Кинха рукӏинел, Сарат,

Расги лъикӏаб хӏал гьечӏо —

Лъади къураб къайи-керт

Къанагӏат батуларо

Бер къинкӏани къватӏибхун,

Къоца магӏирукъ лъола,

Къоролалда квер хъвани.

Хъахӏилаб цӏа бакула

Ислам-диналъ беццараб

Магьар лъелин кӏалъани,

Кӏудияв суфийилан,

Моцӏаз, саназ ссур пула

Санагӏат « рекъечӏого»,

Рокъове кватӏанани,

Кӏутӏбиги хъахӏил гьарун,

Хъумурин рогьо бала

Рагьунги хӏалбихьана —

Хӏалхьи кьечӏо кьвагьадаз,

Бахчунги цӏакъ къеркьана —

Къуркьичӏо къо бухӏадал

Кинха ниж ругел, Сарат?-

Сородилел, гьардолел

Руччабазул судалда

Санал дагьал кьегиян

Маданият кӏочана

Нужер кӏарчанлъи бихьун,

Адабият рихана,

Бахул мухбир яхъиндал.

Кинха ниж ругел, Сарат

Расги лъикӏ гьечӏо, гьудул

Авар мацӏ кин цӏунилеб,

Нижго цӏунани гӏела