Пал тӏамулев херав чи къватӏиве вахъанила.
Гьев кверал хьвагӏизе, хӏанчӏи къватӏире риччазе лъугьанила. Щибаб хӏанчӏил жинди-жиндир хасаб цӏарги букӏанила. Херав чияс, тӏоцере кверал хьвагӏаралго, тӏоцебесеб лъабго хӏинчӏ боржун анила. Квач, цӏорой лъугьинабунила.
Палихъанас кӏиабилеб нухалъ кверал хьвагӏа-ралго, кӏиабилеб лъабго хӏинчӏ боржанила. Гӏазу биине лъугьанила, хурзабахъа гӏебеде тӏугьдул раккизе рекӏанила.
Херав палихъанас лъаб-абилеб нухалъги кверал хьвагӏанила. Лъабабилеб лъабго хӏинчӏги боржанила. Багӏарун, гьелегьун букӏанила. Рекьарухъаби бугӏа лъилъизе лъугьанила. Херав палихъанас ункъабилеб нухалъ кверал хьвагӏаралго, нахъеги лъабго хӏинчӏ боржун анила. Квачараб гьури пунила, тӏатӏалаго цӏадал ранила, гӏодонакӏкӏ лъезе лъугьанила.
Хӏанчӏи гӏадатияб тайпаялъул рукӏинчӏила. Щибаб хӏанчӏил ункъ-ункъ кваркьи букӏанила. Щибаб кваркьиялдаги анкь-анкь малърал рукӏанила. Щибаб милъиралъул жинди-жиндир цӏарал рукӏанила. Малърал бащдал чӏегӏерал, бащдал хъахӏал рукӏанила. Хӏанчӏица цо нухалъ хьвагӏарабго, цӏакъго-цӏакъ гвангъун, цоги нухалъ хьвагӏарабго, цӏакъго-цӏакъ бецӏлъун лъугьунаанила.