Дибировалъ, Хӏайбула Мухӏамадовас ва цогидаз.

Ракӏалда буго, студентлъун вугеб заманалдаго, гьесда гьарана Мажид Шамхаловасул «Якьад» абураб спектаклялъе бакънал хъвайилан абун. Кӏудияб жавабчилъигун, гӏемер тӏадги хӏалтӏун, тӏубазабуна Абакаровас гьеб тӏадкъай. Бакъналги лъугьана цӏакъал. Гьел бакъназда спектаклялда ахӏулел «Мун ана» ва «Их» абурал кучӏдул хехго машгьурлъана халкъалда гьоркьор.

Гъизилюрт шагьаралъул №8 гьоркьохъеб школалъул педагог Мадина Насрудиновалъ бицана:

— Тӏоцебесеб дарсида Гӏалица музыкалияб алаталда бакъан бачараб мехалда, ракӏбахиллъун ялагьун хутӏана дун. Дихъаги бажарулебанищин ккана ракӏалде. Ахирги, яхӏ гьабизе кӏвечӏо, бицана учителасда дирго анищ. Гьелдаса нахъе байбихьана дарсал. Цо чанго соналъ тӏадчӏун малъана аккордеоналда бакънал рачине. Хадуб абуна Избербашалъул педучилищеялда цӏализе. Ва дир учитель живго вилълъана гьениве щвезегӏан дида цадахъ. Гьелде тӏадеги, цӏалул соназда чанцӏулго вачӏана дир ахӏвал-хӏал лъазабизе. Гьес дида абулаан: «Дарсида щвараб лъаялда гӏей гьабун чӏоге, Мадина. Цӏале тӏахьал», — ан.

Гьанжеги дун гӏемер щола дирго учителасухъе. Хӏажатаб тӏехь, нотаби ва цогидаб батула дида гьесул бечедаб библиотекаялда. Дица дарсал кьолел классазда чарагьечӏого малъула Гӏали Абакаровасул кучӏдулги.

Гӏумруялъул нухал халатал ругин ккола, амма цо-цоязул гьел паркъун уна, цо лахӏзат гӏадин, чӏамучӏлъичӏого, чидае зарал гьабичӏого. Гьедин ана Гӏали Абакаровасул гӏумрудул 80 сонги. Гьелъие сабаблъунги ккана жиндирго лъай камил гьабиялъе хӏаракат бахъи, цо нухалда тӏасабищараб Дмитрий Кабалевскиясул лъай кьеялъул къагӏидаялъе ритӏухълъи цӏуни, гӏадамазе кумек гьабулаго, жиндирго ракӏалъе щолеб рахӏатгун хӏалхьиялдаса пайда боси.

Гӏали Абакаровасул кучӏдул ва бакънал рихьизарун руго миллияб лъай кьеялъул идараялда малъизе кколезул сияхӏалдаги.