РАМЗАН:

Ахӏун хӏурмат гьабуна,

Иномарка дуй щвана,

Шамил дица какидал,

Кинха мун тӏад рекъечӏев?

ХӏАБИБ:

Хӏурматалъухъ баркала,

Даим кӏочон теларо.

Амма машинабазухъ

Шамил дица кьоларо.

ИМАМ ШАМИЛ:

Нижер араб замана

Занабакь кьижун буго,

Рукьбузулгун кьал ахӏи

Бахӏарчилъи кколаро.