Кир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?

Магӏарул мацӏ бокьулел, Магӏарулал рокьулел?

Кир ругел, магӏарула? Кин ругел, магӏарулал?

Мацӏалда чӏвалеб къоно кквезениги щоларел?

Кир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?

Магӏарул руччабазе кумекалъе щоларел?

Кир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?

Нуже-нужер бакӏазул рахӏат цӏунунищ ругел?

Кир ругел ,магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?

Тӏу-тӏун балеб жидер мацӏ цӏунизе рачӏунарел?

Кир ругел, магӏарулал? Кин ругел магӏарулал?

Магӏарул яхӏ-махӏалъул чанги харбал рицарал?

Кир ругел, магӏарулал? Дир цӏакъал магӏарулал.

Цӏадулъе нижги рехун, рахчун руцӏцӏун чӏун ругел?

Кин ругел, магӏарулал? Кинида гӏадин ругищ

Кинидахъ кечӏ ахӏараб мацӏги къаникье тӏамун?

Кир ругел, дол бихьинал? Дол магӏарул бихьинал

Магӏарул руччабазул ахӏи рагӏулеб гьечӏищ?

Кир ругел, магӏарулал? Цӏакъал дир магӏарулал,

Цӏакъал харбалги рицун хвезе мацӏги тун чӏарал?

Кир ругел, магӏарулал? Рахӏат цӏунунищ ругел?

Рахӏат хун ругьуназде мацӏ цӏуниги рехун тун?

Кин ругел, магӏарулал? Дир магӏарул бихьинал

Кваназе ретӏизе жо камичӏого ругелищ?

Ратани, гьеб гӏелаха, хутӏараб нужее щай?

Баси хвани гьан щвела, гьоко хвани цӏул щвела.